МагъчIваялъе рес

Расулил машгьурал шагIираздехун дагIба


Нилъеца араб гьатIан къоялъ бицун вукIана авар адабияталде вачIарав цIияв чиясул. Гьесда цо дагьаб лъалхъиги гьабун гIатIидго бицине ккезе буго поэзиялде вачIиналъул, машгьурлъиялъул ва гьес хисизабураб шигIру-кечIалъул. Цебеххун абухъе гIолев вукIана кIудияб амбициязул ва паччахIаб пикруялъул шагIир.

Гьелъ бицунеб букIана "хадуб гьев чияс хъуй гьабизе" букIин. РукIинчIо гьесие киналгIаги авторитетал адабияталда. Гьев роцIцIарал бераз валагьулев вукIана дунялалъухъ. Гьедин валагьулев вукIиналъе цо мисал. Лъеберабилел соназда Москваялда Хъвадарухъабазул съездалде арав Сулейман Стальскиясда Максим Горькийица "Гьав вуго ХХ гIасруялъул Гомер" абиялъ Сулейман лъугьун вукIана Дагъистаналда бищунго машгьуравги, аслиявги шагIирлъун.

Конъюктураялда рекъон бакъан бачунел соназда киназго веццизе кколаан гьев, веццулевги вукIана, хIатта гьесда цадахъ съездалде арав ЦIадаса ХIамзатицаги веццана. Кинабха букIараб хIакъикъат? ВукIанищха Сулейман Стальский гьесул машгьурлъиялда рекъараб гьунаралъул, халкъ асир гьабурав шагIир? СССРалъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председателдъун вугев Горькийида вихьизавула цо кIудияб тIагъурги лъурав, батIиял чарухъалги ретIарав чи гьав вугин Дагъистаналдаса вачIарав шагIир СтIал Сулейман абун.

ТIаде жоялъе абун буго асда хъвай-цIалиги лъаларин. Гьеле гьеб "лъавукълъиялъ" щвараб буго Стальскиясе машгьурлъи хIакъиъкталда бугеб жо бугеб хIалалъ абизе ккун батани. Горькиясухъе гьесул кучIдул ва гьезул таржама щвечIо. Щвезе гьел рукIинецин рукIун ратиларо доб заманалда кагътида хъварал. Горькийий хIажат букIана халкъалда бихьизабизе хIурият бергьиналде цебе букIараб гIалхулаб, бецIаб заманалда данде ккун советазул пачалихъалъ шагIир кIодо гьавулев вугин. Гьале хIикматаб гьунар бугев чи тун вугин хъвай-цIали лъачIого, цIияб улкаялъ ворхулев вугин абизе.

Гьелъ реххарал рукIана жакъаги киназго такрар гьарулел ва киса-кирего хъварал "Стальский - ХХ гIасруялъул Гомер" абурал рагIабиги. Гомер беццав вукIанин, ав хъвай-цIали лъаларев вугин, хIасил кIиябго цохIого жо бугин абураб пикруялда. РукIанищха гьел шигIрияб гьунаралъул рахъалъ цого чагIи? РукIинчIеблъи хIакъаб жо буго.

Чунгуралда Сулейманица падар мацIалда ахIулел рукIарал жал лезгиялдеги руссинарун, гьениса гIурус ва магIарул мацIалдеги руссинарун щвана нилъехъе. ТIад руссинин Расулиде. Гьев кIудияв гIолев вукIана гIадамазе инсул кучIдулги цIалун, цо-цо жиндиралги хъван. БичIчIулеб букIана гьесда гьев киса-кивего понцIозавулев Стальский кучIдухъ балагьарабго гьедигIан кутакав поэт гьечIевлъи.

Гьелда цадахъго съездалде арав жиндир эмен ЦIадаса ХIамзат хасаб рецц гьабичIого вуссана, Стальский машгьурлъана, гьелъги рахIат толеб букIун батуларо гьесие. ХIамзат досда данде гIелмуги лъалев, цIакъ гIакъилавги, пасихIавги чи вукIана. Гьебги бичIчIун гIолохъанав Расулица кIал кьабуна Стальскиясда:

"Гьамгьалеб кIал бихьун Максим Горькияс,

Гомерин абуна гьав ахIмакъасда.

ГьацIул бицунилан кIал гьуинлъулищ

Дов беццасда гьасул гьуртIи релълъинчIо..." - ян.

Хадув улкаялъ жиндасаго "Стальскийги гьавураб" конъюктураги цIунизе ккараб мехалда гучав чи вукIанин веццана. Гьесда лъалаан щиб рорженалъул хIинчI Стальский вукIаравали. Гьедин гIолев вукIана Расул кIудияв. Аваразул аслияв ва бищунго халкъалъ къабул гьавурав шагIир вукIана ЦIадаса ХIамзат. Амма гьесда мех-мехалда рагIулеб букIана гIадамаздаса: "КигIан СССРалъ машгьур гьавуниги веццаниги ХIамзат ХъахIабросулъе МахIмудиде вахунарин" - абурал пикрабиги.

Лъалеб жо буго гьедин шагIирзабазул гьунар борцине бегьулареблъи ва гьев кIиявго батIи-батIияб нухлул, хатIалъул, хъвалеб къагIидаялъул шагIирзаби рукIин. Амма кигIанго кин бугониги бокьилищха гIолохъанав васасе жиндир инсудаса щивалиго тIокIав вугин абулеб рагIизе? Гьелъул хIасилалде щун букIанин ккола цIал Стальскиясда.

Гьединго критика гьабуна МахIмудиеги. Бицунелъул ХIоцоса Нажмудиница аварагасде (жинда салам лъеяв) назму щай гьабуларебин абидал МахIмудица абун бугила: "Аварагасухъ ккечIогоха дир рокьи Бекьилъа Муихъ ккун букIун" абун вухизавунила МахIмудин. Гьеб соцреализмалъул пропаганда букIун батизеги бегьула Нажмудин квеш вихьизавизе тIибитIизабураб, амма абулаан гьедин. Цойги абула Нажмудилинил куйдул рикъун вуххизавунин гьеван. ХIакъикъат Аллагьасда лъала. Гьеб рагIарав, гъоркьгоги инсудаса гъосул гьунар бугин халкъалъ аби къабулъичIев Расулица хъвана МахIмудиде гьал рагIаби:

Меседил гIадалнах, гIарцул гвангвара,

ГIадада кидаго хвелароан дур.

Чияхъе буххизе мугъ реххичIого

Дурго тушбабигун вагъаравани" - ян.

Хадув кIудиявги гIураб, гIаламги бихьараб, гIакълуги щвараб мехалда бичIчIана досда жиндие МахIмудидаса кIодолъи къун бергьун гурони щвезе гьечIеблъи: "Хъах1абросулъа МахIмуд - мун тIохда тIамур хъвалев, дун ахада чIун вуго, чIваби рекъоларого" - ян хъвана гьесде хадусел соназда. Ахада чIечIо Расул, гьев ана жеги цевехун цониги шагIир вахичIеб борхалъиялде. Гьелъул бицина иргадулаб гьатIанкъоялъ. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG