МагъчIваялъе рес

Щай Данияловас ва Расулица Шамил какарав?


Imam Shamil-A photo of engraving, illustration,
Imam Shamil-A photo of engraving, illustration,

Тарихиял цIаразда сверухъ цIакъ гIемер маргьабиги, ургъун рахъарал, гIадамаца жидерго гIиналда рагIизе бокьарал жал рукIуна рицунел. КигIанго жиндир хIакъалъулъ бицен гьабулев чи машгьуравги, лебалавги вугевгIан гьесул рахъалъ бицунеб хабарги букIуна хIакъикъаталдаса кьурараб, рикIкIадаб, санаца, гIасрабаца тIад гIадамаз батIи-батIиял кьерал, релъаби, лажбарал рахъараб.

Нилъер Дагъистаналъул тарихалда бищунго тIадегIанаб ва машгьураб цIар имам Шамилил букIиналда щаклъизе бакI гьечIоха. Бищунго гIемер маргьаби ва ургъун рахъарал жал руго Шамилил цIаралда сверухъги. Гьел мацIазул ва маргьабазулги буго батIи-батIияб даража: тIоцебесеб гъасда-цIадухъ гIадатиял магIарулаца цоцадехун бицун тIибитIараб, хIакъикъат кьуризабун, рагIизе бокьараб хIалалъ хисизабун, дир кIодоца дур кIододе абун букIанин бицун нилъехъе щварав Шамил ва гьесул гьунарал.

КIиабилев - хIукуматалъ ва хIукуматалъул къайимлъиялда бугеб тарихияб гIелмуялъги, политикиялъги нилъее рагьулев Шамил. Гьев чанго батIияв гьавун вукIун вуго ХХ гIасруялда. Пачаялъул Россиялъ халкъ ва гIелму тун букIана вукIараб хIалалъ Шамилил бицине. Хадуб большевиказулгун партиялъулги гьесдехун дагIба букIинчIо, хIатта ватIанияб рагъул заманаялъ хIалтIана гьесул цIар Гитлерида данде бусурбаби рахъизаризецин.

Тун гьев вукIана хъахIав пачаясда данде хвалчен борхарав чи хIисабалда. 1940 абилел соназул ахиралда нахъойги какана Шамил, хIатта ЦКялъ тIамун нилъер ГIабдурахIман Данияловцин вахъана докладгун Шамил какун гIелмияб конференциялда кIалъазе. КакичIого ресги букIинчIо гьесул. Гьесухъги гIенеккун гIолохъанав Расул ХIамзатовасги хъвана гIумруялъ мугIрул халкъалда тIаса лъугьаян гьардезе ккараб, хадуб живго Данияловасцин бадибчIвай гьабураб "Имамасул хвалчен" абураб кечI. "Дун ЦКялъ тIамуна, мун лъицаго толарого гьеб чIанда хъвалев?- ин абунила жинда ГIабдурахIманица, хIакъикъат бичIчIарабго кватIун ватанаян бицунаан Расулица. Гьале гьеб кочIолъа мухъал:

"...Хвалчаца цIунана анцI-анцI лъагIелаз

МагIарул халкъалъе ракъи, хIакъирлъи

Эбелалъе магIу, лъималазе хвел,

Лъудбузе къороллъи, россабазе рагъ.

ЦIунана гьужумал, гьагал чабхъенал,

Чачаназул рохьал, борхьазул рукIнал

Живго имамасул анкьайго чIужу

Микьго росдал гIурцIмаз баччулеб месед..." - ин.

Гьанир рехсана имам какараб кочIолъа бищунго "тамахал" бакIал. Хадусеб гIумруялъ Расулица гьев кIодоги гьавуна, ракI бекун тавбуги гьабуна. Гьеб тарих нужеда лъала. Лъабабилев Шамил вуго нилъер заманаялъул политикаялъ гIадамахъе вугIулев, Россиягун ракълида рукIаян васиятал хъвалев имам Шамил, гьесул рахъалъ ва гьеб темаялда цебехун бицун букIана.

Вуго цойги имам Шамил жалго тарихчагIи дагIбадулев. Цоязе - кIудияв асир, гIакълуялда гьикъун, халваталда ун, Аллагьгун зобалгун кIалъан хадув хвалчен лъалиниб лъурав. Гьесда сверухъ жиндир гIагарлъиялъиги, чанго наибги, хиянатлъичIел дагьал чагIиги гурони рукIинчIо. КIиабилез абула имам гукканин Гъунив магIарда, рагъ чIезабуни СагIудиялъе виччазе вугин, хадуб гIурусаца хиянат гьабунин. ХIакъаб, киназдаго лъалеб хIакъикъат буго 1859 абилеб соналъул риидалиде гIемерисел имамасда сверухъ рукIарал наибзаби гIарцухъ ричун росун рукIин.

Фельдмаршал Барятинскиясда цадахъ меседил гъурщалгун казначей витIун вукIанинги абула. Иман загIиплъарабго, рагъул къуват чучлъигун гIарцухъ росана бусурбаби. Гьеб тIад калам гьечIеб хIакъикъат гьереси гьабулелги руго маргьаби. Масала, ахираб заманалда киналго социалиял гьиназда тIибитIун, телефоназ цоцахъе реххулеб буго Шамилил суратги, гьесул рагIабигияе абулел иргадулал маргьаби. Гьале гьел:

"Имам Шамил Истанбулалда вукIараб мехалъ гьесий суал кьун буго:
-Дагъистаналъул цойги хIукуматаздаса батIалъи щиб бугеб ?

Имамас жаваб кьун буго:
-Дида Дагъистаналъул мугIрузда тарал гIадинал бахIарчиял васал кирго гьечIо дунялалда тIад. Гьезул цо-цояв тушбабазул тIубараб боялда данде рагъизе кIола.
.."

Гьал рагIаби имамас Истанбулалда абиялда дун божуларо. ТIооцебесеб иргаялда гьесул тIубанго ракI буссун букIана жиндие хиянатлъараб Дагъистаналдаса. КIиабизе Шамил дова пресс-конференциял кьолев вукIинчIо, турказул султIанас къиматалда къабулги гьавун нухда регIана СагIудиялъе.

Лъабабизе, анцIила хадуб соналъ гIурус пачаясухъ асирлъуда вугев Шамилиде гьес жиб таралдаса анцIгониги сон бараб, гIурус чакмабаца мерхьунеб Дагъистаналъул ахIвал-хIал гьикъуларо. Гьеб буго имамасе судулеб ругънаде тIаде цIам щвай гIадаб жо.

Гьесие дандчIвай гьабулел чагIиги гьедигIан ахIмакъал рукIинчIо. ХIасил калам жакъа информационияб дунялалда цIакъ гIемераб чIахI-къул буго, гьелда гъорлъа халкъалъе хIакъикъатги, хIажатаб каламги, хIакъаб рагIиги балагьизе квербакъани лъикIан гIелмуялъги, журналистикаялъги. ЦIиял харбал кIодоца ватсапалдаса хехго бицунел руго ва киналго информациялъул алатаздасаги цере. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG