МагъчIваялъе рес

Кириллги килисаги, гьелда сверухъ бахIсалги


Россиялъул президент В.Путин (квараниса), Патриарх Кирилл (бакьулъ) "Ортодоксалияб Россия. Дир тарих. ЧIахIиял рихха-хочияздаса чIахIиял бергьенлъабазде" абулеб экспозициялда. Москва. 4Ноя2015
Россиялъул президент В.Путин (квараниса), Патриарх Кирилл (бакьулъ) "Ортодоксалияб Россия. Дир тарих. ЧIахIиял рихха-хочияздаса чIахIиял бергьенлъабазде" абулеб экспозициялда. Москва. 4Ноя2015

Насраниязул кашиш Кириллица пролетариатазул вождь Сталиниде гъегъ бай тIубанго битIараб гьечIин абураб пикруялъ кьвагьизе рахъана ритIахъе социалиял гьинал ва гьенибе ккараб жули-гIалам. Каламалъул стеннограмма цIаларабго щибниги бегьулареб жо абун гьечIоан гьениб, реакция кьуна гьел рагIаби улкаялъул рухIияв цевехъанасул кIалдиса арал рукIиналъ.

Сундул бицунеб бугебали бичIчIизе рехселин аслияб пикру гьесул каламалдаса: "Пачалихъ гIуцIулаго, цIигьабулаго ва цIунулаго гьелъие нухмалъи гьабурав улкаялъул бетIерасул ишал мекъаллъун рикIкIине бегьуларо гьев гIащтIичи вукIун ватаниги. Нухмалъиялъулъ политикияб таваккал, гIакълу, бахIарчилъи бихьизабурал рахъал нилъеца ритIухъ гьарила ва мисаллъун росила. Зулму, би, тIекълъи ва инсанасул къадру хвезаби нилъеца къабул гьабизе бегьуларо ХХI гIасруялда" - ян абуна Кириллица. ГIакъилаб калам, тIад хабар бицине бакI гьечIеб, амма...

Гьаб калам кутакалда рекъон букIинаан парторганизациялда, комсомолалда хIалтIулев вукIарав чиясе, яги гIадатияв советияв инсанасе, кинабгIаги партиялдехун ва нухмалъиялдехун хурхен гьечIев. Православияб килисаялъул бетIерасе гуребха. ГIасруялъул бищунго кIудияв зулмучи, бидулав ва АллагьгьечIил (атеист) лъикIал рахъал рехсезе динияб нухмалъиялъул рухIияв цевехъан вачIарабго гIенеккаразул, цIалдолезул пикрабалъе рачIунел руго батIи-батIиял гIиллаби.

БачIунеб буго суал, гьев тIаде балагьун гIалимав ва гIакъилав инсанасда цере тIамичIодай вождасул тIокIлъаби рехсолаго рухIарал килисабиги, чIварал гIалимзабиги? ХIисаб гьабичIодай кинабго рухIияб аслуялъе ахир лъураб лъабкъоялда анцIго сонил зулмуялъул ва жакъацин гьелъул загьруялдаса бацIцIалъичIеб жамгIияталъул? Щоладай гьесие рухIияб ихтияр халкъалда цеве вахъун вождасул тIокIлъаби ритIухъ гьаризе?

Щола, гьес абулеб жо битIараб бугин абила гIемерисеца ва хасго коммунитаз. Щоларо, гьес тIаса бищана мекъаб, къосараб нухин абила диссидентаз ва репрессиязул къурбаназул наслабаца. ГIажаибаб хIалтIи, гьеб суалалъулъ кIиялго рукIине руго ритIун, гьелдасаги гIажаибаб иш, кIиялго рукIине руго мекъиги.

РитIун рукIина, патриарх Кирилл хIакъикъияб, Сталинил заманалъул рогьоялъеги гьунаралъеги къимат кьолаго тIоцебесеб иргаялда инсан вукIун. ГIадатияв, нилъго гIадинав инсан, инсанасе хасиятал тIокIлъабигун ва гIунгутIабигун. Мекъи вукIина, улкаялъул конституциялъ пачалихъалдаса батIа гьабураб килисалъул цевехъан политикаял суалазда гъорлъе лъугьун, намусалъул рахъалъ босани. Гьесда цере тIамизе кколаан зулмуялъул цIадукье ккарал миллионал вождасул политикаялъул къурбанал, чIварал, хварал, Сибиралъул рохьазда ва рагьлил махI бахъарал туснахърукъзабахъ ракъуцагун унтуца гъурараб гъаримаб халкъ, жиндир ватIанцоял ва динцоял.

Гьанже нужер цоязе кеп щвела, кIиабилезул ццин бахъила гьас чухIулеб жо щибин, витIунги вугин, мекъиги вугин абун. ГIажаибаб хIалтIи гьеб бадибчIваялъулъ нужги рукIине руго ритIунги мекъиги. Щай? Щайгурелъул нилъеца хIисаб гьабун гьечIо Кириллил каламалъул лъабабилеб рахъалъул. Лъабабилеб рахъ буго жакъа Православияб килиса улкаялда лъугьун буго "пачалихъалдаса батIа гьабураб" бугониги бищунго къуватаб ва асар бугеб тIалъиялъул институтлъун. ГIандийскияс кочIолъ рехсарал мухъал Амиров жанив тIамурабго:

Алексий хваниги Кирилл гьечIевищ

Килисалда асий дугIа гьабизе... - ян гIицIго махсаро гуро.

Нилъеда бихьанагури кин Кавказалъул крутоял кашишазул килисабахъ хьвадулел рукIарал, тIоцевесесул баракат ва рахIму гьениса щвезе хьулгун. Кириллица Сталинида хурхун гьабулеб калам буго рагIи хисичIого В.Путинил пикру, божун ратичIони суал кье Путиние, гьебго такрар гьабила улкаялъул бетIерасги.

Кин абун букIараб В.Путиница СССР биххиялда хурхун? "СССР биххиялдаса воххарав чиясул гьечIо ракI, гьеб тIад буссун гIуцIизе кколин абулесул гьечIо бетIер" - ин. Гьеб буго улкаялъул бетIерасе гIакъилаб жаваб, гьесда цере руго киналго рахъал, халкъал ва гьезул пикраби. Гьебго жаваб кьела гьес Сталинида хурхунги, гучаб пачалихъ гьаби битIун букIанин, гIадамал чIвай ритIухъ гьабизе бегьуларин.

ХIасил калам. Кирилл какулездаги ритIухъ гьавулездаги кIочон тун буго лъабабилеб рахъ - килиса пачалихъалдаса кагътида гурони батIа гьабун гьечIолъиги, кашишасул кIалдиса рачIарал рагIаби Путинилгун гIаммал рукIинги. Гьелъул хIисаб гьабун букIарабани бахIсал рукIинароан. Кин доб букIараб Расул ХIамзатовасул?

...Гьес дида гьикъила алжангун жужахI,

Мун кинаб рахъалде витIилевилан.

Дица жаваб кьела, лъаларин абун,

Лъабабилеб бугин дунял къваригIун...

Гьеб лъабабилеб дунял балагьизе лъикIан киназего бахIсазулъги дагIбаялъулъги. Гьеб бихьуларого цояз ритIухъ гьавун, кIиабилез какулев вуго патриархги.

Хабар лъикIаб рагIайги!

------------------------------------------------------------------------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG