МагъчIваялъе рес

Гъ. ГъалбацIов: «Маданият бечед гьабула чIагояб асаралъ.»


ЛъагIел ахиралде щолелъул, унеб соналда республикаялъул маданияталъул бутIаялда жанир рукIарал аслиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ къокъабго баян хIадуризе хIукму гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ. ГIадамазда бищунго ракIалда чIарал гIадал тадбирал кинал рукIаралали бицунеб буго гъоркьехун.

Маданияталъул бутIаялда жанир тIоритIарал тадбиразул рахъалъ исанасеб осн Дагъистаналда цIакъ гьарзаяб букIанин абизе бегьула. РукIана гIемерал дандеруссинал, миллиял ва литературиял байрамал. Гьел киназдаго гьоркьоб хасаб бакI ккола ХIамзатил Расул гьавуралдаса 90 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIарал тадбираз. Исанасеб сонго Расулил сонлъун лъазабун букIана Дагъистаналда. ЛъагIалил бабйихьудаса нахъе жиб-жиб моцIалъ республикаялъул батIи-батIиял шагьаразда, росабалъ тIоритIана кIудияв шагIир ракIалде щвезавиялъул тадбирал, кучIдул цIали, гургинал столал. Июль моцIалъ улкаялъул тахшагьар Москваялда Яузовский бульваралда рагьана шагIирасе памятник. ЦIоралъул магIарулазда мадугьалихъ бугеб Цхинвал шагьаралъул майданалъе кьуна шагIирасул цIар. Сентябралъул микьабилеб, ичIабилеб ва анцIабилел къояз тIолабго республикаялъулго пикру буссун букIанин абизе бегьула Расул гьавураб къо кIодо гьабиялде. Юбилеялъулал тадбирал тIоритIана МахIачахъалаялда, Хунзахъ ва шагIирасул инсул росулъ ЦIадаги.

Исана бищунго ракIалда чIараблъун хутIанин ХIамзатил Расулил юбилей Москваялда кIодо гьабулеб мехалъ сценаялде хIама бахинилан бицана «Эркенлъиялъе» хъвадарухъан ва миллиял мацIазда рахъулел передачабазул шеф-редактор ГъалбацIов ГъазимухIамадица.

Амма гьес рикIкIунеб буго батIи-батIиял тадбирал тIоритIи маданият цебетIун букIиналъул магIна кколарилан.

ГъалбацIов ГъазимухIамад: «Мисалалъе, цIияб тIехь къватIибе бачIани, гьелда сверун гьарулел тадбирал, презентация батаниги, гьеб тIехь жиндир бугин телевизоралдасан гар-гадиги – гьеб буго литератураялда сверухъ гьабулеб хIалтIи, жибго литература гуро. Гьединабго ахIи-хIур кечI хъваялда хурхун бугони, гьелдаги макъанилан абизе бегьуларо. Гьеб киналго руго культураялда аскIор гьарулел тадбирал. Культура батIаго буго, тадбирал батIаго руго. Тадбираз культура гьабуларо. ТIехьалъ букIа, макъаналъ букIа, ва гьеб гуреб цоги жоялъ инсанасе асар гьабулеб бугони, гьеб буго культура. Гурони, цохIо тIехьги хъван, чIечIого гьелъул презентациял гьариялъул магIна щиб? Гьев живго вихьизе гьабула чияс. Гьев вихьизе къваригIун вукIунаро гIадамасе, гьесул тIехьги, кечIги, макъанги, гIакълугун пикруги къваригIун букIуна».

РакIалда чIараблъун хутIанин абизе бегьула гьединго исана риидал Конституциялъул къо кIодо гьабиялъул байрамги. Исана гьеб ракIалда чIараблъун хутIана Дагъистналъул нухмалъулес киналниги хIакимзабиги хъулухъчагIи миллияб ретIелги ретIун къватIире рахъине тIамиялдалъун.

Гьединабго ракIалда чIараб, тIолабго дагъистаниязего кIудияб асар гьабураб лъугьа-бахъинлъун букIана Дагъистаналде МухIамад (с.гI.в) аварагасул асарал рачIин. Августалъул къоло щуабилеб къоялдаса байбихьун тIубараб анкьалъ Каспийскалда ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялде рачIунел гIадамазул чвахи къотIичIо сордоги къоялъги. Гьединаб даражаялъул тадбир Дагъистаналда гьалдаса хадуб букIиналда щаклъи буго гIемерал гIадамазул.

Маданияталъул бутIаялда жаниб хасаб бакI ккунин абизе бегьула журналистка Светлана Анохиналъ ва гьелъул пишацояй гьалмагъ Санаева Полинаца хIадур гьабураб «БукIана гьадинаб шагьар» абураб тIехь къватIибе бачIин. Цебесеб ва гьанжесеб МахIачхъала дандеккун, дагъистаналъул тахшагьар кинаб букIарабали бицунел гIемерал суратаз ва гьенир гIумру гьабун рукIарал цо-цо гIадамазул хIакъалъулъ баян кьун буго гьеб тIехьалда. Республикаялъул миллияб бибилиотекаялда ва Москваялда кIудияб даражаялда тIобитIана гьеб тIехьалъул презентация.

Гьединабго даражаялда тIобитIанин абизе бегьула исана ноябаралда «Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул» нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца хIадур гьабураб ГIумахан нуцаласул хIакъалъулъ тIехьалъул презентацияги. Маркъоца нухмалъи гьабулеб идараялъ гIемераб хIалтIи гьабулеб буго магIарлазул тарихалда ва маданияталда хасаб бакI ккурал гIадамазул гIумруялъул баян дандебакIариялъе. Гьедин басмаялде бахъизе хIадурулеб буго «Тарихалда лъалкI тарал магIарулал» абураб циклалдаса гьединав нусго чиясул хIакъалъулъ тIоцебесеб тIехь.
XS
SM
MD
LG