МагъчIваялъе рес

ЛъикIлъи гьабулаго щвараб тамихI


Гьекъолдиялде данде къеркьей: дагъистаниязул къагIида
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:43 0:00

Гьекъолдиялде данде къеркьей: дагъистаниязул къагIида

Хасавюрт шагьаралда кванил нигIматал ричулеб тукада жанире кIанцIун, гьениб бичулеб гIаракъи минатахъ щущазабун буго цо чанго гIолилаз. Гьелъие гIиллалъун гьез бихьизабулеб буго Рамазан моцIалъ гьеб тукада хIарамаб жо бичулеб букIанилан. Гьел жеги кквезе щун гьечIо. Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъ лъазабулеб буго гьел щалали чIезабун бугилан.

Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса чанго къо бан буго. Социалиял гьиназда видеоролик буго гьеб кинабго бахъараб. Гьеб видеоялда гIолилаз гIайиб-гъвел балеб буго тукадул бетIергьанасде, хирияб Рамазан моцIалъ гIаракъи щайин дуца бичулебилан ва кинабго гIаракъи-чагъир жаниб сокIкIарал къотIелал гъурулел руго.

Тукада йигей йичарухъаналъ ахIи-хIур базе лъугьиндал гьез абулеб буго, Хасавюрт шагьаралда, гьеб мухъалъулав полициялъул хIалтIухъанас изну кьун бугин жидее гьеб гъуризеян. Амма цохIо гьеб хIужа гIолин гьел гIолилал тамихIалде цIазеян абулеб буго Хасавюрталдаса адвокат Сапият МухIамадовалъ. Гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан жиндирго пикру загьир гьабуна гьелъ «Эркенлъиялъе».

Сапият МухIамадова: «Кинаб моцI гьеб букIаниги щиб? Уголовияб кодексалъ изну кьоларо гуриш Рамазан моцIалъ такъсир гьабизе бегьулилан. Гьел гIолохъабаз гьабураб жо такъсир буго. Исаламалъе лъикIаб иш гьабулелин абун, гьез жидего тамихI ургъана гьечIеб бакIалдаса. БукIине кколеб хIалалъ цIех-рехги гьабун, хIужабиги ракIарун хадуб гьезда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе ккола.

Рамазан моцIалъ гIаракъи бичизе бегьуларбелъи биччIчIулеб жо буго, амма тIасанккарал жал гьаризейишха бегьулеб? Лъица гьезие изну кьураб тукада жаниреги кIанцIун бичулеб жо минатахъ щущазабизе? Хирияб моцIалъ бичизе бегьулареблъи бихьизабизе бокьун букIун батани, батIиял нухал ралагьизе ккелаан, полициялдеги ун гьезда абизе бегьула гурищ гьелъие тадбир гьабеян.

Гурони, чияр тукадеги жаниреги кIанцIун гъарачилъи гьаби гьеб жо гIорхъолъа араб иш ккола».

Дагъистаналъул рухIияб идараялъги рахъ кколеб гьечIо гIолилаз гьабураб пишаялъул. БитIараб бугин гIаракъи чагъир ва цогидалги мехтизарулел жал ричизе гьукъулин исламалъ, амма гьединаб гъаламагъиралда гьеб гьабизе шаригIаталъги беццараб гьечIин. Мисалалъе Шамил мухъалдаса мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажияс гьадин бицана «Эркенлъиялъе».

МухIамадрасул-хIажи ГIалискандиев: «Гъол гIолохъабазул ният хIарамаб жо хвезабизе бокьи букIин бихьулеб буго, амма шаргIалъ жалго лъикIал рахъун лъикIлъи гьабулебилан абун чиясе зарал гьабиялде гьеб бащалъулеб бугони гьединаб практикаялъул рахъ кколаро. Гьеб нилъеего тамихIалде сверула.

Гьеб бажаризе ккани духъ букIине ккола тIалъи, Россиялда тIалъи батIияб буго, шаргIалъул хIукмаби гьанир рилъанхъизарун бажаруларо. Бажарулареб мехалда питнаялде ахIизе бегьуларо халкъ. Берцинаб бигьаяб нух хIалтIизабизе ккола гьединаб мехалъ».

Амма гьелдаго цадахъ МухIамадрасул хIажияс гьадинаб пикруги загьир гьабулеб буго. гьадин абуоеб буго Шамил мухъалъул Гъогъолъ росдал имам МухIамад расул хIажияс.

МухIамадрасул-хIажи ГIалискандиев: «Гьел гIолохъабаз нижее лъикIаб иш гьабизе бокьун букIанин, амма нижерго гIолохъанлъиялъул хъачIлъиялдалъун зарал кканилан гьел рекIекълъани ккараб ишалдаса, гьев тукадул бетIергьанги тIаса лъугьани лъикIаб букIинаан. Гьевги бусурманчилъидал. Жинца Аллагьасда цеве щвараб мехалъ гьелъухъ жаваб кьезе кколеблъи лъала гури гьесда.

Гьев жужахIалдаса хвасар гьавизе бокьун гьабулеб хIалтIилъидал гIолохъабазул гьеб букIараб, гьеб кIочене бегьуларо. ГIаракъи-чагъир сабаблъун жинде ахираталда гьабизе бугеб тамихIги, жужахIалъул цIаги цебечIеабуни бичIчIула гьев чиясда гьел гIолохъабазул букIараб нияталъул магIна.

Иман бугев чи гьев ватани гьев ургъизе ккола жинде зарал бокьуниш гьел чагIи рачIарал, ялъуни хIарамаб жоги нахъчIвазе, жужахIалъул цIедаса живги цIунизе рачIарал чагIийищ гьел гIолохъаби рукIарал абун».

ГIаракъи-чагъир бичулел тукабазде гьединал гьужумал гьарурал хIужаби цереги ккун рукIана Дагъистаналда. Гьедин 2013 соналъул августалда, гьебго Рамазан моцIалъ квьагьизабун букIана МахIачхъалалда, Ярагъиясул ва Котровасул цIаралда ругел къватIал цолъулеб бакIалда бугеб тукен.

Гьеб тукадул хважаинасе цереккун лъазабиял гьарулел рукIун руго гIаракъи бичи течIони тукен кьвагьизабизе бугилан. Гьединго 2012 соналъул январь моцIалъги кIиго гьединаб тукен бухIун букIана Шамил мухъалъул ХIебда росулъги.

XS
SM
MD
LG