МагъчIваялъе рес

ГьечIеб адабият ва "Адабияталъул сон"


Араб, 2015 абилеб сон лъазабун букIана "Литератураялъул сонлъун". Щиб жоха кколеб гьеб литература.

Жибго рагIул бачIин, магIна яги таржама гьабуни гьеб рагIула латин мацIалда lit(t)eratura хъвай-хъвагIай, яги lit(t)era — хIарп абураб жо. Гьеле гьеб "хIарп" абураб рагIиги буго гIарабалдаса бачIараб, гьез "хIарф" абула, гIарабалъ "п" гьаракь гьечIого нилъеца нилъерго къагIидаялъ хIарп абун тола.

Алъул щибха ккараб, латин рагIул магIна гIарабалъ хъван, гIарабги бичIчIичIони баян кьезе кколеб буго гIурусалъ - "хIарп - буква" абун. Нилъер авар мацIалда гьел кьуру биххарабго, ягъи къва-къвадулел кьуркъбузул гIадаб мацIалъул гьаркьал гурони рагIабиго рукIун гьечIогури.

Жеги нилъ рукIуна кIвар бугел куц-бегIалги гьарун иргадулал данделъабазда "нилъер цIакъ бечедаб мацI буго, гьеб мацI нилъеда лъаларого буго" абун.

Сундулъха бугеб эб нилъер мацIалъул бечелъи рагIабазул нахърателалъулъ (словаралда, яги къамусалда) ращдазаса цIикIкIун чияр мацIаздаса рачIарал рагIаби ратани? Аслияб къагIидаялда гIараб, гIурус, фарс, турк, латин ва хасго интернет ва цере тIурал технологиязул гIасруялда ингилис ва цогидал пачалихъазул рагIаби рачIарабго.

Гьеле гьеб гIемерго бечедаб гуреб мацIалда лъикIа-лъикIал асарал хъвана нилъер хъвадарухъабаца, шагIирзабаца ва гIалимзабаца. Рачун кумекалъе гIараб ва гIурус рагIабигун.

Хасго гIараб цIикIкIун дандчIвала хIурияталдаса цебесеб авар адабияталда. Жибго адабият - литература абураб жоги буго къиматал, халкъалъе кIвар бугел пикраби пасихIаб, цIалулесул рекIеда хъатIулеб лугъаталда хъван, ахIун, цIалун данде гьарурал хъвай-хъвагIаял. МацI буго гьеб къиматаб пикру чияс чиясухъе кьолеб алат, гIурус гьеб батаниги гIараб гьеб батаниги.

Литератураялда цебе инсанияталъ лъураб масъала буго чиясе тарбия кьей. Гьеле гьеб "тарбия кьей" абураб жо битIахъе чиясда дуца квешаб гьабуге, лъикIаб гьабеян малълъари кколаро.

Гьеб буго чиясда ракIалда чIоледухъ мисалалги рачун, образалги гIуцIун, героялги ургъун харбида, кочIода, яги пьесаялдалъун гIумру бихьизаби. Сурараб сурун, берцинаб берцин бихьизаби. Гьелъул мурадалда пачалихъалъ лъазабун буго "литературияб сон" президентас хасаб указги хъван.

Гьеле гьеб литература указалгун президенталцин гьечIеб заманалда нилъер умумузулги букIана. Амма умумузул гьел асарал ургъун рахъарал гурелха, хIакъикъиял хIужжабазда тIад рижарал рукIана. Гьелдаги абулаан халкъияб кIалзул гьунар абун. Аслияб къагIидаялъ гьел наслабаз наслабахъе кочIохъего ахIун кьуна. Гьелъ ракIалдаги чIана гIадамазда. Масала, сундуе гIоло бижараб, ахIараб ва халкъалъ цIунараб жо кколеб "Хочбарил кечI"?

Щиб гьелъ нилъее рагьулеб? Нилъее рагьулеб буго гIасрабаца халкъалъ нагIана ханасе кьолеб хиянат, божуда рекIкI ва вахIшилъи цояб рахъалдаса. Хочбарил рахъалдаса - бахIарчилъи, къадру цIуни, цIадаве ине кканиги цIар хвезе биччангутIи ва эркенлъиялъе гIоло къеркьей.

Гьеб тIадегIан гьаби ва кочIолъ ахIи. Умумузул аслуялъулъ Хочбарал рукIиналъулъ букIана магIарулазул къеркьей Рекъав Тимуридеги, Персазул шагь Надиридеги, гIурус пача НикIалайидеги цогидал чабхъадулазулги зулмуялда данде. АнцI-анцI соназул къеркьей аза-азар чияс тIолел биял.

Гьелде миллат куцана кIалзул гьунаралъ ва умумузул тарбиялъ къадру цIунизе ахIун. Инжитлъигун лагълъиялдаса хвел тIаса бищун. ГIадада гуро цIадаве унев Хочбарица наслабазде хитIаб гьабун абулеб бугеб:

"...Хиянатаб тIалъи ва тIекъаб ханлъи,

Халкъалъе хутIила дур кици-бицен.

Эркенлъи бокьарал кьалул васаца,

Кьела дир хабарал цереса цере..." - ян.

Кьуна гури гьеб насалабаз наслабазухъе. Аваразул тарих бидуца белъараб букIана, поэтас абухъе, "умумул хваниги халкъалъул рекIелъ, гьезул бахIарчияб би чIаго буго. Жалго щапаниги нилъер щивасулъ, Шамилил тIокIаб рухI хIалтIулеб буго."

Гьаб кинабго буго халкъияб кIалзул гьунаралъ, литератураялъ нилъер умумул куцаялъе мисал. ХIурият бергьун хадуб СССРалъ ва соцреализмалъ хъвадарухъабазда тIад къайимлъи пачалихъалъ босана. Пачалихъалъ хъвадарухъан тIамуна инсанасулъ ватIаналде рокьиги куцазе, захмат бокьи ва вацIцIалъи кIодо гьабизеги.

Гьеб гьабиялъухъ тIахьалги рахъана, тIахьалги жиндихъего росун хъвадарухъанасе гонорарги кьуна. ХIасил калам, улкаялъе хъвадарухъан ва хъвадарухъанасе улка хIажат букIана. Литератураялъ ва лъайкьеялъ патриоталги куцана. ГIадада бижараб букIинчIо, "ВатIанияб рагъда бергьенлъи гIурус учителас босанин" абураб пикру. Ай тарбия кьеялъ бергьанин абураб магIнаялда.

Нилъеца абунаха байбихьуда исана сон "Литератураялъул сон" букIанин. Кинаб тарбияха кьураб нилъее литератураялъ? Бугищ ахираб къого соналда жаниб Дагъистаналда халкъалъ къабул гьабураб цоиниги къиса, кечI, назму, пьеса, роман?

Гьалгощинал цIогьалги, чIвадарухъабиги, ришватчагIиги, хIелхIелчагIиги, магIишаталъе гIоло яхI реххулеб халкъ, цIекIал, тIадагьал, гьодораб халкъ буго сверухъ. Гьел рихьизарулел асарал рихьулел гьечIо, ялъуни дида ратуларогойищ гьел ругелали лъаларо?

Халкъиял гурел поэталго хутIун гьечIо, халкъалда гьез хъвараб мухъги лъалеб гьечIо. ГIажаибаб сон букIана гьаб "Литератураялъул сон". Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG