МагъчIваялъе рес

"Хъвадарухъаби, хIакимзаби ва гаджетал"


Кутакалда рагIул къимат гьабулеб, кагътида хъвараб ва басмаялда бахъараб хъвай-хъвагIай хасаб къануналда бащад гьабизе тIамулеб жо букIана советияб пачалихъалда цадахъ нахъе араб цензура. ГIемерисез гьеб какула, амма руго жакъа къватIибе биччалеб гIодобегIанаб даражаялъул литератураги, пайдаго гьечIеб, я жамгIияталъ, я тIалъиялъ кIвар буссинабулареб хъвай-хъвагIайги бихьун гьеб хIажат бугин абулел чагIиги.

Цензура бугеб мехалда бокьараб газет-журналазда бахъараб критикаялде реакцияги букIана, гьелда гъоркье ккарал жаваб кьезеги тIамулаан.

Росдал годекIаниб цониги бичIчIулареб суалалда тIаса бахIс ккарабго абулаан: "Дииица газееталда цIалана..." - ян. Газеталда цIалун батани кинаб дагIбаха гьениб букIинеб? Басмаялъул рагIи ахирисеб даражаялъул хIакъикъат гIадин къабул гьабулаан. Газеталда яги журналалда цо чи живго вахъани, ялъуни гьес хъвараб жо бахъани гьеб букIана цIакъ кIудияб даража, хасаб рангалде вахарав чи.

Дида ракIалда дун щуабилеб классалда цIалулеб мехалда росулъ "ЗахIматалъул байрахъ" абураб райгазета цIалулаго батана 9 абилеб маялде рагъул темаялда хъвараб цо макъала. Гьелъул ахиралда валагьарабго хъван бугоан "И.ГIалиев. Салда росу." Гьев вукIана дол соназда ЧIорода гьоркьохъеб школалъул директорлъун хIалтIулев дир инсул макъала. Роххелалъе ва инсудаса чIухIиялъе гIурхъи букIинчIо. Гьеб газетаги босун лъималазда бихьизабизе векерана. Гьалъ сундул бицунеб бугеб? Гьалъ бицунеб буго басмаялъул рагIул халкъалда гьоркьоб букIараб асаралъулги, кIваралъулги, къиматалъулги. Республикаялъул газет-журналазул гьурмазда паркъулел ва телеэкраназ рихьизарулел гIадамал рукIана цогидаб планетаялдаса гIадал, хасал, тIокIал ва тIадегIанал гIадамал.

СССР биххун хадуб цензура нахъе бахъана. Байбихьана лъалес лъалеб хъвазеги бахъизеги. Пачалихъалъ жидер къайимлъиялдасаги махIрум гьарун, гонораралги кьечIого къотIнор тарал гъаримал хъвадарухъаби лъугьана цензура нахъе бахъиялдаса пайдаги босун кодоб хъатикь жо бугел гIадамал реццун хъвадаризе. ХIабургъарал 90 абилезда танчилгун, тункIил кумекалдалъун тахбакIал ккурал гIадамахъеги ун цIалана гьезие хъварал очеркал, кучIдул поэмаби. "Гьаб жо цо берцинаб жилдал ругеб тIехьалда биччазе бегьилаанха цо дагьаб шагьи-пара бугони..." - ян валагьулаан хIакимасул бадив пакъир хъвадарухъан.

ТIехьалдаги вахъани живго Сталин яги имам Шамил гIадав чи лъугьунин кьолаан дагьа-макъал кепкал. Гьел соназда ракккана гIемерал гIодобегIанаб даражаялъул тIахьалги, гьересигероялги. "Щибаб жо гIемерлъанагIан гIадат буго багьа холеб" абухъе къимат хвана гьел тIахьазулгун альбомазулги. Жидер приемниялда цо хъвадарухъанасда релъарав чи вихьарабго гьев щай тIаде вичаравин битIахъе сири базабизе лъугьана хIакимзабаца охранаялда ва пакъир секретаршаялда. Гьезда цебе бачIана цIияб масъала, кин ватIа вахъилев шефасухъе унел чагIазда гъорлъа хъвадарухъан? Гьеб гIемер захIматаб жо букIун гьечIо. РатIлихъ балагьун...

Гьеле гьеб ретIел букIуна гьезул гIемерисезул совет хIукуматалъул заманалда босараб, галстукал рукIуна бакI-бакIалдаса хIуларал, пиджак букIуна дагьабго кьер ккураб, коммунизмаялъул бакъуца тIогьиллъизабураб. Гьезде вачIарав чияс нуцIа къирарабго малъал релъулей Наташаца абула "Магомед Магомедович в отъезде..." - ян. Цинги ялагьун чIола гьардезе вачIарав нахъе инегIан. Дов лъугьуна цо гIурус магIарул лъалареб жо бицун нунудизе. "Что-нибудь еще?.." - ян Наташа чанкIкIун ялагьарабго бичIчIула нух босизе кколеблъи. Щайха аб хIалалъ рецц бокьулел хIакимзабаца хъвадарухъабаз гьабулеб хъулухъалдаса инкар гьабураб? Гьелъие сабаблъун ккана гьал цо гаджетал абурал къулгьуял. Телефонал, айпадал, айфонал абурал жал.

ЛъагIелалъ кIалтIа нунудун цо хъвадарухъанас кьер ккурал жилдал ругеб тIехьалда бахъулеб букIараб жо жакъа соцсетазда сураталги лъун вецца-ветIун аза-азар чиясул чвантинибе битIизе кIолеб буго. ТIалъиялъул хIокIил ракьанде щвезе бокьарав чи лъугьуна "сегодня я с моим братом ..." абун суратал рахъизе. Гьеб мехалда асие тIуртIудилев хъвадарухъанги, асул чIандаги щай?

XS
SM
MD
LG