МагъчIваялъе рес

Фермеразда хIукуматалъул гъурущцин бихьун гьечIо 20 соналда жаниб


17 июналда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул тIолалго фермеразул ассоциациялъул съезд. ЦохIо росдал магIишаталъул хIалтIухъаби гурелги, Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабиги рачIун рукIана гьенире. Фермерал рази гьечIо хIукуматалъул рахъалдаса гьезие гьабулеб кумекалдаса.

Гьеб данделъиялде вачIун вукIана республикаялъул чанго мухъалдаса ва шагьаралдаса нусгогIанасевниги росдал магIишаталъул хIалтIухъан. Ахираб кIиго соналда жаниб фермеразул ассоциациялъ гьабураб хIалтIул бицине ва гIи-боцIихъанлъиялдагун, хур-хер гIезабиялда жанир лъикIал хIасилал рихьизарурал цо-цо фермеразе шапакъаталги кьезе данделъун рукIана гьенир. Республикаялъул тIалъиялъул рахъалдаса хIакимзабазги гIахьаллъи гьабуна гьениб. Росдал магIишат цебетIеялъе хIукуматалъ гIемер кумек гьабулин, мисалалъе араб 2014 соналда Федералияб бюджеталдаса Дагъистаналъе 636 миллион гъуруш биччан букIанилан абуна ХIукуматалъул нухмалъулев хисулев Шарип Шариповас. Амма жидеда гьеб гIарцул цо гъурущ бихьичIилан абулеб букIана залалъур гIодорчIарал фермераз. Мисалалъе Хасавюрт мухъалда гIумру гьабун вугев Парзулаев АхIмадханица вахъун тIадегун гIезегIан рагIа-ракьанде щун бичIчIизабуна гьеб хIукуматалъул вице-премьерасда. 1995 соналъ гIуцIараб, «Мажидхан» абураб фермеразул магIишат буго гьесул. Амма араб къого соналда жаниб хIукуматалъул рахъалдаса гьабураб кумекалъул цохIо копейкцин бихьун гьечIо гьесда.

Парзулаев АхIмадхан: «ЦогIаги бихьичIо, къого соналъ букIинчIеб гьезул гIарац гьанжейиш букIунеб? Нижер мухъалдаги гьеб щварав чи гьечIо. Щун батаниги гьел руго хIакимзабазул гIага-божаралниги гьал дол чагIи. Дагъистаналда росдал магIишат бищун захIматаб пиша буго. Краснодаралде, Ставрополалде ва цогидал регионазде дандеккун магIишат гьабиялъе шартIал цIакъ захIматал руго нилъер гьанир. Исана лъазабун буго републикаялда ахихъанлъиялъул сон. ГъутIби росизе гIарац щвелародайин вукIана, дуцаго росейила гьел, хадуб жидец субсидиялзул гIарац кьелилан руго абулел. Дирго гIарац бугеб мехалда дицаго росилариш гъутIби, дие азул субсидиял щиб гьабизе? Росдал магIишаталъул министерлъиялъ гьабулеб кумекги гьечIо тIири. Къого соналъ цере рукIарал чагIи руго хисичIого гьенир. Щиб кумек гьез нижее гьабилеб. Нижецаго цоцада кверги чIван, бетIербахъун руго».

АнцIила ичIабилеб гIасруялдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан ракьазда хурхун чанго нухалъ гьабун бугин реформа, амма щибниги гьел реформабаздаса жидее росдал магIишаталъул хIалтIухъабазе щвараб хайир ккечIин цонигиянги тIадежубана гьес хадубги. КидаллъагIанин жал махсароде кквезе ругел, чIалгIине мех щванин гьаб кинабгоян гIемер хIалуцун абуна гьес. Регламент цIунейин, цогидалги кIалъазе кколилан гьесул кIалъай гьоркьоб къотIизабизе хIаракат бахъулеб букIана данделъи бачунес.

Гьеб данделъиялда цере лъурал суалазул цояб букIана, жидеда ракIалда ругелщинал мурадазул бицун республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасулгун дандчIвазе рес кьеян хIадур гьаббураб резолюция къабул гьаби. Амма гьеб куцалда резолюция жиндица бетIерасухъе кьезе гьечIилан инкар гьабуна гьесул гIакълучи Деньга Халидовас.

Росдал магIишат цебетIеялъул программа Дагъистаналда буго, республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъе хIадур гьарурал проектазул тIоцебесеб бакIалда. Нилъерго хурухъабазул ва гIи-боцIухъабазул нигIмат гIезабиялде кIвар кьезе бугин абула республикялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги. Амма хIакъикъаталда щайха иш батIайиса бугеб ва кибе унеб бугеб росдал магIишат гIезабулезе абун хIукуматалъ биччалеб гIарац? Гьел суалал кьуна нижеца фермеразул ассоциациялъул цIивищарав президент ГIабдурахIман ГIабурикIовасе.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Гьале фермераз жидецаго кьуна гьелъие жавабги. Дица гьеб кинабго ургъун бахъараб гIадин рукIунаан росдал магIишаталъул министерлъиялъул чагIи. КигIан гьезие рагIизе кьогIаб бугониги хIакъикъат гьединаб буго. Киналго цолъани гьазие лъиданиги къварилъи гьабизе кIоларо, цолъи хIажат буго гьазие».

ЭР: «Нужер «Ассоциация Фермеров» абураб гIуцIи цолъи гуребиш кколеб?».

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Гьебги цолъи ккола. Амма киналго гьечIо гьенир. Жакъа Росдал магIишаталъул министерлъиялъухъе рищваталги росун хьвадулелги ругони, цогидал хIукуматалъул минаялдеги рекерулел ругони гьелъул хIасил кколаро. Киналго гьанир цолъун ругони лъазе буго щив хIалтIулев, щив хIалтIулев гьечIевали. ХIалтIулев чиясе гурони хIукуматалъ гIарацги кьоларо».

ЭР: «Шарип Шариповас абулеб буго 636 миллион гъурущ биччан букIанин росдал магIишат гIезабулел чагIазеян, гьаз абулеб буго гьеб гIарац щвечIилан…?».

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Гьелъул магIна буго гьеб гIарац чанги гьеб мустIахIикълъичIел чагIазе щванин абураб. Расги хIалтIиги гьабичIого рукIрал чагIи руго гьанже грантал тIалаб гьабизеян лъугьун».

Чияр улкабаздаса бачIунелъул бакIалда, нилъерго нигIматал гIезари абураб программаялъулги бицана гьеб съездалда. «Дагагро» абураб фермеразул магIишаталъул нухмалъулев ИсмагIилов СултIансагIидица абуна нигIматал гIезарулел ругин жидеца, амма жидер унтараб суаллъун хутIулеб бугин гIезабураб нигIмат бичизе захIмалъулеб букIин.

XS
SM
MD
LG