МагъчIваялъе рес

Имамасул Иван гьавулеб кино ва цIиял "тарихчагIи"


Имам Шамил
Имам Шамил

"ХъахIаб чалмаялъулъ, чергесаб ратIлилъ, Чарамул хвалчада квегIаб кверги лъун, Гучав имамасул къадруяб сурат, Къояца букIана нижер къеда бан..." абурал мухъал рагIичIев чи магIарулазда гьоркьов къанагIат гурони ватиларо.

Шамилил сурат букIана ва буго щивасда гIагарун магIаруласул рокъоб. Гьеб буго гIадатияб къеда, тIаса кьер араб, бакъуца тIогьилъизабураб кагътида бахъараб, гьеб буго сверун гIарац - месед бекьараб къиматаб рамкаялъуб, гьеб буго батIи-батIияб социалияб хIокIида ругел гIадамазул къеда. Цояб рокъоб гьеб букIуна тIарикъаталъул устарзабигун, цогидалъуб - И. Сталингун хIатта В.Путингун цадахъцин.

Шамилица жеги чIаго ракьалда вукIаго асир гьабун букIана магърибалъул рахъ - Европа, Парижалъул сценаялда спектакль лъун букIана Шамил вихьизабулеб жеги имам чIаго вукIаго. Шамилица асир гьабун букIана машрикъ - гIусманиял ва кинабго гIарабазул дунял - Алжиралъул ГIабдукъадиридаса рахъарал Макка ХIарамалъул шарифзабазде щун. КъанагIат ватила дуниялалда гьединаб машгьурлъи щвараб тарихияб цIар.

Шамилил цIаралда сверухъ гIасрабаца къотIулел гьечIо бахIсал ва дагIбаял. ХIатта ватIанияб рагъул заманалдаги кIиябго рахъалъ - немцацазгун советияб пачалихъалъ хIалбихьана гьесул цIаралда гъоркь бусурбаби цолъизаризе. КигIан гIалимзабаца кагъат хвезабуниги хIакъаб, нилъеда лъалеб жо буго имамасе ва гьесул къеркьеялъе хIатта жакъагицин хIикъикъияб къимат кьун гьечIолъи. Гьесул цIар политикацаги, питнадулацаги, провокаторазгун гьереси-тарихчагIацаги жидеего санагIатаб хIалалъ хIалтIизабулеб букIин. Гьелда сверухъ гIемераб чахI-къул букIин ва хIакъикъат халкъалдаса бахчун букIин.

Гьаб сагIаталда унеб буго хIалтIи "Дагъистан" абураб кинокомпаниялъ имамасул хIакъалъулъ кинофильм бахъиялда тIад. Сценарий хъвалеб рагIула Светалана Кармалита абурай гIаданалъ. Гьеле гьей Кармалитада цеве тIамулев, политикиял тIалабазда данде кколев имам вихьизавизе рагIула улкаялъул киноэкраназдаса. Дихъе щварал баяназда рекъон, сценариялъул аслияб пикру рагIула Гъунив магIарда Шамил асирлъуде ана ва гьес наслабазе Россиягун ракълида рукIаян абун васият гьабунин абураб пикру.

Гьедин батани щайха имамасул вас ГъазимухIамад Россиягун данде вагъарав? Щайха Шамилил васасул вас СагIидбег 1919 абилеб соналъ Кавказ хвасар гьабизеян хъахIазул рахъалда вагъизе вачIарав? Гьеб ургъун бахъараб художественияб фильм я тарихияб хIужа гуро, я искусство гуро. Гьеб буго гьерсида буцун гьабураб пародия. Гьеб пропагандаялъул мурадалда кино бахъулел бахIарзазда лъазе лъикIан, жакъа цере тIурал технологиязул гIасруяда, нусго источникги, азарго батIияб информацияги гIадамазул кисиниб бугеб мехалда гьабизе кIолеб жо гуреблъи гьеб фальсификация.

Цо гурони каналги хIалтIулареб, клубалда парторгас агитхIалтIиги гьабулеб мехалда бегьилаан бугIизе гьеб гьереси гIаламалъухъе. Жакъа гьелъ гIаксияб, тIадеги ИГИЛалъул рахъ ккураз пайда босулеб иш лъугьине буго. Бищунго инсан тIаса лъугьиналде ва ракълиде вачунеб жо буго гъалатIазе мукIурлъи, тавбу гьаби ва хIилла-рекIкI гьечIел ракI рагьарал гьоркьорлъаби гIуцIи. Россиялъе Кавказалда парахалъиги гIаммаб пачалихъги бокьун батани гьелъ рагьун абизе ккола ХIХ гIасруялда Кавказалда гьабураб вахIшилъиги гъалатI букIанин, гьаризе ккола гIайиб гьечIого гъурараб авар ва чачан халкъалда тIаса лъугьаян ва байбихьизе ккола цIиял гьоркьорлъаби.

Тарихияб гьереси ва фальсификация букIине буго дандечIеялъул ва биялтIеялъул цIадабе балеб сум-гIучIлъун. Гьелъ цIидаса гьелегьизабизе буго цIа. Дагъистаналъул бахIарчи имам Шамилги вихьизавизе ккола имамлъун, жакъасел сценаристаз гIадин Иванлъун гурев.

Гьес Россиягун ракълида рукIаян гьабураб васияталъул букIине буго кIиго рахъ. ТIоцебесеб - гьесда лъалеб букIинчIин Россия гьедигIан гучабги кIудиябги улка букIин. Гьелъ Шамилил гьавизе вуго жагьилчи. КIиабилеб - гьесда лъалеб букIанин Россия кIудияб букIинги, лъалаго вагъанин, ахиралда нус-нус азаргояз магIарулалги цIадаре ритIун асирлъуде анин. Гьанив Шамил лъугьунев вуго хиянатчилъун.

Наслабазе гьев хIажат гьечIо я жигьиллъун, я хиянатчилъун. Щай гурелъул гьеб кIиябго буго жакъасел палугьабаца жидер конъюктуриял интересазе гIоло имамасда тIад лъураб бугьтан. ГIакълу гьезул гIуни гьеб рокъобе нуцIа къалан ва телаан Шамил тарихалда вукIараб хIалалъ. Гьеб буго битIараб бицине гьукъараб, гьереси бицине рекъечIеб, рогьояб тема. Гьелъул нусцIул хъвана магIарулаца:

...Огь дида рихьана, рорхатал мугIрул,

Нуж багIарлъулел куц гьелдаса нечон... - ин абуна ХIамзатовас.

"Дицани гьеб Гъуниб гъогъол гохI гIадин,

Гъваридаб кIкIалахъе цун реххилаан.

Щай гурелъул гьениб шаргIалъул хвалчен,

Шамилил кодоса капурас индал" - ин хъвана Гьарадерихъа ГIабдулпатахI абурав шагIирас Шамил асирлъараб ГъунимегIералъул рахъалъ.

Жакъасел "тарихчагIаца" Шамил вихьизавизе вуго эркенлъиялъе гIоло вагъулев гурев, жив Россиялда гъорлъе виччаян вагъулев ва гьелде рачIаян васиятал гьарулев гIадин. ХIажат бугищ нилъее гьереситарихги, гьелда рекъон кIанцIолел актералги нилъер тарих ва бахIарчилъи суризабун. Дие, магIарулав хIисабалда гьечIо... Нужее лъаларо...Щивасул букIинарищха жиндир пикру.

Хабар лъикIаб рагIайги!

----------------------------------------------------------------------------------------------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG