МагъчIваялъе рес

Хъвадарулел гIемер руго, дагьал руго цIалдолел...


Гьал къоязда Дагъистаналъул миллияб китабханаялда тIобитIулеб ярмаркаялда рихьизарулел руго Дагъистаналдаса гурелги батIиял регионаздаса басмаханабаз риччарал тIахьал. Кинаб басма бахъулеб бугеб ва бугищ гьеб хIажатаб цIалдолезе- бицунеб буго экспертаз.

Гьал къоязда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб республикаялъул миллияб библиотекаялда тIобитIулеб буго Дагъистаналъул тIахьазул ярмарка «Тарки-тау – 20I4»

Дагъистаналда кинабниги, хъвай-хъвагIаялда рекъон I065 хIалтIулеб китабхана бугила. Гьелъ бихьизабулила дагъистанияз тIахьал цIали тун гьечIолъийилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъул вакил Салимат Керимовалъ.

Щибаб къойил, масала миллияб китабханаялда рачунел руго гьоркьохъеб куцалъ 200 чиясдаса цIикIкIун чи. Керимовалъул рагIабазда рекъон, 2I гIасруялъ тIахьаздехун рокьи тIагIин тIолго дунялдалда буго . Советияб хIукумат бищун цIалдолеб улкалъун букIун батани жакъа Россиялда цIалдолел гIадамал цIакъ дагь гурого гьечIила.

Ярмаркаялда гIахьаллъи гьабулеб буго Дагъистаналдаса ва батIиял регионаздаса басмаханаяз. Дагъистаналъул «Эпоха», «Мавраевъ» «Лотос» ва цогидал чIахIиял басмаханаби гурелги, гьенир гIахьаллъулел руго гьединго батIи-батIиял газет-журналалги.

Исана лъабабилеб нухалъ тIобитIулеб бугеб тIахьазул ярмаркаялда гIахьалчагIазул пикруялда цIалдохъанасда жиндирго хъвадарухъанги хъвадарухъанасда жиндирго цIалдохъанги ватулев вугилан рикIкIунеб буго публицист Ниналов Саидица. Ярмаркаялда тIоритIулел ругел тIахьазул цереросиялда гъорлъ гьесул цIияб тIохьол цебебосиги буго.

Кинаб басма жакъа бахъулеб бугеб ва кинаб басмаялде кIвар кьолеб бугеб жакъа тIахьал цIалулес - «Эркенлъи» радиоялъул гьел суалазе жавабал кьуна экспертаз.

Журналист ва литературияй критик Светлана Анохиналъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда гьечIо жакъасеб литература. Руго цо-цо авторал, гьез лъикIал тIахьал хъвала, амма цо-кIиго хъвадарухъан вугилан абун литература букIунарилан рикIкIунеб буго Анохиналъ. Критикалъ абухъе, тIахьал цIалулел дагъистаниялги гIемер гьечIо.

Дагъистаниязул тIахьаздеун рокьи тIагIун гьечIин. Ярмаркаялде рачIунел гIадамаз кIвар кьолеб бугин басмаялдейилан рикIкIунеб буго ГIелмабазул академиялъул гIелмияй хIалтIухъан Мариза МухIамадовалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон ярмакаялъ цIалдохъанасе рес кьолеб буго гIаммаб куцалъ къватIибе бачIараб цIияб басмаялъе къимат кьезе.

Мариза МухIамадова: «Гьале исана лъабабилеб нухалъ тIобитIулеб буго тIахьазул ярмарка. Гьелъул гIуцIарухъабаз аслияб масъала лъун буго гIадамазул тIахьаздехун рокьи базаби. Абулеб буго гIадамазул тIахIаздехун рокьи тIагIунеб бугин, амма гьанире рачIарал чагIи рихьидал дида бичIчIана гIадамазул тIахьаздехун рокьи тIагIун гьечIолъи. ГIизагIан чагIи рачIунел руго, чIахIиял-гIисинал. Цо чи вачIана дида аскIове техникияб тIехь цIехон. Гьесда бичIчIизабуна гьаб филологиял тIахьал ругин. Техникиял тIахьал рихьизарураб бакI батIияб бугилан. ЦIалдохъаби рачIунел руго. Учительзаби гьечIого жалгоцин рачIунел руго лъимал».

Дагъистаналда жакъа гIаммаб куцалъ I% цIикIкIун тIахьал цуIалулел чагIи хутIун гьечIилан рикIкIунеб буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас. Рихьдае гьабулеб жо гIемерлъун бугин жакъа, гьенире рачIаразул бащдалги ругин жидер тIалабазада китабханаялде рачIарал гIадамал.

МухIамад БисавгIалиев: «Гьагъал жакъа басмаханаяз рахъулел тIахьалги, гьел тIахьал ричулел чагIиги, гьел тIахьазухъ ралагьизе рачIунел чагIиги- гьеб буго цо дунял. ГIаммаб къагIидаялъ Дагъистаналъу 3 миллионалде гIагараб халкъалъул I% гьечIо тIахьал росун цIалулезул. ГIаммаб къагIидаялъ Россиялда ва дунялалда гьеб суал кин бугебали лъаларо, амма гьедин бихьана дида гьеб. Дун вуго газеталъул редактор , дида гьениб сверун тирун хал гьабурабго цо тIехь гурого батичIо босизе бащдав сагIаталъ сверун.

РакIчIун лъала гьениб 90% гIадамаз гьениб гIарац кьун тIехь босичIо. Гьеб буго тIахьал рихьизе рачIунел цоял, тIахьал рихьизаризе рачIунел цогиял, тIахьал рихьизарулезда аскIор чIезе рачIунел лъабабиле ракIарараб бакI. Гьеб къапила гьенибе бакIарула жидеца цо жо гьабулеб бугин бихьизабизе бакIарараб. ГIаммаб къагIидаялъ гIадамал цIалиялдаса рикIкIалъун руго».

БисавгIалиевасул баяназда рекъон, жакъа тIахьаздехун рокьи тIагIун букIинлъе нугIлъи гьабула жакъа къватIире рахъарал тIахьал тIиритIизаризе хъвадарухъаби хIакимзабазухъе хьвадулел рукIиналъ, гьел тIахьал тIиритIизаризе кумек гьарун. Амма гьединго гьелъ бихьизабулила жакъа къватIире рачIунел тIахьал цIалдолезе хIажат гьечIолъиги.

XS
SM
MD
LG