МагъчIваялъе рес

Имам Иванида релъинавиялъул масъала букIинчIо


Москваялда бихьизабуна Дагъистаналъул лъабабилев имам Шамилил хIакъалъулъ документалияб фильм.

22 декабралда Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул минаялда бихьизабуна Имам Шамилил хIакъалъулъ документалияб фильм. Гьеб бахъун буго эмен ва вас Шапи ва МухIамад Казиеваз. Гьеб хIалтIи байбихьулеб бугин абураб мехалда социалиял сайтаздасан цо-цояз лъазабулеб букIана Россиялда бихьизабизе рес щвезелъун автораз «имам Иванида» релъинавизе бегьиялда жидерго хIинкиялъул. Амма автораз абулеб буго гьединаб масъала жидеда цебе букIинчIин ва тарихалдаса жал таричIин.

Имам Шамилил хIакъалъулъ бахъараб гьеб документалияб фильмалъухъ балагьизе живго президент Владмир Путин вачIине рагIулин абураб хабар биччан букIана цебесеб къоялъ. Социалиял гьиназда тIиритIизарурал макъалабазул бетIералда лъун рукIана «Имам Шамилил кино бихьизе гъира ккун рагIулин Владимир Путинил» абурал рагIаби. Амма 22 декабралда гьеб кино бихьизабизе чанго сагIат бугеб мехалъго лъана Путин гьениве вачIине гьечIевлъи. Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакилъиялъ гьединаб баян кьун букIинчIилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе, гьеб вакиллъиялъул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIажимурад ХIажиевас. Президент вачIиналдаса жалги рохарал рукIинаанин, амма гьев вачIине вугилан абун чIванкъотIун кьураб баян баян букIинчIин, гьединлъидал гьев гIажаиблъана нужер сайталда гьедин хъван букIаниллан абидал.

Гьеб ккола эменги, васги Шапи ва МухIамад Казиеваз цадахъ хIадурараб документалияб фильм. Гьениб аслияб куалд бачун буго гIурусазухъе кверде ун хадуб 1859 соналдаса хадуб Имам Шамилил букIараб гIумруялъул заман. Режисер хIисабалда, МухIамад Казиевасул гьеб ккола тарихияб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ гьабураб тIоцебесеб хIалтIи. Асслияб куцалда фильмалда бихьизабун буго гIурусазухъе кверде ун хадуб 1859 соналдаса хадуб Шамилил букIараб гIумруялъул хIакъалъулъ. Хас гьабун щай гьеб заман тIасабищарабилан гьикъидал МухIамад Казиевас абуна имамлъун вугеб заманалда гъазаваталъе гIоло Шамилица гьарурал рагъазулги, гьесул гIумруялъулги хIакъалъулъ гIемераб хъван бугила тIахьазда ва гIадамаздаги гьеб чанго нухалъ рагIанила, кверде ун хадуб Шамилил букIараб гIумруялъул дагьго гурони хъван гьечIолъиги хIисабалде босун бахъанила жидеца гьеб заманалда рекъон кино. Тарихиял тIахьаздаса ва биценаздаса киназдаго лъалев къагIидаялъ вихьизавун вугиш Шамил гьенив, ялъуни гIурусазе дандекколеб къашIидаялъищин вихьизавун вугевин гьикъидал гьадин бицана МухIамад Казиевас.

МухIамад Казиев
МухIамад Казиев

МухIамад Казиев: «ГIурусазе дандекколев къагIидаялъ Шамил вихьизавизе кколин абураб масъала букIинчIо нижеда цебе. Нижеца кино бахъана мухIканго, тарихиял хIужабазде мугъчIайги гьабун. Гьел киналго суалазе жавабал киноялъухъ балагьарав чиясе щвезе руго. Фильмалда нижеда ракIалда букIаралдасаги цIикIкIун гьабизе кIванин рикIкIуна нижеца, щайгурелъул, фильмалъе бихьизабураб заманалъул гIурхъи чIезабун букIиналда бан цо-цо жо тIаса къотIизецин ккана. Щай Шамилица кверде ине хIукму гьабураб, цогидаб хIукму гьабизе гьесул рес щай букIинчIебали кинабго гьениб бихьизабун буго».

Къокъ гьабун абуни дагъистаниял чIухIизе бегьулеб хIалалъ вугин Шамил гьеб киноялдаян абуна Казиев МухIамадица. Жакъа Москваялда ругел гIадамазул кинаб гIелалъе бищунго Шамилил интерес батилин дуца кколебин гьикъидал гьес гьадин абуна.

МухIамад Казиев: «Дун ругьунлъун вуго жакъасеб гIелалъе тарихги, гьелда хурхараб щиналъулги интерес гьечIолъиялде. БитIараб бицани диегоги гьеб фильмалда тIад хIалтIизе щвей гIадатияб гуреб жолъун букIана. Амма гьеб кино тIоцебе бихьизабураб мехалъ гIемерав чи вачIун вукIана гьелъухъ балагьизе, гьезда гъорлъ гIолохъанаб гIелалъулги гIемерав чи вукIана. Гьелдаса вохизеги вохана. Щайгурелъул, дурго цебесеб тарих дуда лъалеб гьечIони, букIинесеб кинаб букIинебали хIисаб гьабун бажаризе гьечIин духъаян абун бугелъул цо гIакъилав чиясги».

Гьеб фильмалда бихьизабун буго Шапи Казиевас 40 соналда жаниб имамасул хIакъалъулъ бакIарараб тарихияб материал. Жибго кино бахъизе анин кIиго сон гIечIеб заманилан абуна МухIамад Казиевас.

Гьединго Россиялъул «Ленфильм» абураб кинокомпаниялдаги ракIалда буго Имам Шамилил хIакъалъулъ кино бахъизе. Гьелда тIад харж гьабизе рагIула 700 миллион гъурущ гIарац. Гьелъул бицине исана сентябралда МахIачхъалаялде рачIун рукIана «Ленфильмалъул» вакилзаби.


XS
SM
MD
LG