МагъчIваялъе рес

Къарахъа МухIамадтIагьирил хвалда цебесеб асар


Гьал къоязда къватIибе бачIана Имам Шамилил вукIарав мирза ва къади, гIараб гIелмуялъул рахъалъ бергьарав устар, Къарахъа МухIамадтIагьирил тIехь – «Инсанас жиндирго гIамал-хасият кIварабгIан къадаралда лъикIлъизабиялъул хIакъалъулъ бицунеб пайдаял калимабазул тIехь».

16 сентябралда МахIачхъалаялда миллияб библиотекаялда букIана гьелъул презентация.

ГIарабалдаса таржама гьабун, гьеб тIехь басмаялде хIадурана Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул (ДНЦ) гIелмиял хIалтIухъаби ГIабдулмажидов Рамазаницаги, ШехмухIамадов МухIамадицаги, МаламахIамадов Жамалудиницаги (щуго соналъ цебе гьез гранталъе бихьизабун букIун буго Къарахъа МухIамадтIагьирил ирс лъазабиялда тIасан хIадур гьабизесеб хIалтIи).

Къарал мухъалда гъорлъе унеб гьитIинабго ЦIулда росулъа МухIамадтIагьирица, Шамил имамас гIурусазда дандечIей байбихьаралдаса гьеб лъугIизегIан гьесда хьолбохъги вукIун, ракIарана имамасул рагъулал нухазда ккарал киналго лъугьа-бахъинал. ЦIакъго хIалуцарал рагъал унеб мехалда гьезда гIахьаллъизе виччан гьечIо имамас гьев, мун нахъе хутIизе кколин, МухIамадтIагьир, ва кинабго нилъер хIакъикъат наслабазе хъвазе кколин дуца, мун рагъулъе унгеян. Имамасул амруги тIубазабун, АхIулгохIда рагъ лъугIун хадубго байбихьун буго гьес кинабго къалмиде босизе ва имам кверде ун хадуб жиндирго ЦIулда росулъ чIун хъвана гьес «Шамилил цо-цо рагъазулъ дагъистаниязул хвалчадул паркъи» абураб машгьураб тIехь.

Гьединго батIи-батIиял соназда гьев хIалтIана ЧIарада мухъалъул ва магIарулазул цогидалги росабалъ къадилъун вукIун гьесда тIокIкIун лъалан гIараб мацI.

ШехмухIамадов МухIамадица бицана тIехьалда тIад хIалтIизе байбихьулаго жинда ккун букIанин гьедигIан захIмалъиларин жиндие гьеб, амма жинда ракIалда букIараб къагIидаялъ бигьаго батичIилан:

Мух1амад Шихмух1амадов: «ЦIакъ интересаб, хIикматаб мацIалда хъвараб тIехь букIиналъ, гьелъул таржама гьабулаго дандчIвана кIудияб захIмалъи. Хвелалде кIиго соналъ цебе хъвараб назму гIадаб жо ккола гьеб МухIамадтIагьирил».

Гьеб тIехь басмаялде хIадур гьабулеб букIин лъан хадуб жиндир цIакъ гъира базабунин гьелдеян бицана презентациялда Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца. Автономиялъул иргадулаб данделъиялда гьелъул бицен гьабун хадуб киназгоги рахъккунин гьелъул ва гьеб идараялъ гIарцул рахъалъ кумекги гьабун басмаялде бахъун буго цIияб тIехь.

ТIехьалъе цеберагIи хъван буго машгьурав тарихчи, бакъбаккул рахъ лъазабулев гIалимчи Амри ШихсагIидовас. Презентациялде вачIун вукIана гьевги. Кутакалда разиго къабул гьабуна гьес Къарахъа машгьурав гIалимчиясул хIакъалъулъ тIехь къватIибе бачIин. 1941 соналдаса нахъе лъицаниги щибниги цIияб жо хъван букIинчIин гьесул хIакъалъулъ. Гьанже гьелъие байбихьи лъунин ва гьеб хIалтIи гьоркьоб къотIизе тезе бегьуларин абуна ШихсагIидовас.

Гьес ракIалде щвезабуна Совет хIукуматалъул заманалда Шамилилги, цогидалги диниял церехъабазулги, жибго диналъулги бицине гьукъараб заманалда академик Крачковскиясул бетIерлъиялда Москваялдагун Петербургалда тарихчагIаз кIвар кьунин Къарахъа МухIамадтIагьирил хIакъалъулъ цIех-рех гьабиялде. Гьеб букIун буго 1938 сон.

Амри Шихсаидов Доб заман букIана вахIшияб атеизмалъ квелъ биччараб заман. Гьеб букIана квараниса квегIиде гьабулеб хъвай-хъвагIай цебетIезе биччалареб, Дагъистаналъул гIалимзабазул бицине гьукъараб мех. Гьеле гьеб мехалъ академик Крачковскияс тIадкъан буго жиндирго цIалдохъанасда Дагъистаналъул авторал загьир гьариялда тIад хIалтIи байбихьеян. Гьес гьединго абун буго жиндие бокьун бугин Дагъистаналда бакъбаккул гIелму лъазабиялъул институт рагьизе ва тIоцебесеб масъала букIине бугин Гъазигъумекиса ГIабдурахIманилги, Къарахъа МухIамадтIагьирилги хIакъалъулъ тIехь хIадур гьабиян. Нужеца хIисаб гьабе, Дагъистаналда тарихиял тIахьал хIурулъ ругеб, гьезул цо-цоял цIадареги рехун рухIулел ругеб мехалъ Москваялдаги Ленинградалдаги рахъулел рукIана Дагъистаналъул гIалимзабазул тIахьал, -

Гьеб данделъиялда кIалъана гьединго тарихчагIи ХIажимурад Доногъо, МахIач Мусаев, ЦIулда росулъ бугеб Къарахъа МухIамадтIагьирил музеялъул нухмалъулев ГIабдулаев Абубакар. Гьев ккола МухIамадтIагьирил анлъабилеб наслуялъул ирсилав. Гьесги вацасул вас Темирбудацагун цадахъ нухмалъи гьабулеб буго жакъа Къарахъа машгьурав гIалимасул музеялъе.

Жакъа гьеб музеялда рагIула жинцаго МухIамадтIагьирил квералъ хъварабги цогидалги, кинабниги нусиялда хадуб тIехь. ГIемерисел гьел живго МухIмадтIагьирица хъварал ругин бицана Темирбудаца. Гьел цойиде ракIарун гьечIолъиялъ захIмат бугила гьелгун хIалтIизе, гьанже гьел тартибалде ракIаризе ругила жидеца.

МухIамадтIагьирил вукIун вуго кIиго васги гьединго ясги. Гьесул бищун кIудияв вас ХIабибулагь гIелмуялъул рахъалъ инсуде вахинчIониги, варагI (хIалаллъиялдагун хIарамалда гьоркьоб гIорхъи) цIуниялъул рахъалъ гьесдасаги цеветIурав вукIун вуго.

XS
SM
MD
LG