МагъчIваялъе рес

Хъвадарухъан ва векьарухъан


Жакъа рагIула халкъазда гьоркьосеб хъвадарухъанасул къо. ЧчугIихъанасул къо, векьарухъанасул къо, гьокочагIазул къо, росдал магIишаталъул ва промышленносталъул къо, бокьараб батIияб къо цебе тIамизе кIола гIадамазда.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:54 0:00
Интернет-мухъ

Гьеле гьеб хъвадарухъанасул къо дагьаб санагIат гьечIогойищ бачIунеб бугебали, цойидасанго цебе тIамизе кIоларо. Щай? Щаяли цо дагьаб гъоркьехун бичIчIизабила. Масала, векьарухъанасул къо кIодо гьабиялъул магIна буго пачалихъалъ гьеб иш тIаде босарав чи рази гьави.

Гьев вукIуна рогьаралдаса бакъинегIан тракторалъув, техникаялда, ялъуни кIухIалал оцазда хадув ккун пуруцгун хур бекьулев чи. Гьеле гьел чагIи авлахъалде рахъичIони нилъ хутIула ракъун. Нилъер тепсиялде бачIунаро чед.

Гьебги хIисабалде босун пачалихъалъ векьарухъанасе хасаб къоги чIезабун кIодо гьавула. Вачун байрамалдегун каранда орден бала, дуца ккун бугин улкаян рецц гьабула, сайигъат - салам кьола.

Гьеле гьеб байрамкъоялъ нах бахун тамах гьарурал квералги, кIвараб мегежги, ретIараб хъахIаб гурдеги хадусеб къоялъ хисизе ккола хIалтIухъанас. Амма гьев векьарухъанас цохIо чадидалъун гурелги хьихьулел рукIун руго.

Масала, буго росдал магIишаталъул министерство абураб бакI. Гьеб гIуцIун буго гьадав векьарухъанасда тIад хIакимлъи гьабизе. Гьеб гьабизе тарав чиясе пачалихъалъ кьун буго машина, кабинет, курортазда бакI, кIудияб харж, къокъаб юбка ретIарай секретарша ва гIемерал цогидал санагIалъаби. Щибха гьеб хIалалъ хьихьарав дов чияс гьабулеб буго.

Дос президентасеги, вехьасеги, мугIалимасеги, тохтирасеги, хутIараб халкъалъеги доклад гьабулеб буго кигIан ролъ бакIарараб араб соналъ рекьарухъабаца абун. Гьеле гьел тарихал хъвараб кагъатги цебе лъун доклад гьабула ас нилъее чамалиго гектаралдаса чамалиго цетнер бакIаранин.

Гьеле гьеб жо абизе хьихьун вуго дов министр абурав чи. Гьединалго министрал тун руго щивав хIалтIухъанас гьабулеб жоялъул хIакъалъулъ гаргадизе. Гьезие цохIо чед кьолеб батичIогури векьарухъанас, гьевги багьанаде ккун пачалихъалдаса босулеб гIарцухъ доз тIаде нахги, икраги, гьоцIоги ва хутIарал нигIматалги кванала. КъватIир улкабазул банказда гIарацги лъола.

Гьедин гIуцIун буго аб пачалихъ. ЛъагIалида жаниб цо къоги кьун, каранда дахIабиги далун витIула хIалтIухъан жиндир ишалде. Гьебго гьабулаан СССРалъги. "ЗахIматалъ берцин гьавула советияв инсан" абун реццги гьабун, кьватIарал кIутIбузул ва бакъуца рухIарал къалазул цо мискин пача тIаса рехаралдаса 70 сон гIейги баркун гIияда хадув валагьизавулаан.

Пачаясни ав жинцаго жиндиего рукIине гIи хьихьизегIаги тун вукIана, социализмаялъ гьев тIамуна орденги кьун жидеего, пачалихъалъе хьихьизе. Кин бокьичIого букIинеб партияги пачалихъги гьелдаса хадуб?

Гьаниб нилъее баянлъана хIалтIулев чиясул ишалде гъира базе пачалихъалъ цо къо чIезабун букIинги, гьесда чIван къотIун жинца гьабизе кколеб хIалтIи лъайги, гьелдаса бугеб пайда-хайирги. Аб хъвадарухъанасул къо щиб жоха кколеб? Щив чи кколев живго хъвадарухъан?

Жиндие ПатIимат йокьулеб мехалда ПатIиматие жив щай вокьулареван хъвадарулев чи щай пачалихъалъ кIодо гьавизе кколев? Йокьа абеха, нилъее щиб асие дой йокьаниги йокьичIониги? Гьев векьарухъан гIадин радал хIалтIудеги унаро.

Гьесул вегулеб вахъулеб мехалъулги магIна букIунаро. Гьесул досул гIадин гектаралдаса чамалиго центнер кьунин абун бихьизабулеб роценги гьечIо. Щай къварегIарав чи ав хъвадарухъан абун бачIунеб буго суал. Щай эсул хасаб къо букIине кколеб къо сордоги лъаларев, вегулеб вахъулеб мехалъулги магIна гьечIев чиясул? Цо дир гьудулас абуна щай къварегIарал жалила музеялги, библиотекабиги, тIахьалгун газеталги абун. Гьесда гьеб кин къокъгоги бигьагоги бичIчIизабилебали лъаларого дица гьикъана, дуда ракIалде бугищ араб анкьалъ потсалда живго жинцаго кьвагьарав чиги, чIварал гIадамалги абун.

Ругин абуна дос. Гьадал руго 90 абилел соназда библиотекаялдеги нух кIочарал, эбел-инсухъаги рорчIарал, музейги лъаларел, тарихги цIаличIел, тIехьгун газетаги кодобе босичIел чIорогоял нилъедаса риларал лъимал.

Гьел кодоре щвана къосараб къавмалъухъе ва чIорогоял чагIазда жанибе тIуна бакI-бакIазда тротилгун кьвагьулеб "гIелму", "дин". Гьезда битIараб нух бихьизабизе хIажалъулин тIахьалги, газеталги, музеялги, библиотекабиги.

Пачалихъалда кинабго цоцада хурхараб, цояб рахъ реххун тани цогидалъуса тIеренлъулеб ва тIун унеб гIадат буго. Гьел тIеренлъарал, загIипал, хIинкъи цIикIкIарал бакIал загьир гьаризе хIажат буго динги, гIелмуги, адабиятги, культураги.

Гьелъул махщалилал руго хъвадарухъабигун шагIирзабиги. Баркула гьаб макъала ахиралде щвезегIан цIаларав ва гIенеккарав чиясда хъвадарухъанасул къо. Гьеб буго мунгоги пикру гьабулев камилав чи вукIиналъул гIаламат. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG