МагъчIваялъе рес

Заманалъул бергІеличІал: «Книготоргалъул» бакIалда «Барашка»


Исанасеб сон Россиялда литератураялъул сонлъун лъазабиялда бан, 20 февралалда МахIачхъалаялда ГIурус театралде данделъун рукIана хъвадарулел чагIиги, республикаялъул нухмалъулелги, гьалбалги, цогидалги.

ШагIирзаби гIемерал Дагъистаналъул мадугьалзабазда гъорлъ Гуржияги Азербайжанги рехсана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Амма советияб заманалда улкаялда бищун къуватаб Хъвадарухъабазул Союз Дагъистаналда букIанин абуна гьес. ГIадатго бицунеб хабаргицин дагъистанияз кочIохъе бицунила. Дагьалъ цебегIан гьес цо мухъалъул газеталда цIалун бугоан росулъ къачIараб иццул хIакъалъулъ. Амма гьеб хъван букIанила харбихъе, мугIруздаса биун бачIунеб гIазулги, цIоролги, чIурканаб тIабигIаталъулги бицун.

РагIуе бегIерлъиги пикруги букIаниги, Дагъистаналъул шагIирзабазги хъвадарухъабазги, хасго ахираб заманалда, рорхичIин халкъалъе къваригIарал суалалин абуна ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дагъистаналъул гIемерисел поэтаз асарал хъвана хъачагъазеги хIалихьалщинал чагIазеги сайгъат гьарун. Кив вугев гIадатияв чи, кив вугев живго поэт, пачалихъ? Машидат Гъайирбеговалъ дир хIакъалъулъ хъван буго тIехь. Амма хас гьабун цо дир хIакъалъулъ хъвазе кколароан. ТIолабго жамгIияталда бугеб хIалалъул хъвазе кколаан».

Республикаялъул бетIерас гьединго ракIалде щвезабуна Калмыкиялъул халкъияв поэт Давид Кугультиновас абураб рагIабиги. Нужер дора гьанже поэтал гIемер ругищин гьикъидал, гьечIилан бицанила Кугультиновас, советияб заманалда жидее щибаб мухъалъухъ кьолаанила гIарац, гьанже кьоларила.

ГIарацги кьунищин хъвадарулел рукIарал АбутIалиб Гъафуровги, ГIумарил Батырайги, Ирчи Хъазахъги, цогидалгиян абуна республикаялъул бетIерас.

Дагъистаналда литератураялъул гьедигIан квешаб хIал гьечIин рикIкIунеб буго Марина АхIмадовалъ.

Марина АхIмадова: «ЗагIипал асаралги ратила, дир хIисабалда, бахIсал къваригIун руго. КъваригIун буго нилъерго гIунгутIаби рихьизеги. Гьеб мехалда кIола нилъеда дунялалдаго рагIараб Дагъистаналъул адабият цIигьабизе».

КочIохъан МухIамад ГIабасовас рикIкIунеб буго магIарул шагIирзабаз аслияб куцалда хъвалел ругин рикIкIунел кучIдул. АхIулел кучIдул дагьал ругин.

МухIамад ГIабасов: «Нилъераз кидаго хъвала цIалулел кучIдул. Щайин абуни ахIизелъун хъвалеб бугони, поэт вукIине ккола музыка бичIчIулев чи. Такрарлъи гьабун хъвала ахIулел кучIдул: берал, берал, берал берцинай гьудул».

КочIохъанги шагIирги Къурбан КIулизановас гьадинаб къимат кьолеб буго жакъасеб адабияталъе.

Къурбан КIулизанов: «Поэтазда гъорлъеги рачIунел руго хIалакъаб поэзиялъул чагIи. Батизе бегьула гьездаги жидерго нух. Амма доб поэзиялдеги, дол шагIирзабаздеги гьел рахунароха».

Жакъасел поэтаз хъварал жал щолел гьечIин цIалдолезухъеян рикIкIуна дагъистаниязул цо къадаралъ.

Гьелда бан гьадинаб пикру буго шагIир ТубхIат Зургьаловалъул.

ТубхIат Зургьалова: «ЦIалдолезухъе щолел гьечIелъулха тIахьал. АхIдола дораса-гьаниса, ТубхIат, киса щолеб дур тIехь абун. Доб мехалда гIадин «Книготоргги» гьечIо гьанже. Хъвадарухъабаздаги цIалдолездаги гьоркьоб кIкIал лъугьун буго. Цебе «Книготоргалъ» ричулаан нижер тIахьал. Амма гьанже гьениб жаниб «Барашка» абун ресторан рагьун буго».

ПалхIасил, жакъасел Дагъистаналъул поэтаз рихьизаризе кколин Шамалде рагъизе арал гIолохъабазул улбулги, гьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб жамгIияб ахIвал-хIалгийин абураб хIасил гьабуна республикаялъул бетIерас 20 февралалда ГIурус театралда букIараб данделъиялда.

XS
SM
MD
LG