МагъчIваялъе рес

Ираналъул руччабазул «балъгояб эркенлъи»


Ираналъул руччабаз балъго рахъулел руго хIижабалги ретIинчIого жидерго суратал ва гьел лъолел руго социалиял сайтазда. Fasebookaлда, масала, 3 маялда рагьараб «Ираналъул руччабазул балъгояб эркенлъи» абулеб гьумер жидее рекIее гIолеб букIин гьанжеялде бихьизабун буго 30 азаргогIан чияс. Гьеб хIаракатчилъиялъухъ жавабалде цIазе рес букIиналъухъ хIинкъичIого ритIулел руго руччабаз бицен гьабулеб гьумералда лъезе жидерго суратал.

«Яцал, ретIе хIижабал!» абун хъван буго ботIрода гIицIго сурат бахъарай гIолохъанай ясалъул сураталда гъоркь, цоги-тIогьилаб рас бугей яс йиго басрияб хъалаялъул чIвадазда гIодой чIун, цоги кIигояй хIижабалги ретIинчIого кьурдулел руго Каспий ралъдал рагIалда.
Жидерго гьединал суратал лъолел руго Ираналъул анцI-анцI руччабаз Fasebookaлда дагьаб цебегIан рагьараб гьумералда.
«Ираналъул руччабазул балъгояб эркенлъи» абулеб гьеб гьумер кинаб букIаниги политикияб багъа-башариялъул гьумер кколарин абулеб буго гьелъул администратораз. Гьелда гIицIго рихьизарулел ругин Ираналъул руччабазе чIезарун ругел ихтияразул ва жамгIияб рахъалъ гIурхъабийин.
Администратораз бицухъе, гьеб гьумералда лъун рушелщинал суратал руго Ираналъул киналго бутIабаздаса ва рахъаздаса руччабаз жидецаго ритIун рачIунел суратал. 3 маялда хIалтIизе байбихьараб гьеб гьумер «лайкал» лъун жидее рекIее гIолеб букIиналъул гьанжеялде лъазабун буго 30 азаргогIан чияс.

https://www.facebook.com/StealthyFreedom

«Яс» абулеб Тегераналъул спортивияб клубалда дир сурат,- ян хъвалеб буго цоги ботIрода кIаз гьечIей ясалъул сураталда гъоркь.
Гьеб суратги бахъун буго хIижабал къазе кколин абураб ишараялда гъоркьги чIун. Исламалъул тIалабазда рекъон руччаби кин ретIа-къазе кколебали бихьизабурал гьединал ишараби Ираналда киса-кирего ругин абизе бегьула. Амма бицен гьабулеб сураталда гъоркь жегиги хъвалеб буго гьадин: «Гьел ишараби киса-кирего лъолеб нухмалъи кида-букIаниги ургъун букIанадай гьеб бихьарабго руччабаз кIаз ботIродаса бахъулин абураб пикруялда тIад?»-абун

Fasebookaлъул гьумералда лъураб ботIрода кIаз гьечIей ясалъул сураталда гъоркь хъван буго «Чанго лахIзаталъулаб эркенлъи» абун.

1979 соналда букIана исламияб инкъилабалда ва Ираналъул исламияб пачалихъ гIуцIиялдаса хадуб улкаялда хIижаб ретIине тIадаб иш ккола киналго руччабазда. Инкъилабалдаса хадуб ана 30-ялдаса цIикIкIун сон. Жакъа Ираналда руго жидеего бокьун хIижаб ретIунелги, полициялъ тIечIого–жанир тIамиялдаса яги гIакIа тIад къотIиялдаса хIинкъун гьел ретIунелги.

http://www.rferl.org/content/Maybe_Irans_Women_Really_Can_Cause_An_Earthquake/2028935.html

Киназдаго бихьизе рес бугеб гьумералде жидерго суратал лъуралъухъ гьел руччаби къанун хвезабунин абун жанир тIамизеги рес буго. Амма ракIалде кколеб буго гьезие гьелъул кIвар гьечIин. Эркенлъиялъул гьитIинал лахIзатаздаса ва мукIурлъунгутIиялдаса гьезие кеп щолеб бугин кколеб буго.

Жий Исфахан шагьаралдаса йигин хъвалеб буго магIарда тIадги чIун гьорое парпадизе жиндирго мокьротIегьаб шал ккурай ясалъ. Гьелъ жеги хъвалеб буго цо-цо бихьинал балагьулеб куц хIижаб къан бугищали хал гьабулеб хасаб полициялъул балагьиялдаса квешаб букIунин.

«Дица хIижаб къалеб гьечIин ва гьединлъидал дица улка тезе кколин рикIкIунезда дица абулеб буго хIижаб дица гьединги диего бокьун къан гьечIин. Дие бокьун буго дирго улкаялда эркенай йикIине»,-ян хъвалеб буго гьелъ.

Тебриз шагьаралдаса гIаданалъ сурат бахъун буго магIарда тIадги чIун гьоркьое расги гьурщун. Гьелъ хъвалеб буго гьури ботIрода хъвараб мехалда букIунеб лазаталъул.
«Нижер хьул буго гьаб эркенлъи балъгояб гуреблъун лъугьине букIиналда»,-ян хъвалеб буго гьелъ жиндирго сураталда гъоркь.

Гюльназ Эсфандиари
XS
SM
MD
LG