МагъчIваялъе рес

ЮНЕСКО, кватIун кантIарал магIарулал ва миллияб маданият


Ахирал соназда гIадатлъун лъугьун буго рахьдал мацIалда, миллияб адабияталда ва тарихалда хурхарал тадбирал тIоритIи. Буго лъагIалида жаниб цо нухалъ тIобитIулеб рахьдал мацIалъул къоги. Гьеб къо чIезабуна 1999 абилеб соналъул ноябралда ЮНЕСКОялъул 30 абилеб сессиялда.

Хас гьабун ЮНЕСКОялъул хIукмабаздаги, гьел рахьдал мацIаздаги хадуб хал ккурал чагIазда гурони гьеб къо рахьдал мацIалъул букIин лъалел чагIи цIакъ къанагIат рукIана Дагъистаналда. ХIукуматги я цебе гьелда регIун букIинчIо, я жакъа гьечIо.

Лъиеха гьеб рахьдал мацI хIажат бугеб абун гьикъани, гIемерисеца жаваб кьела киназего къварегIун бугин, рахьдал мацI лъачIого кинин бегьулебин цIакъ-цIакъ кIалъазе руго гIемер чагIи. Гьеб бугин нилъер умумузул мацI, лъазе тIадаб бугин, парз бугин. Нечезе кколин лъангутIиялдасагиян абила.

Уйинха абун руцIцIунги чIун тIад рекъела гьел рагIабазда мацI лъалелги лъаларелги. Амма гIакълуялда гьикъун жаваб кьуни, хIакъикъаталда бадире цIодорго ралагьани, нилъеда лъала гьеб мацI гIицIго гьелдаса пайдаги бугел, гьелдаса кваназеги кваналел, гьеб мацI хIалтIизабиялъул хIажалъиги бугел бакIазда гурони цIунунги хутIизе гьечIеблъиги, хIажатги гьечIолъиги. КигIан мацI цIунизе кколин нилъеца вагIзаял гьаруниги.

Лъиеха гьеб хIажат бугеб? ТIоцебесеб иргаялда, рахьдал мацIалъул мугIалимзабазе, кIиабизе – хIукуматалъ гIарацги кьун миллиял газетал, телепередачаби, радиопередачаби гьарулел чагIазе, миллияб театралъе, газет – журналазе ва мацIалъул гIалимзабазе. Росабалъ ругел гIадамазе, мажгитазул имамзабазе, мадрасазул мутIагIилазе, рузманалъул какде росабалъ рачIунел гIадамазе.

МагIарул росулъ гIурус мацIалда вагIза гьабизе гIедегIилин кколаро, хIал кIун гьукъизеги ккола нилъеца гьеб. ХIисаб гьабурабго гIезегIан кIудияб гъат жамгIияталъул батанагури рахьдал мацIалда хIажалъи бугел ва гьеб алат хIисабалда гIелму цIализеги, гIибадат гьабизеги, цIиял харбал, шигIру, асар, пикру кьезеги къварегIунел.

Гьел гIадамал ругогIан заманалъ мацI билизе гьечIо. ХIакъаб жо мацI цIуниялъул пропаганда, бичIчIи кьеялъул хIалтIиги гьабизе ккола. ХIалтIи гьабизе ккола театралъ пьеса лъун, хъвадарухъанас асар хъван, журналистас макъала хъван.

Сурун рихьизаризе ккола лъималазда мацI малъичIел умумулги, тухум цIар лъаларев Иван гIадал васалги. Авар мацIалда кIалъалел рихьизаризе ккола гIолилазе мисалаллъун ругел чагIи. Масала, машгьурал спортсменал, культураялъул вакилзаби, политикал, бокьарал гьез кIвар буссинабулел чагIи.

Гьеб рахъалъ аваразул автономиялъги, авар ТВ – интернет телевидениялъги, социалиял гьиназда ругел авар мацIалъул къокъабазги кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. МацI хIалтIизабулеб сурасатги, алатги, мацIалда хIажалъиги бугебгIан заманаялъ мацI холаро. Гьеб буго чIагояб мацI.

Рахьдал мацI кIодо гьабизе байбихьана тIоцебе Хасавюрт шагьаралда Сайгидпаша ГIумахановасул хIаракаталдалъун. Хадур гьел тадбирал тIоритIи тIаде босана цохIо гъовго ГIумахановасул гIарцудалъун хьихьараб аваразул автономиялъ.

Дир суал буго хутIарал аваразул церехъабазе, щай гьеб рахьдал мацIги, милияб культураги, магIарул халкъалде рагIад реххараб суалалъулъулъ цере рахъи ва миллаталъул къадру цIуни кидаго даим цохIо ГIумахановасда баччун букIине кколеб?

Гьесдаса нусго нухалъ бечедал гIадамал руго дунял чIобого хутIизе гурин рижун, цо кепкил багьа я миллаталъе, я Дагъистаналъе гьабичIел, я гьабизеги гьечIел. Гьезул кIуди-кIудиял амбициялги, хIатта республикаялъул бетIерасул тахбакIиде гIунтIун хиялги лъун буго, амма я иманалъул, я ияхIалъул, я миллияб бичIчIиялъул къатIра чорхолъ халлъулеб гьечIо.

Аллагьас гьеб къавмалдаса миллатги Дагъистанги рикIкIад гьабеги. ХIакъаб жо буго Аллагьасда аскIоб кириялда цадахъ Сайгидпаша ГIумаханов миллаталъул тарихалда хутIизе вукIин цересел гIасрабазул бахIарзалго гIадин. МагIарулазул тIалабги гьабурав, къадруги цIунарав, къо ккаралъув ватизеги ватарав патриот хIисабалда. Ахираб къого соналда жанив гьев хутIулев вуго бищунго магIарулазда гьоркьоб рейтинг борхатав цевехъанлъунги.

Хисардулареб, чIван къотIараб, бихьинаб хасияталъул политикаялъ. Гьев вокьунгутIизе рес буго цо-цоязе, амма ГIумаханов хIачIого тезе лъиданиги кIоларо Дагъистаналда. ТIоцебесеб ирагаялда аваразул хIакъикъияв, халкъалъ рахъ ккурав цевехъан хIисабалда.

Гьеб даражаялдеги гьев вахъана тIоцебесеб иргаялда рухIиял мисалал – миллияб мацI, адабият, аваразул тарих, миллатцоязулгун бухьен кквей ва цогидал кIвар бугел рахъал тIадегIан гьариялъ. ГIадада гурелъул абулеб дуца инсан ва халкъ кIодо гьабиялдалъун щолин духъеги кIодолъи абун. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG