МагъчIваялъе рес

ГIурус пачаясулгун кавказиязул рагъ лъугIараб къо


Россиялъулгун Кавказалъул рагъ лъугIиялда бан Кавказалъул халкъазул конгрессалъ Москваялда, гьединго Карачаязулгун Черкесиялда 21 маялда тIоритIана батIи-батIиял тадбирал.

Гьеб къоялда бан кавказияз гIелмияб конференция тIобитIана Туркиялдаги. Амма Дагъистаналда гьединал тадбирал рукIинчIо. Кавкалъул рагъ лъугIараб къолъун Дагъистаналда 25 август рикIкIуна. Гьеб ккола 1859 соналда Гъуниб магIарда имам Шамил асир гьавунин абураб къо.

Амма гьеб асир гьавиялдаги дагIба бала республикаялда гIемерисез. Гьез абула ракълилал къотIи-къаял гьаризе ругин къватIивеги ахIун, хIилла гьабунин гIурусаз имамасе. Гьедин дагъистаниязги чачаназги Кавказалъул рагъ лъугIараб къолъун 25 август рикIкIуна.

Аслияб куцалда гьеб рагъ Дагъистаналда, Чачаналда ва Чергесазул ракьазда унеб букIана. Амма букIаниги, гьеб рахъалъ цадахъ рекъон хIалтIи, яги цоцазулгун бухьен букIинчIин кавказиязда гьоркьобин рикIкIун буго тарихчи ХIажимурад Доногъоца.

ГIицIго цо нухалда, 1846 соналда, имам Шамилица гьабураб чабхъен гурони. Гьелъулги гьедигIан битI ккун гьечIо.

ПалхIасил, 1859 соналда Гъуниб магIарда имам Шамиль гIурусаз вачун ун хадув, Дагъистаналдагун Чачаналда рагъулал тунка-гIусиял лъугIана. Цинги Россиялъ аслияб кьаби щвезабизе лъугьана чергесазда. Ахир-къадги Россиялъ Кавказалда тIад кверщел гьабизе лъугьиндал, гIемерисел кавказияз къватIибе нух босана.

Масала, гьезул гIемерисел Туркиялдегун Шамалде гочана. Гьезул наслуялъул чагIаз гьанже ракIалде щвезабула жидер умумузда ккун букIун бугин гьанже гIурусалги рачIун ислам дин гьабизе гьукъилин жидее абун. Амма руго халкъал зулмуялдалъун жидер ракьалдаса гочинаруралги.

Масала, чергесал. Туркиялда вугев цо чергесас жиндехун бикьараб пикру бицунеб буго ЭР-ялъе Дагъистаналдаса тарихчи ХIажимурад Доногъоца.

ХIажимурад Доногъо: «Гьес абуна жидеца киналгIаги компенсациял, ихтиярал, ялъуни цогидаб бигьалъи тIалаб гьабулеб гьечIила. Жидее къваригIун бугила гIицIго цо жо – чергесазул халкъалъе геноцид гьабунин, зулмуялдалъун жидерго бакIалдаса къватIиреги гъун эркенлъарал жидер ракьалде тIубан батIиял чагIи риччанин гIумру гьабизеян абураб жоялъе Россияги мукIурлъизе, хIакъикъат гьединаб букIанин абураб жо гIалимзабазги тасдикъ гьабизе.

Узухъда, гьединаб ракьалда Олимпиялъул хIаял гьарулеб мехалда ричIчIизе бегьула гьел чагIи. Жидер умумузул бидуца лъалъарал ракьалда кечI-бакъангун, ахIи-хIуралда гьединал хIаял гьаризе лъиеха бокьилеб?

Нилъеда, дагъистанияздагун чачаназда ричIчIила гьел, дора, Россиялда, ругел гIадамазда гьел ричIчIизе рукIин щакаб буго».

Дагъистаналдаса цойги тарихчи МухIамаддадаев ГIамирханица бицана ЭР-ялъе я 25 август, ялъуни 21 май – цонигияб тарих битIараб гьечIин. Гьеб бугин цебесеб къагIидаялда рикIкIен гьабулелъул чIезарурал къоял. Гьединлъидал гьел тарихазде тIаде жубазе кколин чанго къо. Масала, имам Шамиль асир гьавурабин рикIкIунеб 25 августалъул бакIалда гьанже (цIияб календаралда рекъон) 7 сентябрь букIине кколин.

Тарихчияс гьединго гIемер цIех-рехал гьаруна Туркиялъги Шамалдаги ругел мугьаджиразул наслабазул.

МухIамаддадаев ГIамирхан: «Гьенир ругел кавказиязда гьоркьоса гIемерисел рахъана генералаллъунги, улка цIуниялъул рахъалъ министраллъунги. Амма гьелдаго цадахъ ассимиляцияги кколеб буго.

Масала, Туркиялъул конституциялда рекъон, гьезул гражданинас бицине бегьуларо турк тун батIияб мацI. Щугоялдаса цIикIкIун сонал гьенир ран ругони, бусурбанчиги вугони, гьев чи ккола туркав.

Доба гьечIо я Дагъистаналъул, яги Кавказалъул цогидал мацIазда рахъулел газетал. Гьедин лъугIулел руго рахьдал мацIал лъалел чагIи. ЦIаралги руго турказул къагIидаялда рачIинел.

Дица гьезул хIакъалъулъ гIемер цIех-рехал гьаруна, архивазде ваккана, росабалъе ваккана. Гьедин нусазариде бахараб къадар буго нилъер чагIазул доба. 80 азарго чи вуго дагъистаниязул Туркиялда. Гьезда гьоркьоса 20 азаргогIан чи ватила цIа-цIа хъа-хъан магIарул мацI лъалев.

Нилъер чагIазул гIемерисел руго месед-гIарац бичулел тукабазда, росдал магIишаталда. ГIелмуялда ругел чагIи цIакъго дагьал руго».

Доб цебехун бицухъе, Гъуниб магIарда Шамил гIурусаз асир гьавун ватаниги, ватичIониги, имам гIурусасда цадахъ ун вукIинчIевани, дагъистаниязегун чачаназеги гьарулаанин гIурус пачаяс чергесазе гIадал репрессиялин рикIкIунеб буго ХIажимурад Доногъоца.
XS
SM
MD
LG