МагъчIваялъе рес

ЦIитарав министрасде фермеразулги рекьарухъабазулги хьул


Dagestan--Musaefendi Velimuradov, Minister of Agriculture
Dagestan--Musaefendi Velimuradov, Minister of Agriculture

Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министр цIияв толев вугин, гьевги Мусаэфенди Велимурадов кколилан лъазаби республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьабуна 8 декабралда муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул махщел камил гьабизелъун МахIачхъалаялда тIобитIулеб букIараб данделъиялда.

Гьединанго анкьалъ цебе Гъизилюрт мухъалъул Султанянгъиюрт росулъ фермеразул форум тIобитIана мехалда хъулухъалдаса вахъун вукIана ГIабдулатIиповас гьанжелъагIан росдал магIишаталъул министерлъун вукIарав БатIал БатIаловги.

Кагътидасан цIалун гурони, республикаялъул росдал магIишат кинаб хIалалда бугебали бицине бажаричIолъиялъ, ГIабдулатIиповас БатIаловасда абун буго дуца жиндие бицунгейин жалго жидецаго хьихьулел фермеразулги, жалго бетIергьанаб боцIи хьихьун гIадамаца базаралде кьолел нигIматазулги.

Дуца бицейин кинаб цебе тIураб программа, технологиял ва нигIматал гIезариялъул къагIидаби министерствоялъ фермеразда гьоркьоб билълъанхъизабурабали.

Гурони министерлъиялде бачIараб гIарац бикьиги, бичараб гьангун рахьалъул хIисаб кьейги хIажат гьечIин жиндие.

БатIал БатIалов хисун министрлъун тIамурав Мусаэфенди Велимурадов гьанжелъанагIан лъалаан МухIарамкент мухъалъул нухмалъулев хIисабалда, гьединго Къилбаялъул рахъалда Дагъистаналъул бетIерас тарав вакил хIисабалдаги. Гьединго цо заманалда вукIана Халкъияб Мажлисалъул депутатлъунги.

Цевеккун росдал магIишаталда хIалтIулев вукIинчIев Велимурадовасухъа бажаризе бугищ финансазул кризисалъул заманалда республикаялъул росдал магIишат букIине кколедухъ нухда бачинеян абураб суал лъолеб буго цо-цо дагъистанияз.

ЦIитарав министрас кIвар ракьул суалалде кьезе кколин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул фермеразулгун рекьарухъабазул Ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдурахIман ГIабурикIовас. Ракь гIицIго гьеб хIалтIизабулел чагIазухъе гурони кьезе кколарилан абулила жинца хIукуматалъул щибаб данделъиялда.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Дица гъозда абуна нужеца гьел ракьал кьунин росдал магIишаталдехун щибгIаги хурхен гьечIел чагIазе. Гьединго гьелъие рихьизарурал субсидиялги кьунин нужеца гьелго чагIазе. Гьанже нужеца гьезие кьейин гьеб ракьалда хIалтIизаризе бажарулел чагIи, лагъзал хIисабалда.

Гъоб 1938 соналъ кодоса паспорталги рахъун, хIал-зулму гьабун халкъ колхозалде хIалтIизе гъолеб букIараб гIадин, гъейин гьенире гIадамал нужецаги. Гьединго кигIан нужеца дол чагIазе (росдал магIишаталдехун хурхен гьечIел чагIазе) гIарац кьуниги, щиб кумек гьабуниги, дол хIалтIизаризе нужеда кIоларин. Щивав чиясул жинди-жиндир пиша букIуна.

Масала, хIукуматалъ ракьги кьунин, субсидиялги кьунилан, журналист, дове росулъеги ун, гьеб ракь хIалтIизабизе лъугьунароха. Щайин абуни гьесул гьелде рокьи гьечIо. ГIодоса эхедего цо пишаялъе вижарав чи вукIуна. Гьелда гIайибги гьабизе кколаро. Щвараб жо босуларев чи гIабдал вукIуна. Киназего бокьула кьолеб жо.

БатIаго лъицаниги инкар гьабиларо гьединан ракьги субсидиялги щвани. Амма гъоз (хIукуматалъул чагIаз) рикьун рачанаха ракьал жидерго гIага-божаразе. Гъоз гьаруна Дагъистаналда «асфальтный фермерал».

Хъулухъаздаги толел руго тIалъиялъул, хIукуматалъул чагIи, министрал лъикI лъалел гIадамал. Гъодинал гуро тезе кколел. Тезе ккола хIалтIи лъикI лъалел чагIи. Гьанже гъов цIияв министрасги хъулухъазда тезе руго жив лъикI лъалел чагIи. Росдал магIишаталдаги хIалтIичIел, цо гIанкIу яги гIакаги хьихьичIел чагIи гьенир (росдал магIишаталъул министерлъиялда) хъулухъалда тезе бегьуларо.

Росдал магIишат цебетIезелъун агрохолдингалги руго гьанже гIуцIулел. Гьел къваригIунаро. ЦебетIураб технология хIалтIизабулебинги абун халкъалда химия кваназабулеб жо буго гьеб - геномодифицированные абурал нигIматал - Аллагьас бижизабураб къагIидаялдаги течIого, гъорлъе химияги жубан гIезабурал нигIматал.

Рак унти ккезабула гьез. Масала, Дагъистаналда цониги гьечIо хIалалал гIанкIаби гIезарулеб фабрика. КигIан къилбаялде буссинабуниги, кигIан вали-шайихас хъуниги, гьеб хIалалаб букIунаро. Гьеб нилъер черхалъе хIарамаб буго. Щайин абуни гьелдасан нилъее зарал бугелъул».

ТIелекь росдада аскIоб бугеб колотIа живго бетIергьанаб боцIи-панз хьихьулелдаса анцIгоялдаса цIикIкIун сонал руго МухIамадил. Гьебщинаб заманалда жаниб, фермер хIисабалда, пачалихъалъухъа кумек щун гьечIо гьесие.

ГьанжегIагар нахъе витIарав министр БатIал БатIаловас рагIи кьун букIанин жиндие грант бергьинабизеян абуна гьес. Дагьалъ цебегIан республикаялъул бетIерасухъе кагъатги хъван буго МухIамадица.

ПалхIасил, ТIелекьа фермер МухIамадие къваригIун буго тIаде гIураб боцIи жаниб хьихьизе бокьал разе гIарац.

МухIамад: «Дица тIалаб гьабулеб гIарац кьечIо гъоз (хIакимзабаз). Дица Рамазан ГIабдулатIиповасухъе кагъатги хъван букIана. Гьединго дие бокьун букIана гьевгун дандчIвазе. Амма дун виччачIо гьениве (республикаялъул нухмалъулесулгун дандчIваялде).

Цо заманалда хIукуматалъул программа букIана росдал магIишат цебетIеялъе биччалеб гIарцуда гьоркьосан 25 процент фермеразе кьезейилан абураб. Гьебги щвечIо дие, гьанже хIукуматалъ нахъбахъун бугин гьебилан багьанабиги ратун. Гьелда хадув вортанхъизе дирги рес гьечIоха, боцIуда вукIине кколев вуго.

ГIи-боцIи буго дир гIемераб. Хасало гьел жанире гъезе бакI гIоларого буго. Хер босизе дотация щвана дие (лъагIалие 80 азарго гъурущ)».

Хадубго ТIелекьа фермер МухIамадица бицана, гIодобе рехун багьаялде бичизе бокьичIого, гIезегIан соназ бахъараб гIиял квас бугин тонна-тонна гьабун, тIатIала лъун жинца. Гьединанго тIахьалги ругила.

ЦIитарав министрас гьединал суалазде кIвар буссинабулебани, цIакъ бокьилаанила.

XS
SM
MD
LG