МагъчIваялъе рес

Мун лъил чи?


Россиялдаги Дагъистаналдаги хъулухъалъул ракьанда вугев чи кидаго вукIуна цо «лъилалиго чи». ГIемер рагIана нилъеда гьелъул бицунеб – «президентасул чи», «мэрасул чи», щивалиго авторитетас хъулухъалда лъурав чиян бицунеб. СанагIат гьечIеб жо букIуна гьеб саламатав, эркенаб пикруялъул магIарул чиясе «мун лъил чи?» ян кьолеб суал. Гьелдасаги квешаб буго дуда гьикъичIого мун лъиеялиго кьей.

«Лъилниги чи гуро дун, дир инсул вас, Аллагьасул лагъ, эркенав чи, цо чиясе бетIер къуличIо, хIеличIо, дир пикруялда, тIад лъиданиги ханлъи гьабизе кIоларо»,- ян керен бухиги тIубараб гIакъиллъиян кинха рикIкIинеб?

Инсанасда тIад батIи-батIияб асаралъ ханлъи гьабула. Цо рахъ буго, пуланав чиясда рекъараб мацIги бицун, гьес абуралда тIадги рекъон, хIакимасул ракьанда чIей. Гьев вуго чадие гIоло ургъунго нилъеца вищарав «бетIергьан». Гьесул квешаб рахъ буго нилъее вокьун гьечIониги, цо-цо мехалда чадица тIамула гьев чи данде вачине. Цогидаб рахъ буго, дур пикрабазда тIад ханлъи гьаби, дуе асар гьаби.

«Мун лъил чи?» - ян дие суал кьун бачIани, кIоларо дида лъицаниги дие асар гьабуларин, дун тIуванго эркенав чи вугин абизе. ТIуванго эркенав ва лъилниги пикруялъул сан гьабуларев чи вукIуна гIабдал яги унтарав чи. ГIадада гурелъул кIудияца пикру унтарал чагIазул рахъалъ абулеб «гьав вугин гьанивги доваги жиндие бокьухъе тарав чиян» (кIиябго дунялалда).

Мун Аллагьасул лагъ вукIинги, эбел-инсул вас вукIинги киназего хIакъаб жо бугоха. ХутIарал чагIаца дур пикрабазда тIад ханлъи гьабула дур дунял бихьиялда, дур гIакълугун лъаялда, дур интересазда, дур гьездехун бугеб бербалагьиялда рекъон. Тарихалъул хIисаб гьабурабго дуда тIад ханлъи гьабула тарихалда лъалкI тарал, дуе асар гьабулел машгьурал гIадамаца, тарихиял цIараца. Гьединго рукIуна литератураялда, культураялда, искусствоялда дуе асар гьабулел гIадамал. Бищунго асар гьабурал лъугьуна кумираллъун. Гьел чагIи рикIкIине бегьула дур «хважаиналлъун», дур пикрабазда ханлъи гьабулел чагIи рукIиналъ.

Чан чияс «ханлъи гьабураб» дида тIад? Поэзиялъулъ - М. Лермонтовас ва Расул ХIамзатовас, МахIмудица ва Пушкиница, прозаялъулъ – Чеховас, Буниница,Марк Твеница, Пушкинил «Белкинил повестаз», Достоевскияс, Толстояс, гьанир пикраби хисула мех-мехалда. Тарихиял цIаразулъ - имам ГъазимухIамадица, Шамилица ва Наполеон Бонапартица, гIурус пача Александр КIиабилес. Цо къоялъ дун кверде восула ГIирбанил ХIажиясул кIиго мухъалъ, ГъалбацIовасул хабаралъ, росулъа цо чияс абураб кепаб рагIуца, мачIхъадерил росдал лъималаца жидее садик рагьеян Путинихъе хъвараб кагътица, фейсбукалда данде гаргадулей ясалъ, гьадинго дандчIварав чияс.

БатIи-батIиял «хважаинзаби» рукIуна дуда тIад, батIи – батIияб заманалда. 1990 абилел соназул байбихьуда «Тенгликалъ» нухал къайгун Шамилил фронтгун цеве вахъарав МахIачевас «асир гьаруна» магIарулал чанго сонаца, хадур политикияб майданалде рачIана цIиял бахIарзал, гъоркь рукIарал рагIдукье ана. 1997 абилеб соналъ Хасавюрт шагьар кодобе босана цевехун гIемер рагIичIев Сайгидпаша ГIумаханов абурав чияс. Доб рахъалда Россиягун багъулеб Чачанги, гьанив ханлъи гьабулев МухIамадгIалиги гьес жиндир шагьаралдецин риччачIо. Гьеб галиялъ магIарулазул пикрабазда тIад «ханлъи гьабуна» чанго соналъ Хасавюрталъул мэрас. ГIумаханов жакъаги хутIулев вуго аваразе бищунго рейтинг бугев политиказул цоявлъун, хъулухъалдаса нахъе аниги. Нилъ «асир гьаруна» жинда гьикъичIого къазавурав А.Радченкоги хъамун, Дербентги чурхъун, Дагъистаналъул цо метра ракьул кьеларин азирбажаназеян Москваялдаги лъазабун борхун бетIергун хъулухъалдаса арав тIоцевесев ва ахирисев магIарулазул президент МухIу ГIалиевас. Нилъ тIубанго «асир гьаруна» республикаялъул бетIерлъунги вачIун анцI-анцI сонаца чияр миллаталъул гъоркьпалугьанлъуда рукIарал магIарулал «эркен гьарурав» Рамазан ГIабдулатIиповас. Цо-цояз керен бухила рукIинчIин лъилниги асаралда гъоркь абун, нилъ рукIунарищ, жинца нилъ "эркен гьарунин" абулев живго Рамазанидацин букIана гьезул асар.

Вазиф Мейланов
Вазиф Мейланов

Нилъ рукIана 2013 абилеб соналъул тIоцебесеб июналда Амиров вачун иналъул асаралъ кверде росун. Гьелдаса нахъе чанго моцIаца нилъ рукIана гьеб «маххул хIинчIалъул» асираллъун. ХIатта майдан бакьулъ Ленинил бакIалда гьелъие памятник лъезе кколинги рукIана нилъ. Нилъеда бихьулеб буго кина-кинал «хважаинзаби» нилъер гIумруялъулъ рукIунелали. Наполеонидаса рахъарал ГIирбанил ХIажиясде щвезегIан.

Лъида кIолеб дуниялалда дун эркенав чи вугин абизе? Амма буго цо аслияб асирлъи - намусалъул ва ияхIалъул гъоркьлъалида ин, жинда дунял бичIчIиялъул ва бихьиялъул нухда къеркьей ва гьеб асаралъул асирлъун хьвади. Дида Дагъистаналъул цIияб тарихалда гьединав чи цохIо рагIана - Вазиф Мейланов. 1980 абилел соназул ахиралда академик Сахаров цIунизе цеве вахъарав ва гьеб сабаблъун туснахъалда 8 сон барав. Гьеб ритIухълъи цIуниялъул асаралъ ва бахIарчилъиялъ гьавула инсан инсанлъун ва хутIанщинал рахъал мукъсанлъула гьеб даражаялда аскIор.

Хабар лъикIаб рагIайги!

------------------------------------------------------------------------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG