МагъчIваялъе рес

С.МухIамадова: «Жидеего цIар гьабизелъун цIех-рехчагIаз бокьараб гьабулеб буго»


Адвокат Сапият МухIамадовалъ лъазабулеб буго Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз 9 чи балугълъиялде яхинчIей яс хIалгьабун, инжит гьайиялъул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьаризехъин ругилан. Гьеб такъсирги, гьезде гIунтIизарулел гIайибалги ургъун рахъарал ругин лъазабулеб буго адвокаталъ.

ЦIех-рехчагIаз гьеб гIайиб тIаса инабизе букIине нус-нус азарго гъурущ ришваталъеги тIалаб гьабулеб букIанилан. Гьеб киналдего дандечIарал гьел гIолилазул эбел-инсуца абулеб буго ритIухълъи бергьиналда жидер божилъи гьечIила, гьединлъидал жал митинг гьабизе ва ракъунчIей лъазаабизе хIадур ругилан.

КIиго соналъ халат бахъунеб бугеб Хасавюрталдаса 15 сон барай ясалда ичIго чияс хIал гьабиялъул иш ахиралде щолеб бугин, гьеб такъсиргьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел гIолилазе диван къотIиялде щун бугин лъазабулеб буго адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Амма цониги гьеб ишалда гъорлъ ругез гьей ясалда хIал гьабичIин, гьеб гьабичIолъи цIех-рехчагIаздаги лъалила, гьеб иш ургъун бахъун багъаризабунила гьезилан лъазабулеб буго адвокаталъ.

Сапиятица бицухъе 2013 сентябралда Хасавюрталдаса 15 сон барай ясалъ цIех-рехалъул идараялде гIарза хъван буго жиндида хIал гьабунин абун. Гьебго къоялъ хасаб экпертизаялде йитIун йиго гьей, экспертизаялъ бихьизабун буго гьей жеги жинсиял гьоркьолъабазде лъугьун гьечIилан.

Гьедин букIаниги гьебго соналъул октябралда цIех-рехагIаз гьеб ишалда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго ва чанго къоялдасан , гьеб такъсиралда гъорлъ вукIанин абун ясалъ вихьизавурав ГIумархIажиев ГIалибулат ккунги вуго. Амма гьелда гьев ГIумархIажиев вихьизавураб мехалда гьев жинда лъалев чи гурин, жинда хIалгьабулезда гьоркьов гьев вукIинчIинги лъазабун буго гьелъ.

Гьеб лъазабиялдаса хадув ГIумархIажиев виччан вуго цIех-рехчияс. Цо чанго къоялдасан Антаев Шамиль ккун вуго гьебго ишалъул гIахьалчи хIисабалда, амма гьей ясалъ жинда хIал гьабунин абулеб заманалда гьев Астраханалда вукIун вуго, гьев гьенив вукIараблъи бихьизабулел документалги нугIзалги рукIун руго. Гьелдаса хадув гьевги виччан тун вуго низам цIунулез.

Гьедин иргадал цин ккун хадур риччазе ккун анлъго чи гIун вуго. Анкьабилев Ибрагьимов Рамазан ккун хадуб цIех-рехчагIаз гьесда тIадецуй гьабунилан лъазабулеб буго адвокаталъ.

Сапият МухIамадова: «Жив ккун хадув цIех-рехчагIаз цо кагътазда гъулбасал гьаризе тIамунила жив, жинца инкар гьабураб мехалда вухун, гIазаб кьунила жиндиейилан бицана Ибрагьимовас. Гьеб букIун буго дой ясалда хIал гьабунин жиндицайилан абун хъвараб кагъат. Гьевги цойгидал гьеб такъсир гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел ругел васалго гIадин балугълъиялде вахинчIев чи вукIана.

Гьединлъидал адвокат яги эбел –эмен аскIор гьечIого кинал рукIаниги цIех-рехалъулал хасал тадбиралги тIоритIизе бегьулароан гьевгун. Гьеб гурониги гIемер къанун хвезабиялъул хIужаби руго гьел цIех-рех чагIазул хIалтIулъ.

Гьезие щив щваниги щвара-щварав ккун гьелги жанир тIамун жидеего цIар гьабизе къваригIун букIана. Гьелде тIадеги гьеб ишалда тIад гIарац гьабизе хIалалги рихьана гьез. Дида лъана гьев ичIавго васасул щивасул эбел-инсухъа гIарац тIалаб гьабулеб букIун буго гьез гьеб ишалда гьоркьор рукIинчIин гьелилан абун чIезабизе».

Сапиятица лъазабулеб буго цониги далил гьечIила цIех-рехчIазул гьел церехун бицен гьабурал гIолохъабаз дой ясалда хIал гьабиялъул. Гьеб ишалда гъорлъ гьел рукIине рес гьечIеблъи бихьизабулел далилал жиндихъ кигIан бокьаниги ругилан.

Амма гьедин букIаниги гьел васал гIайиб гьечIониги туснахъалде ккезехъин рукIин бичIчIулеб бугила гьезул эбел –инсуда. Гьединлъидал гьез гьеб ишалъулъ ритIухълъи чIезабейилан абун гIагараб заманалда митинг гьабизехъин бугила ва ракъунчIей лъазабизехъин бугилан.

XS
SM
MD
LG