МагъчIваялъе рес

Нилъеда лъаларев ЦIадаса ХIамзат


Цlадаса Хlамзат (бакьулъ), "Магlарул большевик" газеталъул хlалтlухъабазул дандчlваялда. 1941 сон. Сураталъул автор лъаларо.
Цlадаса Хlамзат (бакьулъ), "Магlарул большевик" газеталъул хlалтlухъабазул дандчlваялда. 1941 сон. Сураталъул автор лъаларо.

ГIемерисезда ккола, масала, Дагъистаналъул машгьурав шагIир ЦIадаса ХIамзатил кучIдуздасанги, гIалимзабазул тIахьаздасанги гьесул гIумруялъул лъалареб жого батиларин.

ЦIадаса ХIамзатил хIурияталда цебесеб гIумру, гьесул гIумру лъазабулез чанго махсародул кучIдул хъваялдаги, гIараб цIаларав шаргIияб диванханаялъул диванчи вукIанин абураб рагIиялдаги къокълъизе толеб буго. Гьадин бицана гIараб мацIалъул мугIалим, ЦIадаса ХIамзатил ирс лъазабиялда тIад хIалтIулев гIалимчи МухIидинов Шамилица.

МутагIиллъи

ХIакъикъаталдаги, ХIамзатил лъимерлъи ва гIолохъанлъи ана мутагIиллъиялда. Амма мискинал гIадамазул лъималазде бербалагьи киданиги лъикIаб букIинчIо. Гьединаб захIматаб мутагIиллъиялъул гIумруги хIехьон балагьараб букIана ХIамзатицаги гIелмуян хъвалеб буго мугIалим МухIидинов Шамилица. Гьесул рагIабазда рекъон, ХIамзатица «Мухтассар» ва «Тасриф» абурал тIахьал ЦIадаго, Юсуп-къадиясдасан цIалун руго. ХIамзатил гIумру лъазабиялда тIад хIалтIулев МухIидинов Шамилица бицухъе, гьитIинав чи ХIамзат, гьижрияб тарихалъул 1310 соналъ, имгIалас цIализелъун кьун вуго аскIоб бугеб Гиничукь росулъе. Гьес гьениб цIалун буго гIараб мацIалъул грамматика, ай нахIви ва сарф. Гиничукь гьесда гIелму малъун буго ХIариколоса ХIажиявдибирас. Гьениб, цо къадаралъул гIелмуги босун, ХIамзат цIализе ун вуго ТIанусиве. Гьенив вукIарав дибирас къабулги гьавичIого ХIамзат ун вуго ГIахьалчIиве.

ГIахьалчIив, гьеб заманалда къадилъун вукIун вуго ГIараби абун цIар бугев чи. ГIарабица ХIамзат мажгиталда тун вуго, амма гьес къо-бакъ инегIан жиндиего хIалтIизе тIамулев вукIун вуго. Напакъа кьун бугилан квенги кьолеб букIун гьечIо. ВачIун ункъабилеб къоялъго ХIамзатги, гьенив гъоркь ватарав ГIободаса ГIабдулпатахIан абулев васги, Харахьире ун руго.

Гьоболас кумекги гьабун ГIабдулпатахI Харахьиб росдал мадрасалде восула. ХIамзатин абуни къабул гьавуларо. Гьенисан чанго росулъеги щун, ахирги ХIамзат ГIандиве ккола. Гьенивги къабул гьавичIого уна Чачаналде, ЦIуматари абураб росулъеян бицана тарихчи Гьиматил Камилица ва гьес бицухъе, гьеб росулъ дибирлъун вукIун вуго ГIободаса Дибирдада абурав чи.

Гьиматил Камил: «Жидерго мухъалдаса гьединав чи вугинги рагIун ун вукIун вуго ХIамзат Чачаналде. Дибирдадада аскIоб бан буго кIиго моцI ва кIиго моцIидасан Дибирдадал дибирлъиялъул заманги лъугIун, гьев нахъе унев вукIун, ХIамзатги нахъе вилълъун вуго. Гьениса нахъе вачIунаго хIатIида ретIине хьиталги рукIинчIого, хIатIида гIицIго нухда квине квен балагьизе хьвадизе ккун вуго ХIамзат. Гьедин, ХIамзатил хIал бичIчIарав цо херав чачанас, ракIгурхIун гьесие тIогьиса рагьарал хьвацIил чарухъал кьун руго. Гьелги ретIун ХIамзат Чачаналдаса рокъове 4 сордо-къоялъ вилъун щун вуго. Гьеб мехалда ХIамзат вукIине ккола жеги михъида хIур чIвачIев гIолилав».
Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, ХIамзатил эбел унтун, дагьай тохлъун лъугьун йикIун йиго.

Цlада росу
Цlада росу
ХIамзат Чачаналдаса вуссаравго эбелалъ дандеги яхъун гьесда абун буго: «Мун кив вукIарав, радалалдаса нахъе, квенги цIорозе тун», - илан. Эбелалъул мадар лъугьун батизе букIараб хьулги хIорлъун, ХIамзат нахъеги 21 къоялъ хьвадун вуго мутагIиллъиялъе бакI балагьизе, амма гьев къабул гьавулеб бакI ккун гьечIо. Ахирги гьев ун вуго Хунзахъа, росулъ дибирлъиги щвечIого мутагIилзабиги рачун Манасаулалде арав, гьенибги дибирлъи щвечIого нахъе вачIарав ГIалимухIума-дибирасухъе».

Гьиматил Камилил рагIабазда рекъон, 1910-15-абилел соназда ХIамзат цIалула ХIариколоб. Гьениб ХIамзатица ХIариколоса ХIажихIумил вас МухIаммадидасан цIалула мантIикъ (логика), Муназара (бахIсалъул гIелму), усул, ай шаргIалъул аслиял кьучIал, гIакъида, тавхIид гIелмаби, жавамигI ва гIакъаид абурал тIахьал.

Адабияталде тIамураб гали

ХIамзатил лъай-хъвай букIана машгьурал гIарабиязул шагIирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун, адабияталъул асаразулгун абун хъвалеб буго тарихчи Гьиматил Камилица, «ЦIадаса ХIамзатил гIумру ва адабият» абураб макъалаялда. Гьесда лъалел рукIун ругила машгьурал гIарабиязул шагIирзаби Имриул Къайсил, ХIусайнил, Абу-Навасил асарал. Гьесда рекIехъе лъалаанила гIемерал кучIдул ва Низамил «Лейла ва Мажнун».

Гьиматил Камил: «Цо шигIруялда, Абу-Навасица ракI бахъулеб хIалалъ йокьарай чIужуялдаги, гIащикъзабаздаги, чагъир гьекъезабулев чиясдаги гьоркьоб ккараб бахIсалъул хъван буго. ХIамзатица хIалбихьун буго гьеб цIияб знаменателалдалъун чIвазе. ХIамзатил лъай-хъвай букIана «Азаралда цо сордо» гIадал гIарабазул машгьурал асаразулгунги. ХIамзатица жинцаго гIараб мацIалъ хъваралъе тIадегIанаб къимат кьуна Дагъистаналъул машгьурал гIалимзабаз, гьелъулъ цо хаслъиги, ракIтIаде цIалеб берцинлъиги бугин абулаан гьез. ХIамзатица цо-цо гIараб тIахьазе шархIалги хъвалаан. Гиничукьа ХIажияв-дибирасул вас МухIаммадица къаралазул гIалимзабазул хIакъалъулъ хъвараб тIехь I922 соналъ ХIамзатица бичун босун буго ва гьелда тIад жиндирго рахъалдасан баяналги хъван руго. Хасго гIемерал баянал хъван руго Къарахъа МухIаммадтIагьирил хIакъалъулъ хъварал тIахьазда».

Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, ХIамзатил музеялда ругел тIахьазухъ балагьараб мехалда, гьенир ратулила гIараб мацIалда Дюмал, Виктор Гюгол ва цогидалги Европаялъул машгьурал хъвадарухъабазул хIакъалъулъ гIарабалъ гьарурал хъвай-хъвагIаял. Гьеб киналъго бихьизабулила ХIамзатил гIелмияб лъаялъул гIатIилъиги гъварилъиги. Гьеб лъай хасго фикъгьи гIелму гъваридго лъаялъе ХIамзатие квербакъун бугила батIи-батIиял росабалъ дибирлъун хIалтIизе ккеялъги. «ЦIадаса ХIамзатил адабияб ирс» абураб тIехьалда, гьесул вас ХIамзатил ХIажияс хъвалеб буго ХIамзат дибирлъун хIалтIанила ХIариколо, ЦIада, Генув, Гьарадерихъ ва Манасаулалда. ЦIада дибирлъун вугеб мехалда ХIамзат Хунзахъ участкаялъул бетIерлъуда вукIарав Тарасовас жиндирго хIалтIи гIемерлъидал Хунзахъе хъвадаризе ахIулев вукIун вуго.

Цо нухалъ ХIамзат вугеб бакIалда Тарасовас, туманкI сабаблъун, Хунзахъ районалъул ГIуркIачIиса ХъихьмухIамида цIал кьабун буго. ХIамзат ХъихьмухIамил рахъккун Тарасовгун къацандун вуго. ХIакимас ХIамзатида бичIчIизабун буго, гьединал жал рицани жинца гьев жанив тIамилилан. Гьелдаса нахъе ХIамзат кигIан ахIаниги начальникасул дове хIалтIизе ун гьечIо ва ХъихьмухIамие губернаторасухъе гIарза хъвазе кумекги гьабун бугоян хъвалеб буго ЦIадаса ХIамзатил адабияб ирс» тIехьалда.

МугIалим МухIидинов Шамилица бицухъе, цо нухалда Хъайтмаз ГIалихановас Хунзахъа гIалимзабиги ахIун большевиказул гьабулеб рагъулъ хъазахъазулгун рекъел гьабун, гьелгун рахъине кколин абидал, ХIамзат гьесда тIад рекъон рагIуларо. ХIамзатица абун буго рекъел большевиказулгун гьабизе кколин. Гьесул рахъккун буго ХIариколоса МухIаммадицаги. Цогидал гIалимзабаз, Хъайтмазие бокьухъе, хъазахъалгун рекъезе кколин абун буго. Данделъи, цо пикруялдеги рачIинчIого, хIасилги ккечIого биххун буго. Данделъиги биххун къватIире унеб мехалда БакьагьечIиса гIалимчи Жамалудиница ХIамзатида абурабила: «Огь, дун Аллагьасукьа хIинкъун вугеб куц, ракIалда бугеб жо гIадамазда абизеги кIоларого», - ян.

ХIамзатицаги абун буго: «Дунги Аллагьасдаса анцIгогIан Хъайтмазикьа хIинкъун вуго, метер гъосде аскIове хъулухъалъ ине кколелъул», - абун. Хъайтмаз гьеб мехалда Авар округалъул начальниклъун вукIана.

Гьелго хъазахъазулгун хурхен гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гьелдаса цебе Хъарагишил колода гIалимзабазул данделъи ХIоцоса Нажмудиницаги ахIун букIанаян бицана Гьиматил Камилицаги. Гьес бицухъе, Нажмудиница жиндирго кIалъаялда хъазахъазде руссине ккеялъе гIиллалъун рачунел рукIун руго батIи-батIиял генералзабазул рагIаби. Киналго гьесда хадур рилъине къасдалда Нажмудинидехун гьетIулелги рукIун руго. Гьениб ХIамзатица рагIи рехун рагIула «Нажмудинил нугIзал гIадилал, божизе бегьулел гьечIин, гьединлъидал гьез бицаралдаса нилъедаго бихьаралда божун лъикIин», - абун. Халкъалда ХIамзатил пикру берцин бихьула ва гьеб данделъиги хIасил ккечIого биххула.

Хунзахъа Испагьиев ХIамидица ва ХIусенов ГIумардибирица ХIамзатил хIурияталда цебесеб гIумруялда тIад хIалтIулей йикIарай гIалимчIужу Испагьиева Башатихъе хъварал кагътаздасанги, хъвай-хъвагIаяздасанги бихьула ХIамзатил гIумруги, гьесул гIелмуялъул даражаги, диналъулгун букIараб гьоркьоблъиги нилъеда букIине кколеб куцалда лъалеб гьечIолъи.
XS
SM
MD
LG