МагъчIваялъе рес

Имам Шамилищ, Шамвилищ яги Шамуилищ?


Имам Шамил, "ХIакъикъат" газетаялъул архивалдаса босараб сурат.
Имам Шамил, "ХIакъикъат" газетаялъул архивалдаса босараб сурат.

Имам Шамилида эбел-инсуца лъураб цIар ГIали букIана. ГьитIинаб мехалда гIемер унтулев вукIун, гIадаталда рекъон, васасда цIар хисана - Шамуил абун. Гьеб буго ягьудиязул динияб тIехьалда, Тавраталда рехсараб цIар. Къокъ гьабун, Шамуилалъул бакIалда бачIана Шамил. Гьеб цIаралда гъоркь машгьурлъана имам тIолабго дунялалда.

Амма гьес жиндирго цIар Шамуил абун хъвалаан". Гьадин хъвалеб буго «Имамасул хIакъалъулъ цо-цо баянал» абураб, магIарул казияталда бахъараб макъалаялда МухIамадов МухIамад абун гъоркь цIар хъварав чияс. ХIакъикъаталдайин абуни имамасда цIар Шамуил букIинчIо ва гьеб букIинчIолъиялъе кьучIал далилалги ругоян бицана Дагъистаналъул гIелмияб институталъул хIалтIухъан МухIамад ГIабдурахIмановас. Гьес бицухъе, имамасда цIар Шамуил букIанин хъван батулила цо-цо тIахьаздаги. Масала, гIалимчи Расул МухIамадовас I94I соналда къватIибе биччараб "Шамилил гIолохъанлъи» абураб тIехьалъул кIиабилеб гьумералда хъвалеб бугила: "Маленький Али стал Шамуилом , короче - Шамиль, что означает в переводе: всеобъемлющий", - абун.

ГIабдурахIман МухIамадов: «Дагъистаналда гIараб мацIалда имамасул тарих хъварал гIалимзабазда гъорлъ дагьаб бугониги Шамил абураб цIаралъул хIакъалъулъ гIатIидго баян кьурав чи ккола Аллагь разилъаяв Жамалудин устарасул вас, Шамил имамасул дурц, гIалимчи Гъазигъумекиса ГIабдурахIман. Дурц вукIиналъ ГIабдурахIман вукIана имамасул рокъоса гIадинав чи. Гьев ахираб къоялде щвезегIан Гъуниб магIардаги хадуб Россиялдаги имамасда цадахъ вукIана. Гьесда живго имамасги цогидал Генуб къварилъухъ ГъазимухIамад имам шагьидлъараб рагъда гIахьаллъарав будун МухIаммад ГIали гIадинал муридзабаз бицунги лъикIго лъалаан имамасул лъимерлъудасан байбихьун гIумру. Гьединлъидал гьес кIигониги тIехьги хъвана имамасул гIумруялъул.

Гьес жиндирго "Тазкират" тIехьалда хъван буго Шамилил цIаралъул хIакъалъулъ цо гьумер. ГIабдурахIманица хъвалеб буго тIоцебе имамасда цIар ГIали букIанила, хадуб тIаде жубанила Шамил абун, ай Шамил ГIали абун цIар танила гьесда. Цинги ГIалиги нахъе рехун Шамил абураб цIар хутIанила. Цо-цо гъваридго имамасул цIаралъул баян кьолелин ругел тарихчагIаз Гъазигъумекиса ГIабдурахIманил хIалтIиги кьочIое босун хъвалеб бугеб имамасда цIар Шамил хисанин ялъуни Шамвил ГIали танин абураб пикру мекъаб бугин. Щайгурелъулила, ГIабдурахIманица хъвавухъе, имамасда цIар Шамил абун хисичIила, гьединго, Шамвил ГIали абунги хисичIила. Хисанила Шамил ГIали абун».

ГIабдурахIманов МухIамадица бицухъе, Расул МухIамадовасги, Генуса АхIмадил МухIамаднабицаги гIадин, живго имамасги гIарабалъ имамасул тарих хъварал гIалимзабазул цонигиясги Шамуилин хъвачIила. Гьес жиндирго цIар цо хассаб къагIидаялъги хъвалароанила. Имамасул кагътазде балагьидал гьес муъминзабазул амир Шамвилил рахъалдасан абун хъвалаанила гIемерисеб мехалда, амма муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан абунги хъван батулила. Гьединго хъвалаанила имам Шамвилил рахъалдасан ва имам Шамилил рахъалдасан абунги.

ГIабдурахIман МухIамадов: «Шамил абураб цIар букIинчIо имамасул тухумалдаса цониги чиясда ва Генуб росулъ, сверухъ ругел росабалъги гьединаб цIар бугев инсан вукIинчIо. Дагъистаналъул тарихалъул тIахьазде балагьидал тIоцебе гьеб цIар дандчIвала ШугIайб-афандиясул "ТIабакъат" абураб тIехьалда. Гьес АхIмад Талалияс изну кьурал чагIазда гьоркьов рехсолев вуго Батуналдаса Шамил-афанди. Гьев АхIмад Талалиги ккола имамасул заманалда вукIарав, имамасул вас ГъазимхIамадилгун гьоркьоблъиги букIарав чи. Хадуб нахъа тIахьазда батана имамасда битIараб цIар Шамвил букIин ва гьеб бану исраилазул аварагасда букIараб цIар кколеблъи. Къуръаналъул сурат ал-бакъараталъул 246 аяталда рехсей гьабулев бану исраилазул авараг Шамвил кколин абун хъвалеб буго тафсир Жалалайниялда. Гьесда лъайдал жиндир цIар аварагасул цIаралда рекъараб букIин гьев кутакалада вохана ва гьелдаса нахъе Шамвил абун битIараб цIар тана».

ГIабдурахIманов МухIамадица бицухъе, Шамил абураб цIар рагIула Шамвилалдаса къокъ гьабураб. Шамвилги кколила сирянияб, ай ассириязул мацIалдаса гIараб мацIалде бачIараб рагIи.

Тарихчи Гьиматил Камилица бицана жинцаги кидаго абулаанила имамасда цIар Шамуил букIун батулин. Амма тарихалъул кьочIолъе ваккидал гьеб пикру мекъаб батанила ва имамасда цIар Шамил гуреб, Шамвил букIараблъи баянлъанила.

Гьиматил Камил: «Шамил имамасул цIаралда хурхун жиде-жидер пикру загьир гьабун букIана гьанжеялдаса цебего тарихчагIазги гIалимзабазги. Дир хIисабалда цо кидаялиго лъицаялиго абулеб буго гьеб Казимбегидасан бачIараб бугиланги, хъвалеб букIана Шамуил абун. Цо заманалда дирги букIана гьединабго пикру, щайгурелъул, жугьутIазул цIарал руго Гавриил, Самуил, Даниил. Ил абураб жо буго дозул аллагьин абураб. Амма дица халгьабуна кагътазде ва цониги кагътида жинцаго имамас Шамуил хъван гьечIо, хъван буго Шамвил абун».

Гьединабго пикру загьир гьабуна, ай имамасул хIакъикъияб цIар Шамвил кколеблъи чIезабураб хIужа бугин бицана тарихчи Мурадуллагь Дадаевасги ва гьеб кьучIаб букIиналъе рехсана Къарахъа МухIамад-ТIагьирица "Барикъатусуюфалда" Шамвил абун хъвалеб букIараблъи. Гьединго, МухIамад-ТIагьирица жиндирго "ГIибаратул игIтибар" тIехьалдаги хъвалеб бугила Шамвил абун. ГIахьалчIиса МуртазгIалицаги Гиничукьа ХIайдарбегицаги хъвалеб бугила Шамвил абун.

Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица "Тазкираталдаги" "Хуласатутафсилалдаги" хъвалеб бугила Шамвил абун.

ГIурадаса МуртазагIалица (Мур) жиндирго "Мургъим" тIехьалда хъвалеб бугила Шамвил абун.

ГIахъущалиса ГIалихIажиясул вас Илясица жиндирго "ФаргIу асари Дагъистан" абураб тIехьалда хъвалеб бугила Шамил абун. Генуса ХIасанилав-дибирас ГъазимухIаммадил хIакъалъулъ хъвараб гIажам тIехьалда хъвалеб бугила Шамил абун.

ШугIайб-афандияс "СилкулгIайналъул тахмисалда" хъвалеб бугила Шамвил абун.

ПалхIасил, цересел гIалимзабазул гIемерисел тIахьазда хъван батулила Шамвил абун, цо-цо бакIалда Шамил абунги. Амма Шамуилин хъвараб бакI гьанже нахъа рахъарал цо-цо гIалимзабазул хIалтIабазулъ гурони дандчIваларила.

XS
SM
MD
LG