МагъчIваялъе рес

Имам Шамиль: щиб хIакъикъат, щиб гьереси?


4 февралалда I44 сон тIубана имам Шамил гIумруялдаса ватIалъаралдаса. Гьелда бан гьал къоязда Шамилхъалаялде ракIарун рукIана имамасул ракьцоялги, тарихчагIиги, жамгIиял хIаракатчагIиги, цогидалги. БатIи-батIияб заманалда имам Шамилие кьолеб букIана батIи-батIияб къимат. Советияб заманалда гьев «гьавулев» вукIана ингисазул жасуслъун. БукIаниги жибго совет хIукуматалъул нухмалъиялъул пикру лъикIаб букIана.

КIудияв имамасда хурхун гьединаб тадбир тIоцебе тIобитIана Шамилхъалаялда. ТIоцебе гьеб тIобитIана магIарул мацIалда. Гурони гьединал тадбирал гIурусалъ тIоритIи ссиялда буго гьанже Дагъистаналда.

ГIурус пачаясул заманалда бахъараб энциклопедиялда имам Шамилие кьураб къимат гьадинаб бугин бицана филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас.

АхIмад МуртазагIалиев: «Шамил вукIана борхатаб сипаталъул, борхатаб лагаялъул, къамартIав ва чергесав чи. ТIулакьерал, цодагьал къинкIарал беразулъ букIана гIакъиллъиялъулги, сихIирлъиялъулги, гьелдаго цадахъ рекIел лъикIлъиялъулги асар. Гьесие хасиятал рахъал рукIана чияс гьабураб жо кIочонгутIи, щакдари ва лъиего мутIигIлъунгутIи. Гьелда гъорлъан загьирлъулаан хIалимлъиялъул гIаламатги. Гьев вукIана кутакалда бахIарчияв чи. БатIи-батIиял рагъазулъ лъураб I9 ругъун букIана имамасул черхалда...».

БатIи-батIияб заманалда имам Шамилие кьолеб букIана батIи-батIияб къимат. Советияб заманалда гьев «гьавулев» вукIана ингисазул жасуслъун. Гьелда бан гьадин абуна АхIмад МуртазагIалиевас.

АхIмад МуртазагIалиев: «Шамилидехун гьарурал гьел политикиял хIаязулъ хIаракатаб гIахьаллъи гьабула цо-цо магIарулазул хIакимзабазги, жавабиял хъулухъчагIазги. ТIасахун Шамил кIодо гьавизе изну кьунани, гьез гьев веццулаан, кьечIони – гьесул цIар бахъизе толароан. Имам Шамилица дунял таралдаса нахъе ана гIемерал сонал, амма гьанжегицин лъугIулел гьечIо гьев мубаракав инсансда сверухъ гIелмияб дагIба-къецги, къваригIел гьечIел политикиял хIаялгун бахIсалги. Цо гьединабго абундачлъун ккола имам Шамилица

Россиягун ракълида рукIаян гьабураб васигатги. Гьеб гьереси буго.

Гьай-гьай асирлъуе ккедал, напсалъулаб баркала кьуна имамас гIурус пачаясеги, гьесул хъулухъчагIазеги, гIадатиял гIурусазеги. Гьединго баянаб буго имамасги гьесул васазги пачаясе гьа бараблъиги. Гьелъие гIилла букIана Россиялъул ватIанлъи (гражданлъи) босизе къваригIин. Гурони Шамилиеги гьесул чагIазеги рес букIинчIо къватIирехун ине, хас гьабун абуни – хIежалде. Щайгурелъул гьелъие хIажалъулаан паспорт. Шамил асирлъуда вугеб заман букIана церетIурал пачалихъазда паспортазул низам хIалтIизабизе байбихьараб мех».

Гьеб данделъиялда гIахьаллъана цебе КГБ абураб гIуцIиялда хIалтIулев вукIарав генерал ГIумар МуртазагIалиевги.

Гьес бицана Москваялда цIалулеб заманалда жидехъе цо данделъиялде ячIун йикIанила машгьурай тарихчIужу, философ Панкратова. Гьелъ бицанила съездалда Хрущевас (советияб пачалихъалъул нухмалъулев) абунила гьанжениги «нахъвуссинавизе ккелин» дагъистаниязухъе имам Шамил. Гьеб мехалда дица гьелда гьикъана партиялъул, хIукуматалъул чагIаз тарих бокьани гьадин, гурони – додин бицунеб къагIидайищин букIунеб. Долъ жаваб кьуна имам Шамил вукIанин, вугин ва кидаго гьесул цIар цIунизеги кколилан. Гьелда данде чIарав чи вукIана даргияв, Шамилил хIакъалъулъ тIахьал рахъарав чи – Расул МухIамадов. Имамасул цIар цIунизе гьабураб хIалтIухъ гIезегIан гIакъубаги щвана гьесие. Бицуна чамалиго соналъ Шамилил хIакъалъулъ хъвараб гIелмияб хIалтIи хIурудахъ анин гьев гIалимчиясул, хIукуматалъ гьелъие нухги кьечIого, амма Расул МухIамадовас жиндирго пикруялдаса инкар гьабичIилан.

Хадуб МуртазагIалиевасе тIадкъай кьун буго Шамилил хIакъалъулъ Дагъистаналда бахъараб материал бакIаризе.

ГIумар МуртазагIалиев: «БакIарана дица гьеб, гIезегIан битIараб къимат кьураб материал. Щай дица гьеб бакIаризе кколебин цIехана дица дирго нухмалъулесда. Дос абуна хIукуматалъул нухмалъулев Андроповасе къваригIун бугила имамасе цо пленумалда чIванкъотIараб къиматги кьун, гьесул къиматаб цIар улкаялда цIунизе. Амма Андропов гIемер мехго иналде хвана, гьедин рагIалде бахъинчIо гьеб хIалтIиги.

Хадув дун щвана Багъдадалде. Дова дида дандчIвана цо дагъистанияв. Гьес бицана Шамилил хIакъалъулъ лъикIаб тIехь хъван бугила ингилисай Лессли Бленч абурай гIаданалъ. Хадуб дие сайгъат гьабуна гьеб тIехь. Цинги дос бицана гьеб тIехь цIаларай Америкаялъул президентасул лъади Жаклиница Швейцариялда Хрущевасда гьикъун бугила гьединав Шамил дунялалъе кьураб халкъ кинаб бугебан. Хрущевасги абунаха кинаб халкъ Дагъистаналда бугебалиги, Шамил щив вукIаравалиги».

Советияб заманалда Шамилида хурхарабщинаб тарих балъго гьабун букIунаанин бицана Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Денга Халидовас.

Денга Халидов: «1980 соназул ахиралда баккана цо кечI. Гъуниб магIарда чачанав Байсунгъурица абунила имамасде таманчаги битIизабун, гIурусазухъе кверде ани, жинца мун чIвазе вугилан. БукIинчIо гьединаб жо. ГIемер литература хъирщана дица. ВукIунгицин гьечIо гьев Байсунгъур Гъунив. Асирлъудеги инчIо имам. Пачалихъияв нухмалъулесда гIадин кIалъалел рукIана гьесда гIурусазул фельдмаршалалги. Шамилица гIурусазда абулеб букIана жал шаргIалда рекъон хьвадизе тейин, батIияб гъалмагъир Дагъистаналда букIунгутIиялъе рагIи жинцаги жиндир наибзабазги кьолин. Нужееги лъикI букIунин гьелда разилъани. Гьелдасан бихьулеб буго Шамил рагъулав нухмалъулев гуревги, дипломат вукIараблъиги».

Имам Шамилил хIакъалъулъ гьез киназго бицунеб букIана гIицIго 25 соналъ гьес гIурусазулгун гьабураб рагъул гуребги, гьесие къимат кьолеб букIана гIалимчи хIисабалда. 15 соналъ цIалун щвараб лъай букIана имамасул.

XS
SM
MD
LG