МагъчIваялъе рес

ЦIадаса ХIамзатилгун МахIмудил дандчIвай


Нилъеца араб гьатIан къоялъ бицун букIана ЧIанкIаца ва ХъахIабросулъа МахIмудица рагьараб шигIрияб нухалъул, школалъул, хутIарал шагIирзабазда тIад гьев кIигояс гьабураб асарарлъул хIакъалъулъ. Гьез бокъараб нухдаса ана анцI-анцI гьунар тIокIал шагIирзаби. Цебехун абухъе кочIол къагIида, лугъат, хатI, чIваххи ва пикру загьир гьабулеб къагIида букIана ЧIанкIалгун МахIмудил.

ГIуна МахIмудил школалъул гьунар тIокIал шагIирал. Гьеб ахIвал-хIалалда шигIру - кечI букIаго ХIунзахъ тIалъиялъул росабалъ машгьурлъана цо чи. ЦIадаса Юсупил МухIамил вас, ХIамзат абун жинда цIарги бугев. Гьев вукIинчIо цевехун магIарулазда цере тIамулел шагIирзаби гIадав лоти. ТIохазда тIамур хъвалев, гьекъолдулев, жиндир керен ракI бухIулеб бугин ахIтIолев чи. ЦIаларав гIолохъанчи вукIана гьев.

Дибирлъиги гьабулев, хурги бекьулев, бокьги бахъулев гIадатияв магIарул мискинчи. Амма гьес цIакъ гIужилго рагIи реххулеб букIун буго. ГIадамазул загIипал, мукъсанал, кепал бакIал рихьизарун пасихIал кучIдул хъвалел ва жинцаго рек1ехъе цIалулелги рукIун руго гьес. Гьел тIиритIун руго тIалъиялъул росабалъ. Гьев чи цохIо Юсупил МухIамил васлъун гурев ЦIадаса ХIамзатлъун вахъун вуго.

Гьеб букIана халкъалъ кьураб тIадегIанаб цIар. Машгьурлъиялъул гIаламат. БукIараб букIинчIеб лъаларо, ХIамзатил хIакъалъулъ ракIалдещвеязда хъварабги бихьичIо, амма гьесул вас Расулица дидехун бицун букIана цо гIажаибаб дандчIваялъул: "МахIмудида рагIун буго тIалъиялда цо вас машгьурлъун вугин шагIир хIисабалда, хундерица гьесда аскIор цогидал жойидего гьарулел гьечIин. Гьеб рагIарав МахIмуд цо цIад балеб хасалихълъиялъул къоялъ вачIун вуго ЦIада инсухъе щвезе. ДандчIван руго. МахIмудица абун буго мун рагIулинха тIалъиялда бищунго машгьурав шагIир, ахIе цо кечI абун.

Инсуца абун буго жинда ахIизе лъаларин ва ахIулел гIадал кучIдул гьечIин, гьадинго кепалъе хъварал жал гурониян. ТIад чIун цIализабун буго МахIмудица. ЦIалун буго кечI "Дибирги гIанхвараги". КIвар кьун ахиралде щвезегIан гIенеккизеги гIенеккун МахIмудица абун буго: "Хъвазени лъалеб бихьула дуда, амма гьел гIункIкIаздегун гIунхрузде хъвалел кучIдул дида ричIчIуларо" - янги абун бухъизабун бугила нахъе МахIмудица" - ян бицунаан Расулица.

Живго ЦIадаса ХIамзатица гьеб дандчIваялъул я кочIолъ, я харбилъ бицараб рагIичIо. ГIицIго МахIмудица кечI ахIулеб мехалда нахъе хъамулел лъималазда гъорлъ вукIана дун абун хъвараб гурони. Гьенибги цо суал бачIунеб буго. ХIамзатидагун МахIмудида гьоркьоб гIумруялъул 4 сон гурони гьечIо. Нахъе хъамулезда гъорлъ ХIамзат вукIине ккани МахIмуд гьесда вихьизе кколев вуго 18 сон баравниги чи кечI ахIулев, ХIамзатие биччайха 14 сон.

Гьелдаса тIаде ригь арав чи саламатав чи вукIуна магIарухъ, хасго доб заманалда. Гьев хъамуларо, хъамуниги нахъеги унаро. Гьеб буго жеги хIурият бергьичIеб ва щивав магIаруласул рачлихъ ханжарги бугеб, къварегIаралъуб гьебги къватIибе цIалеб заман. 18 сон барав МахIмуд машгьурлъиги щакаб жо буго, машгьурлъаниги гьесухъ гIенеккулищ гIадамал, вачIунищ гьев Хунзахъ щвезегIан кечI ахIизе? Нилъеда лъалеб бакIалдаса МахIмуд Муихъ рокьи ккун "гьаглъизегIан" (лъикIаб магIнаялда) цевеги руччабиги рокьулев, тIармидаги кIутIулев, кечI ахIулев чи вукIун вуго. Гьесул цее ЦIатIанихъа Жамилат абурай берцинай чIужу йикIанинги бицуна. БатIаго жиндир чIужуялъухъ ккараб рокьул бицун хъвараб кечI ахIизе гьев Хунзахъги кинха инев?

Жамилатгун ватIалъун хадув къогоялдаса лъеберго соналде гIагарараб ригьалда гьев вугеб мехалда ХIамзат вукIине ккола кIудияв чи ва лъицаниги гьев нахъе къотIизе рес гьечIо. РачIаха хIисаб гьабизе щиб букIине рес бугеб гьанибали. Дир пикруялда "дун нахъ къотIулезда гъорлъ вукIана" абураб жо ХIамзатица абун буго хIакъикъияб МахIмудилгун букIараб данделъи ва гьелъул хIасил бицине бокьичIого.

Расги кIал лъикIав гурев МахIмудица гьел дур гIункIкIазухъ ккараб "рокьи" дида бичIчIуларин цониги хъатIулеб рагIи реххун букIун батила. ШагIирзаби гьединал чагIи рукIунелъул цохIо жалго гурони хутIарал хIаларел. Гьеб нилъеда лъала нилъер заманалъул нилъедаго лъалел шагIирзабазул гIамалалъухъ балагьун. ХIамзатида бичIчIун батула ЧIанкIалгун МахIмудил нухда ун жив гIаммаб хоралъулъ вилулевлъи. Гьесул керен бухIараб, хIехьезе кIолареб рокьиги букIун батуларо. Живгоги бегIерав, лъикI гIадамазул психология ва загIипал бакIал лъалев чияс сверухъ киназго Дагъистаналда бичIчIулеб болмацI бицунеб тIалъиялда сатира, махсаро, гIадамазул гIузраби рихьизарулел кучIдул ва цIияб нух батула.

1919 соналъ чIвала МахIмуд. Реххун бачIуна хIурият ва цIияб заман. Гьеб заманалъе хIажалъула живгоги мискинлъиялдаса вахъарав, халкъалдаги лъалев бегIерав агитатор, шагIир. Гьеб ролалъе "хьимал бусада хварав", къелъ хъазан речIчIарав мискинчи Юсупил МухIамил васасдаса рекъарав чи цойги щивха вукIинев советазе? Гьедин хъвалеб буго живго ХIамзатицаги. МахIмуд? МахIмудги мискинчи, цIияб заман беццун кечIги ахIарав, "гIурус пачаясул божараб бахIри" - ян Нажмудиднидаги абурав кIодо гьавиларищха цIияб заманалъ? Гьеб мехалда жидер букIараб гIемер хинаб гуреб гьоркьоблъиги бахчун, партиялъул тIалабалда рекъон зодове вахъун веццизеги веццана, "дидаго лъикI лъалароан, дун нахъе къотIулезда гъорлъ вукIана" - янги абун гьоркьоблъиги бахчана.

Хъизаналда гьоркьоб балъголъи букIунарелъул, гьев кIиявго хун 50-70 сон арабго Расулица цо рагIал баккана хIакъикъаталъул, гьесги тIубан рагьичIо ва къаникье ана букIанщинаб.Мах1мудилгун Х1амзатил дандч1ваялъул ва гьоркьоблъиялъул х1акъиъкат хут1ана балъголъилъун. Авар адабияталде вачIана цIияв рагIул устар - ЦIадаса ХIамзат. Гьесул поэзиялъул х1акъалъулъ бицина иргадулаб макъалаялда.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG