МагъчIваялъе рес

"ГIомо борлъулел чагIи" ва гIадада чIвалеб заман...


"Гьабизе жо тIагIун батани гIомо борлъе" - ян абула магIарулаца щиб гьабилебали лъаларого гIадада тирулев чиясда. Дун гьитIинаб мехалда магIарухъ росдал годекIанир ракIарарал гIадамаца годекIанирги кIусун байбихьулаан бихьа-рагIарарлъул бицине. Гьезда гьоркьов вугев анцIгоясдаса кIиго-лъабго чиясниги кIичIвалеб носоца нухда батараб гIучI, цIулал къотIел цо щиб бугониги бус-буссунаан. ТIубараб къоялъ цIулада тIадеги къулун гьебгун квал-квадулел рукIунаан харбихъги гIенеккун.

Цо нухалда геологоразведкаялда хIалтIулев цо гIурусав вачIун вуго нижер росулъе. ГодекIанир гIодор чIаразда аскIовги кIусун кIвар кьун валагьун вукIун вуго носоца цIул бус-буссунев цо гIолохъанчиясухъ, щибдай гьес гьабулеб бугеб лъаларого. Гьесда рагIун рукIун руго Россиялдаго бицунеб Дагъистаналъул цIулал ва месед-гIарацалъул устарзабазул, гьединаздаса цояс иргадулаб "шедевр" гьабулеб батилин ккун къулун вукIун вуго тIаде. Чанго сагIаталъ квал-квадизеги квал-квадун гIолохъанчияс бакьулъаги къотIун цо рахъалде реххун ун буго гIучI. "Тьфуу..." - ян гIодобе хIацIуги тун жиндир нухда ун вуго гIурусав, гьес хвезабураб кIиго сагIаталда ццинги бахъун. Дов "гIомо борлъулев - гIучI буцIулев" гьабизе жо тIагIарав чи вукIунаха. Гьеб буго заман чIваялъул ва цо жоялде машгъуллъиялъул мурадалда гьабулеб иш. Масала, магIарухъе йокьулейги ун шагьаралда пашманго хутIарав поэтас хъвалеб буго жиндир чорхол гIакъубаялъул ва ургъел чучизе ралагьулел нухазул:

"Мун араб мехалда нахъойги дица,

ЦIазе байбихьана тараб хъалиян.

Ва рукъалъул кIалтIа гIодовги вукIун,

КIичIвалеб носоца бус-буссана цIул..." - ин.

Гьаниб гьалъ чIвалеб заман, бачахъулеб буго пашманлъи. Амма кIвар кьезе гIурал жал гуро гьел - йокьулей магIарухъе ун шагьаралда хутIарав шагIирги, геологасе годекIаниб гIучI буссунев магIарулавги. Гьабизе жо тIагIарал чагIиха. Амма пачалихъалъ, хIукуматалъ, тIубараб миллиял ишазул министерствоялъ "гIомо борлъулеб мехалда" яги "цIул буссунеб" мехалда жамгIияталъ кIвар буссинабизе ккола гьелде.

Миллиял гьоркьорлъабазул министрлъун йиго профессионалияб лъайги щварай, йихьизеги гьайбатай, кIалъазеги пасихIай саламатай гIадан - ДГУялда къадруялда йикIарай филолог Татьяна Гамалей. Гьей хъулухъалда теялъ гIемер реццалъе мустахIикъаб гуреб тIалъиялъул гьумер лъикIлъанинги абизе бегьула. Ратизе рес буго гьезул пайдаял программабигун ишалги, щвалде щвараб концепцияги миллиял гьоркьорлъабазул политикаялъул. Дица гьезул хал гьабичIо. Амма миллиял гьоркьорлъабазул министерствоялъул "тIагърида" гъоркь тIобитIулеб "День куначества в Гунибе" ва гь.ц абураб жо бихьарабго гIемерал суалал рижана.

ТIоцебе баян гьабила щив чи кколев "кунак" абураб суалал. Кавказалъул халкъаз цоцадехун ругел бухьеназул хIасилалда лъазабула цоцадехун гьоболлъи. Гьеб гьоболлъи цIуниялъул руго кагътида хъвачIел гIасрабаца цоцахъе кьолел хасал шартIалги. Гьобол - кунак гIадаталда рекъон вуго цIакъго тIадегIанав чи, гьев цIунизе ккола бидвиххун вачIарав вугониги рухIги жанги кьун. ГIемерисел гьалбал - кунакал кколаан некIо автомобилалъул нухги гьечIел, чода, хIамида рекIун, лъелго халатаб сапаралъ унел чагIи цо пуланаб росулъ лъалхъизе ккун. Гьелъул хIасилалда бижараб жо буго гьеб кунаклъиги. Жакъа чанго сагIаталда жаниб республика сверулел автомобилалги, самолеталги, мобильный бухьенги бугеб, цере тIурал технологиязул заманалда кколищ кунак кунакасде? Кколаро, ккезе ресги гьечIо, гьечIебгIан мехалъ гьадал джипаздаги рекIун, чухъабиги ретIун районазде ун гьарулел "кунакасул къоялги" гьелда харж гьабулеб гIарацги буго Исламалдаса борцани исрафчилъи.

Пачалихъалъул къануналъул тIалабаздалъун борцани - пайда кьолареб харж гьаби, гIадатияб халкъалъул, гIадамазул мацIалда борцани - "гIомо борлъи яги гIучI буссин". Щай гьедин букIунеб- гьудул, гьобол, кунак, халкъазда гьоркьоб вацлъи-ян абулеб батани, гьебги битIун буго. Амма гьелъие нусцIул пайда цIикIкIун букIина гIарац гьел рахъал цIуниялъул хIакъалъулъ бицунеб творчествоялде буссинабуни.

Масала, лъикIал журналистазда кьун гIарацгун серия макъалабазул, телеочерказулгун передачабазул гьабизабуни, хъвадарухъабаца лъикIал тIахьал хъвани, театралъ спектакль лъуни гьеб гьоболлъи цIуниялъул темаялда лъикIал мисалалги рачун. Гьеб кинабго хутIула рухIияб ирсалъулъ нахъе наслабазе. Гьелъ тарбия кьола гIадамазе. ЦохIо нухалъ харж гьабураб гIарцул цIикIкIун пайдаги кколеб буго. Гъунир хамиз къоялъ кванарал хинкIалги, гьабураб кьурдиги, гьенире унаго бухIараб цIатариги цIияб къо бачIинелде тIагIуна. Ва гьелъул тIири пайда букIунаро цохIо гьеб къоялъе гурони. Гьабураб хIалтIиги релълъуна "гIомо борлъиялда". Кире ралагьаниги рихьулел руго "гIамал рорлъулел чагIи". ГIагараб заманалда бицине буго минторгалъ рорлъулел гIамазул.

Хабар лъикIаб рагIайги!

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG