МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда ракIалде щвезавуна имам Шамил


Imam Shamil
Imam Shamil

Гьанжеялдаса 15 соналъ цебе 4 февраль лъазабуна имам Шамил ракIалде щвезабулеб къолъун. Гьелда бан МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялде ракIарун рукIана жамгIиял хIаракатчагIи, журналистал ва цогидал.

Гьез абулеб букIана жакъасел хIакимзабаз мисал босизе кколин КIудияв имамасдаса.

Амма республикаялъул хIакимзабазул цонигияв вукIинчIо гьенив. Данделъаразе гьединго рекIее гIолеб букIинчIо имам гIурусаз асир гьавунин абураб жо.

Амма жалго гIурусазгицин гьев гьединавлъун къабул гьавулев вукIинчIин. Гьеб букIанин гьел кIияздаго гьоркьоб рекъел рекъел гьаби.

Масала, Хъвадарухъабазул Шураялъул нухмалъулев хисулей Марина АхIмадовалъ мисалалъе бачана гIурус поэтас гьабураб кечI.

Хиянатлъи гьабун имам вичарав чиясе нагIана кьураб кечI буго гьеб. Рагъда жидеда данде вагъулев вукIарав чиясе гьединаб къимат кьеялдалъун бихьулеб бугила гIурусал Шамилидаса чIухIун рукIараллъи.

Гьединаб бербалагьиялдасан бижулила халкъ гьоркьоб гьудуллъиги. Шамил вукIинчIевани вукIунароанин Дагъистаналда гьавщинав БахIарчиян абуна Марина АхIмадовалъ. Амма буго гьей рекIекъ гьаюлеб хIужаги.

Марина АхIмадова: «Дун пашманлъизабулеб жо буго Дагъистаналда щивниги лъалареб гIел гIолеб букIин, гIунго буго гьединаб гIел.

Нижехъе хъвадарухъабазул шураялде кучIдулги росун рачIунел гIолохъанал дагъистаниязда щивниги лъалев гьечIо, я Расул, я Шамил».

Марина АхIмадовалъул рагIабазе нугIлъи гьабулеб буго Каспийскалдаса мугIалим Хадижат Бечедовалъги.

Хадижат Бечедова: «ГIемрисеб бараб буго эбел-инсуда. Нужеда имам Шамиль лъалищин гьикъана дица сон лъималазда. Лъалин абун вахъана тIаде цо цIалдохъан. ТIехьалъул ахиралда буго имам Шамилиде гьабураб кечI. Гьеб цIалун бугоан гьев васас.

Гьесул кIудияв эмен тIокIалъ чIечIого вачIуна школалде. Салам кьезе лъималаздаги малъула. Гъодинал эбел-эмен рокъор ругеб мехалъ лъала лъималазда гьединал жал.

Гьединлъидал гIицIго мугIалимзабазда бан тезе бегьуларо гьеб. Рокъоб эбел-инсуца бицине ккола имам Шамилилги цогидал бахIарзазулги хIакъалъулъ. Школазда батIи-батIияб заманалда батIи-батIияб куцалда бицунаан имамасул хIакъалъулъ.

Гьеб киназдаго лъала. Масала, дир эбелалъ бицуна жидер заманалда имам Шамилил цIар бахъараб тIахьаздаса тIанчал рихъизе, къунцIизе тIамулаанила жал. Хадубги гьесул хIакъалъулъ цо хIарп къватIибе кьураб бакI букIинчIо тIахьазда.

Гьанже дун цIакъ йоххарай йиго гьанже Вакиловас рахъарал тIахьазда имамасул хIакъалъулъ хъван батидал».

Дагъистаналда буго 1990 соназул байбихьуда имам Шамилил цIаралда гIуцIараб халкъазда гьоркьосеб фонд.

КIудияв имамасул цIаралдаса пайдаги босун, фондалъул вакилзабаз жидеего санагIалъаби гьарулел ругин абураб пикру букIуна республикаялда цо-цоязул. Амма фондалъул нухмалъулев СалтIаса ГIумар ХIажиев рази гьечIо гьелда.

ГIумар ХIажиев: «Дида гьедин кколаро. Щайгурелъул исана 25 сон тIубала мунагьал чураяв Дибир МухIамадовас фонд гIуцIаралдаса. Гьев кколаан культурологиялъулги тарихалъулги профессор.

Фондалде рачIарал чагIазда гьес бачIинахъего лъазабулаан нуж гьанире доба-аниса щолеб гIарац бугилан хьулги лъун фондалде рачIунел ратани, гьабсагIатго нахъе ине бегьулила.

Гьеб жо гьечIо гьаниб. РагIичIо гьединго лъицаниги фондалде кIуди-кIудияб гIарац рехун бугиланги.

ХIукуматалъги щибниги биччаларо гьенибе – я машина, я гIарац. Ниж рази рукIуна хIукумуталъ гъодинаб хIалтIи гьабизегIаги гьукъулеб гьечIилан. Гьукъулеб заманги букIаралъул.

Цойги, Дибирица лъазабун букIана кигIан нужеца тIахьал риччаниги, хIалтIи гьабуниги нуж имам Шамилил даражаялде рахунарила.

Рахунареллъи гIемерисезда бичIчIана, бичIчIаниги щиб, жакъа Дагъистаналда руго имама Шамильги рикIкIинчIого, жал гьесдасаги кIудияб даражаялъул чагIилъун рихьулел гIадамал…

ЦIар кIудияб буго фондалъул. Дун цIакъ разияв вукIуна гьеб «фронт Шамиля» гьечIолъиялдасаги. Гьеб фондалдалъун нижеца рес кьун буго бокьарав чиясе бокьараб пикру дандбазе рачIине. Амма гIемерисел гьенире рачIунаро. Щаялиги лъаларо».

4 февралалда Миллияб библиотекаялда тIобитIараб мажлисалда Авартеатралъул художествоялъулав нухмалъулев ХIайбула ГIабдулгъапуровас данделъаразда абуна Ленинил монументалъул бакIалда МахIачхъалаялда Шамил имамасе лъезе кколин монумент. Гурони нужеца гьабулеб хIалтIи гьадингосеб хIалтIилъун хутIизе бугилан.
XS
SM
MD
LG