МагъчIваялъе рес

Тохтуразул кумек щвечIел местIеразухъе унел руго


Дагъистаналдаса адвокат Сапият МухIамадовалъул 3 сон барай яцалъул яс хун йиго Хасавюрт шагьаралда местIералъ, ай знахаралъ гьабулеб дару сабаблъун.

Адвокаталда ракIалда буго кинабгIаги лицензия яги хIалтIи гьабизе изну кьолел кагътал гьечIого гьей гIаданалъ гIадамал къабул гьари гьукъизабизе. МестIеразухъе гIадамал иналъе чанго гIилла бугин, гьезда гьоркьоб, азарханаялда тохтурасул кумек щвеялда божи гьечIолъийин рикIкIунеб буго экспертаз.

2 сон барав вас ва 3 сон барай яс рукIанин жиндир яцалъул, гьел рухIун рукIинги жинда лъалеб букIинчIин бачIинтIаго. Рагьдехун эбелги ун хутIарал лъималаз жидедего термосалъусан бухIараб лъим бегун батидал, гьеб параялъго хехаб кумекалъул машина ахIун бугила яцалъ, амма гьел тохтурзабаз гьел азарханаялъул кIалтIе щвезарун тун ругин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Сапият МухIамадова: « Ясалъул черхалъул кIудиябго бакI бухIун букIун буго, васасул гьединал кIудиял ругъналго рукIун гьечIо, хехаб кумекалъул машинаялъ Хасавюрталъул централияб азарханаялъул инфекциялъулаб бутIаялъул калтIа риччан тун руго, амма гьениб тохтурзабаз гIицIго унти цекьизабулеб дару гьабун, тIокIаб жидеда щибго гьабун бажаруларин, бокьанани МахIачхъалаялде рухIарал ругъназул азарханаялде ине бегьилин абун буго, амма гьединго Зареченское мухъалда йигей цо местIералъухъе ине бегьулин, гьелъ цIакъ лъикI дару гьабулин гьединал ругъназе. ЩибгIаги хал-шал гьабичIого нахъе ритIун руго гьел азарханаялдаса».

Лъималазул эбелалъ, цогидазги гьей гIаданалъул бицунеб рагIун, Хасавюрталъул Зареченское мухъалда йигей местIералъухъе рачун ругила лъимал, гьелъ кутакалда ракIчIезабун бугила ясалъул мадар лъугьиналда, жалго тохтурзабаз ритIулин жиндихъе унтарал гIадамалилан абун. Гьелда тIаде 1000 гъурущ даруялъухъ ва ругъун бухьаралъухъ 1500 гъурущ кьезе кколин лъазабун буго.

МахIачхъалаялда бугеб Республикаялъулаб травмцентралда ремонт гьабичIого чанги сон ун буго.
МахIачхъалаялда бугеб Республикаялъулаб травмцентралда ремонт гьабичIого чанги сон ун буго.

Сапият МухIамадова: « Иргадулаб нухалъ гьелъухъе лъималги рачун индал,гьеб бакIалдаго хъахIиллъун, лъугIун ине лъугьун йиго яс, амма гьей местIералъ щибго кIвар кьечIого, Аллагьасул къадар бугилан абун тIаса рихьизарун руго гьел. Лъимер букъун хадуб гьей гIадан йихьизе ана дун, гьеб бакIалда киналгIаги щартIал рукIинчIо лъималазе дару гьабиялъе, гьелде тIадеги гьей гIаданалъул гIайибалда цереги хун рукIун руго лъимал».

МестIерлъи гьабулей Жанна кколей йигила цоги азарханаялда медикияй хIалтIухъанлъун йигей гIадан, гьеб жинца мухIкан гьабулеб бугилан баян гьабуна адвокаталъ. Гьединал чагIазухъе гIадамал ине тIамалел ругила азарханаялда бугеб ахIвал-хIалалъ, масала, Дагъистаналъул республикаялъулаб ожогазул централда тIубараб антисанитария ва биххун инеб азархана бугила, кинабгIаги гигиенаялъул шартIал чIезаричIел. Васги вачун гьесул ругънал рихьине азарханаялде индал, цогидав тохтурасги абунила жинда, гьел ругънал сах гьарулей местIер йигин Зареченское мухъалда. Гьеб хIалалда бугила медцина, тохтурзабаз жидецаго тIаса рихьизе рукIине местIеразухъе ритIулел ругила гIадамал.

МахIачхъалаялда бугеб Республикаялъулаб травмцентралда ремонт гьабичIого чанги сон ун буго.
МахIачхъалаялда бугеб Республикаялъулаб травмцентралда ремонт гьабичIого чанги сон ун буго.

Ахирал саназ батIи-батIиял местIерал, хIижама гьабулел чагIи, гвенеж тIами, гIадамазулъан жундул рачахъи цIакъ тIибитIун буго Дагъистаналда, гьелда тIадеги раккун руго гIадатияб гуреб медикиял хъулухъал тIуралел централ. Масала мануалияб терапия, исламияб дару-сабаб гьарулел кабинетал.

Инсанасе рес кьун бугин тIаса бищизе, амма цеве тохтурги вукIун цогидал нухал дару-сабаб гьабиялъе балагьи мекъаб бугин рикIкIунеб буго невропатолог ДибирхIажиев Олегица. Цере заманалдаса нахъе рукIанила Дагъистаналда чIахI-хурдузул дару гьабулел тIабибал, масала цIар рагIарав Гьолокьа Макъсуд яги Къородаса КъебедхIажияв, гьезул махщалил цIар тIибитIун букIанила, амма гьеб заманаялъ медикияб кумек щвезе ресал цIакъ мукъсан рукIанила.

МестIерал тIиритIи ва гьезухъе гIадамал хьвади кколила тохтурзабазда божи тIагIиналъул гIаламатин рикIкIунеб буго тохтур ГIабдурашиб СагIидовас.

ГIабдурашиб Саидов: «БатIи-батIиял оккультиял ишал гIадамасда тIад гьари ккола культура гIодобе ккеялъул, тохтурзабазда божи тIагIиналъул гIаламат. ГIадлу-низам бугеб пачалихъалда гIантал жал дагь рукIуна. Масала, би биччай тохтурас гурого гьабизе бегьуларо, лицензия гьечIого гьеб гьабулеб бугони рес буго Спид ва Гепатит гIадинал унтаби рахине. ГIаммаб куцалъ абуни, бусурманчиясе тохтурги цеве тун ричIчIуларел чагIазухъе ин рекъараб гьечIо».

Жакъа Дагъистаналда цIакъ гIемер руго би биччалел чагIи, хIижама сундуего дарулъун бихьизабулел. Щибаб мажгиталда цере гуреги рокъо-рокъор гIадамазе би биччалел. «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар рехсезе бокьичIев хIижама гьабулев чияс бицана, жакъа исламияб медицинаялдалъун гIадамазе дару-сабаб гьабизе кинабгIаги лицензия хIажалъуларин.

ТIабиб: «17 сон балеб батила дица хIижама гьабизе байбихьаралдаса, гьелъие кибниги цIалун бажаруларо, кинабгIаги кагъат жоги кисанха кьелеб. Би биччазе кканани кинабгIаги лицензия къваригIунаро, гьеб гьабизе тIахьаздасан яги интернеталдаса балагьун гурого цIализеги рес гьечIо. ГIадатияб медицинаялъ къабул гьабуларо би биччай, амма ахираб заманаялъ цIилъулеб буго гьеб. ХIадисазда хъвалеб буго би биччалила унтулеб бакIалдаса, гьелда рекъон гьабула хIижама. Би биччаралъухъ гьаб мухь бугин дица къабул гьабуларо, исламалда рекъон бегьуларо мухь босизе гьелъухъ, чияс жинцаго кьола жиндаго берцин бихьараб мухь, яги кьечIогон тола».

Гьев тIабибас бицана жиндир кинабгIаги медикияб лъай гьечIин, гIемерисел жидеца хIижама гьабулел гIадамазул гьеб букIинеги букIунарин.

XS
SM
MD
LG