МагъчIваялъе рес

Саида: РакIгIаги щайдай гьазул гурхIулареб дида?


Дагъистаналда гIисинал жеги балугълъиялде рахинчIел ясазе жинсияб зулму гьабиялъул хIужаби ахираб заманалда цIикIкIунел ругил абиларин жинца щайгурелъул гьезул статистика киданиги ва лъицаниги гьабулеб букIинчIин бицана адвокат МухIамадова Сапиятица. Аммаян абуна гьелъ гьаб заманалда гьединал хIужабазда бан гIайиб бугел тамихIалде цIазе тIалаб гьабулел гIемерлъулел ругин.

Жиндир рукъалде тIаде балагь рещтIун букIин Нажмутдинов МухIамаднабида лъана араб соналъул июнь моцIалъул ахиралда гьесул 16 сон барай яс Саидаца хвезелъун дараби гьекъараб мехалда.
Яс хвалдаса хвасар гьаюраб мехалда инсуца байбихьун буго гьелдаса сурав босизе ва ясалъ хвел тIаса бищиялъе букIараб гIилла лъазабизе.
Лъанги буго инсуда гьеб мехалда 15 сон баралдаса нахъе ясалъе жинсияб зулму гьабулеб букIин 11 чияс.
Цояз цогиязде бицун, жидеца гьабулеб телефоналъул видеокамералде бахъун интернеталда лъелин, суризайилин хIинкъаби кьолел рукIун руго гьелъие. Инсуда бицинин, гьесда лъани мун чIвазе йигин яги рокъоса хъамизе йигин абулеб букIун буго гьелда гIезегIан кIудиял бихьиназ.
Гьедин бицана Саидаца Эркенлъи Радиоялъе:

Саида: «Гьез дие хIинкъаби кьолел рукIана суризайилин, дур хIакъалъулъ жидеца киназдаго бицине бугин. Инсуда рагIизабилин. Гьес мун чIвазе яги къаригIун гьечIин гьединай ясилан рокъоса хъамизе йигин. Вацазги дур рахъ кквезе гьечIин. Лъицаго дур рахъ кквезе гьечIин дуда ракь тезабизе бугин. Гьедин хIинкъизаюлаан».

Инсул сабру гIун буго гьеб киналъухъго гIенеккизе ва ясалде семичIого, гьелда кьабичIого гьел чагIазда тIасан гIарза хъвазе.
Амма гIарза хъваралъе гIоло гьесие хIалае рахъунел низам цIунулел гьесда дандчIван гьечIо. Ккаралда сверун, ай балугълъиялде яхинчIей ясалъе жинсияб зулму гьаби абураб гIайибалда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьизе гьесие лъабго нухалда инкар гьабун буго.
Гьес гIарзаялда рехсарал чагIи сурав босизе ахIун руго, амма кIалъа-ралъан рокъо-рокъоре риччан руго.
Гьедин бицана МухIамаднабица Эркенлъи Радиоялъе.

МухIмаднаби: «Гьезда гьоркьов цо гурони гьечIо балугълъиялде вахинчIев вас. Тимур буго гьесда цIар. Гьесул эмен МуастIапаев МустIапа хIалтIулев вуго Гъарабудахкенталъул полициялда. Газпромалъул гьаниб бугеб бутIаялда хIалтIулел чагIазул лъималги руго гьезда гьоркьор. ХIажиев Рукмудинил вас МухIамадмухтар.
Цоги ГIабдулбасир абулев чиясул Набиюла абулев вас, Набиханов ХIажигIалил вас Джамал, Гъарабудахкенталъул полициялда хIалтIулев Даудов Шамил, цоги полициялда имгIал хIалтIулев вугев ХIажиев Казбек, вуго жинда Эльдар цIар бугин бицарав цоги чиги. Хадуб лъана гьеб гьесул цIар гуреблъи. Хайрулаев МахIамадбек абулев чи гьаниса лъутунго ун вуго Алманиялде.
Мухъалъул администрациялъул финансазул бутIаялда хIалтIулев вукIарав Адильби абулев чиясул кIиго вас- Казимбекги МухIамадги».

МухIамаднабил тIадеги ццим гьалаглъизабулеб буго жиндир рокъовеги вачIун гьезул цояс хIинкъаби кьезе байбихьиялъги.

МухIмаднаби: «Гьезда гьоркьосан ХIажиев МухIамадмухтар абулев чи дица полициялде гIарза хъвараб мехалда вачIун вукIун вуго дир рокъове хIинкъаби кьезе. Гьеб мехалда дун рокъов вукIинчIо, хIалтIуда вукIана. Рокъой ятарай лъадуде абун буго гьес гIарза нахъе босичIони нуж киналго жинца чIвазе ругин рукъги бухIизе бугин. Дир рокъове вачlинецин намусалъ къабул гьабун буго гьесие».

Гьанже Саидае буго 17 сон ва гьей цlалулей йиго Махlачхъалаялда цlалул тlадегlанаб идараялда.
Щибха букIараб гьеб киналъего гIилла? Щай чияр васаз Саида инжит гьайизе байбихьараб?

Саида: «Гьев васгун (Казимбекгун. ред) кIалъалаан дун. Рокьи ккун букIанин абизецин бегьулаан. Цо къоялъ ниж дандчIвайгун гьеc гьабуна дие зулму дица дандечIей гьабулеб букIаниги»

Хадуб жиндие ккараб ва Казимбекица жий гьаризе чагIи ритIизе гьечIолъи биччарай Саидаца гьесулгун бухьен къотIизабула ва телефоналъул номер хисула. Жал тIокIал цоцазда кIалъачIин бицана гьелъ.

Саидада кIалъалев гьечIониги Казимбекица жиндирго «хIама-багьадурлъиялъул» бицун буго цогиязда...

ЭР: Рокъосезда кин бихьулеб букIинчIеб дур хьвада-чIвади, мун кие уней, кий йикIарайин гьикъулеб букIинчIищ дудаян цIехана нижеца Саидада?

Саида: «Лъаларо. Рокъосезда бихьулебги букIинчIо дун рокъоса камулей йикIин яги дие щиб букIаниги кколеб букIин. Дицаги гьереси бицунаан гьалмагъалъул дое уней йигилан».

Ясалъ жийго чIвазе къасд гьабизегIан жинда щибго лъалеб букIинчIин бицана инсуца.

МухIамаднаби: « Ясалъ дараби гьекъезегIан дида щибго лъалеб букIинчIо. Хадуб гьел гьекъеялъе букIараб гIилла лъазабизе дун лъугьиндал абуна гьелъ жиндие мун суризавизе бокьун букIинчIин ва гьеб сури жийгогун цадахъ хабалъе босизе къваригIун букIанин».

Кинха Саидал лъай-хъвай кколеб букIараб гьел чагIигун? Кинго кколароанин бицана гьелъ. Гьезул цо-цоял жинда лъалел чагIи рукIанин, цогияз я кумек гьабилин гуккулаанин яги суризайилин хIинкъаби кьолаанин. Масала, тукада гьей йикIаго вачIун вуго аскIове цо чи.

Саида: «Документал щибниги бихьизабичIого гьес абуна жив прокуратураялда хIалтIулев вугин МахIачхъалаялда, дуе ккарабги жинда лъалин, дуе кумек гьабизеги жинда кIолин. Жинда лъалин чIахIиял хъулухъазда ругел чагIи, гьел гIолилазда дур бахъараб видеоги бацIцIинабилин жинца. Телефоналъ ахIун рукIине кколеб бакIалги жинца гьезда лъазабилин абулеб букIана гьес. Божанаха дун гьесдаги».

Хадуб ккаралъул бицунеб буго Нажмутдиновазул хъизамалъул адвокат МухIамадова Сапиятица.

МухIамадова Сапият: «Гьев чиясда божунгутIизе бакI хутIичIеб мехалда ун йиго гьевгун цадахъ прокуратураялдейинги абун. Ячун йиго гьес гьей цо рохьее. Прокуратураялъул яги полициялъул кинавгIаги хIалтIухъанги гьев вукIун гьечIо. ВукIун вуго гьев такъсир гьабулев иргадулав чи. Гьесде тIадеги гьеб бакIалда жеги чанго чи вукIун вуго. Цояз телефоналде бахъулеб цогияз инжилъи гьабулеб букIун буго».

Гьаб инжилъи жиндие гьабулел ругел гьал жиндидаса кIудиял чагIазда жинда ракIгIаги щай гурхIуларебан кколеб букIанин цо-цо мехалда жинде ракIалдеян бицана Саидаца.

Саида: «Дидаса кIудиял чагIи рукIаниги дида гьезул ракI гурхIулеб букIинцин дида цониги нухалда бихьичIо. Инжит гьаюлей йикIана гьез дун».

ЖамгIияталъ, сверухъ ругез харбал рицунел ругин жидер рахъалъ. Жидее хIалае рахъине кколел низам цIунулезцин жал гIодорегIан гьаризе хIалбихьулеб бугин бицана МухIамаднабица гьеб ишалъул цIех-рех гьабулев
ПирмухIамадов ГIалимухIамадил хIакъалъул.

МухIамаднаби: «Велъула гьев цIех-рех чи цо-цо дида тIад. Гьа, тIокIав чиясда тIасан гIарзаго хъвачIищ жеги дуца абун. Киса-кибего дур бицунеб бугин мун нечоларищан тIаделъула гьев дида. ТIокIаб суризе бакIал дие хутIун гьечIо, гьанже нечон дица щиб гьабилеб? Нечезе гьев ккола, жиндирго хIалтIи гьабун бажарулерев».

Интернеталда хъвалеб жо бихьизегIан хвезего бокьилаанин абуна гьес.

МухIамаднаби: «Интернеталда дирги дир хъизамалъулги хIакъалъулъ хъвачIеб чIегIераб-хъахIаб жо тун гьечIо. Гьеб жо бихьизегIан хвезе бокьилаан дие».

МухIамадова Сапият: « Юрист хIисабалда дица абила, гьеб процесс диванханаялде щваницин, гIайиб бугезе тамихI гьабизе букIиналда дир божилъи гьечIин. Щайгурелъул, нилъер гьаниб гьединал ишазул хал гьабулеб мехалда хIалтIула телефоналъулаб абулеб ихтияр. Гьелъул магIнаги ккола цоцахъе ахIун къваригIарал гIадамал ралагьулин ва жидеего бигьалъаби ралагьизе лъугьунин абураб. Гьединаб мехалда цIех-рехчагIазги диванчагIазги кIвар кьоларо хIакъикъаталдаги ккараб такъсиралъе. Гьеб букIанищанцин гьез хал гьабуларо. Гьезие щибниги кIвар букIунаро балугълъиялде яхинчIей ясалъе инжилъи гьабун букIиналъул ва хIакъикъаталдаги гьелъул гIумру гIадада хвезабун букIиналъул».

Гьедин бицана адвокат МухIамадова Сапиятица. Гьелъ жеги ракIалде щвезабуна жеги балугълъиялде бахинчIеб лъимергун жинсиял гьоркьорлъаби гьеб лъимадул разилъигун кканигицин гьеб, къануналда рекъон, тамихIалде цIазе кколеб такъсир букIин.

МухIамадова Сапият: «ТIакъсир гьабиялда тIасан иш рагьиялъ ва цIех-рех унеб букIиналъцин кинал рукIаниги чагIи жанир тIамизе рукIиналъул гаранатия кьоларо. Нажмутдиновасул гIарзаялда тIасан такъсир гьабиялъул иш рагьаралдаса буго кIигогIанасеб моцI. Амма жинда гIайиб гIунтIизабулев хIисабалда гьесул гIарзаялда рехсарав цониги чиясул сурав босун гьечIо. Жинца гIайиб гIунтIизабулей яги зарал ккарай хIисабалда ясалъулги сурав босун гьечIо. Гьелъул бицун щай. ЦIех-рехалъул комитеталъ инкар гьабулеб букIана такъсир гьабиялъул иш рагьизе такъсир балугълъиялде яхинчIей ясалде данде гьабун букIаниги. Гьеб иш ясалъе бокьун ккун батаницин тамихI къануналда рекъон, гьединав чиясе гьабизе ккола.

Зарал ккарай ясалъ мухIканго бицун ва хъван буго лъица, кинан ва щиб гьелъие гьабулеб букIарабали. БукIаниги щиб?! Жидеда гIайиб гIунтIизабулеллъунцин гьел чагIи лъазарун гьечIо. Такъсир гьабиялъул иш рагьун унеб кIигогIан моцIалъцин яс жиндие зарал ккарайлъун лъазаюн гьечIеб мехалда гьеб ишалъул ритIухъаб цIех-рех гьабизе букIиналъул бицинего кколаро».

Гьединал лъугьа-бахъинал ккараб мехалда цIех-рехчIагIазги, низам цIунулезги, диванчагIазги гьабизе кколелъул гIемер бицуна зарал ккаразги адвокатазги. Амма гьединал ишал диваналде щвеялъулцин хIужаби Дагъистаналда гIемерал гьечIо. Хъизаналда гьединаб жо ккараб мехалда гьеб бахчизе балъго гьабизе хIаракат бахъула-гьебги лъикIаб гьабун. Квешаб гьабунин абуни-чIван рехула.

Гьедин чIван йиго Гъизилюрт мухъалда МухIамадова Марьям. Гьелъул жиндаго тIад букIараб ретIелгун жаназа батун букIана 2010 соналда Нечаевка росдал хабалалъ метралъул гъварилъи бугеб гвендиниб букъун.

Гьелъул эбел Муслиматица яс чIваялъул гIайиб гьабулеб буго ясалъул вацIгIал ХирамухIамадида ва инсул рахъалъан имгIал Къасумида.

Гьелги эбелалъул гIарзаялъул хал гьабулаго суравги босун рокъоре риччан рукIана ва гьезда тIадги тIакъсир гьабиялъул иш гIемераб заманалда рагьулеб букIинчIо. Гьаб заманалда Гъизилюрт шагьаралъул диваналда унеб буго гьеб хIужаялда тIасан процесс. Гьелъул бицун Эркенлъи Радиоялъул сайталда кьураб макъалаялъе бачIараб комментариялда гьадин бицунеб букIана жинда цIар ПатIиматин хъван бачIарай гIаданалъ.

«РакI унтула гьадинал лъугьа-бахъиназул цIалигун.
Гьединабго лъугьа-бахъиналъул бицана дида цо васас: «Жив рокъов вукIаго, гьалмагъ кIалъан вачIанила, хех гьабун машинаялда жиндихъе вачIаян. Жиндир гIадат гьечIила гьалмагъас ахIидал щибизеян цIехолеб. Нухасан цадахъ инаго гьес цадахъ вачанила цойги вацгIалги, рекIинаюнила цо ясги.
Темиргое росда аскIоб чи гьечIеб бакIалда машинаги чIезабун, лъабалго къватIире анила. Дида лъазабунила мун къватIиве вахъунгеян. Квар цадахъ индал ракI лъикI лъугьинчIила жиндир.
Хадуб васаз бицанила гьелдаго релъараб хабар. Росги вукIаго, гьей хьвадиялъул. Юкъун гьейгун рачIанила гьел...» (комментариялъул стилистика цIунун буго. Ред)

Нижеца тIадехун бицен гьабураб МухIамадовазул хъизамалъул адвокат Къадирова Салиматицаги бицун букIана Эркенлъи Радиоялъе цIех-рехалъул ва низам цIунулел идараби гьеб х1ужаялда банги зарал ккараб рахъалъе кумекалъе гIедегIулел гьечIолъиялъул.

Къадирова Салимат: « Жаназа ракьулъ букъун батиго ккола уголовияб ай такъсир гьабиялда бан цIех-рех тIобитIиялъе гIураб хIужалъун, унтун гурелъул гьей хварай, гьез зулмуги гьабунлъидал. Такъсир гьабуразул цояв ясалъул имгIал вукIин лъала киназдаго, амма гьелъие хIужаби ракIаризе къасдцин гьабулеб букIинчIо прокуратураялъ».

Гьединал чIвай-хъвеял жакъа Дагъистаналда цIикIкIунел ругониги диванханаялъул цIех-рехазде щолел гьечIин гьезул гIемериселин абулеб буго цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабаз. Щайгурелъул жиндерго кьолбода жаниб ккараб рогьояб иш къватIибе лъазе бокьичIого бахчулеб бугин гьеб чIварал ясазул гIага-божаразги.

Дагъистаналъул жамгIиятго тIаде бахъун букIана Хасавюрталда лъабго къоялъ инжит гьаюрай 13 сон барай Аюбова Залинае ва гьелъул эбелалъе хIалае ва гьей хIакъир гьаюрав ункъго вас жавабчилъиялде цIачIого теларин абун. Гьезулги кIиго вацасул эмен шагьаралъул полициялда хIалтIулев майор вукIун вуго «Свободная Республика» газеталъул баяназда рекъон.

Россиялъул лъималазул ихтиярал цIунулев Павел Астаховасул гьариялда рекъон, гьеб ишалъул цIех-рех гьабулеб куцалъул халгьабизе тIаде босун букIана Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинидасан байбихьун республикаялъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламиде щвезегIан.

Хадуб инфоралатаз лъазабуна ясалъул эбелалъ полициялде хъвараб гIарза нахъе босун бугин, адвокатаздаса инкар гьабун бугин ва прессагун кIалъазе инкар гьабулеб бугин. Информалатазда гьединго лъазабулеб букIана ясалъ хъвараб цIияб гIарзаялда абулеб бугин гьелъие ккарабщинаб гьелъул разилъигун кколеб букIанин абун.
Гьеб иш цIех-рехго байбихьичIого гьелдалъун лъугIана.

Ригьнада гьечIел чагIазул жинсиял гьоркьорлъабазул жавабчилъи кIиябго рахъалда букIунин шаргIалда рекъон, амма нилъер гьаниб гьединал гьоркьорлъабазул жавабчилъи гIицIго ясазде ва руччабазде тIаде реххулеб бугин рикIкIунеб буго адвокат МухIамадова Сапиятица.

Цереялде дандеккун гьединал хIужаби ахираб заманалда цIикIкIун ругин жинца абиларин, щайгурелъул гьезул статистика киданиги гьабулеб букIинчIин, амма гьанже жидерго ихтиярал цIунизе ва такъсир гьабурал тамихIалде цIазе къваригIарал гIадамал цIикIкIунел ругин абуна гьелъ.

Рогьо-нич бацIцIинелъун абун, цо-цо мехалда ясалда гIайиб бугищали мухIканаб халгицин гьабичIого Дагъистаналда ясал чIвалеллъи балъголъи гурин ва гьел рокъоса ками хехго кIочене тезе хIаракат бахъулин хъизаназин бицуна журналистаз.

Нижеца бицен гьабулеб Нажмутдинова Саидал рахъ ккун, гьелъие инжилъи гьабурал тамихIалде цIазаризе къеркьолевгIадав эмен гIемер вукIунарин бицана Сапиятица.

МухIамадова Сапият: «Бадиб магIу ххулун бицуна инсуца цоги нухалдаги ясалъ жийго чIвазе къасд гьабиялда хIинкъун вугин живан. Гьесул ракI кьватIулеб буго гьеб киналдаго гьабизе кIолеб жо гьечIолъиялъ. Гьел чагIазе тамихI гьабизе кIолеб гьечIолъиялъ. Яс цIунизе бажарулеб гьечIолъиялъ.
Гьес абула, Сапият, рачIа президентасухъе нух балагьизеян. Гьесда бичlчlулеб гьечIо гьанире доре рортиялъ хIасил кьезе гьечIолъи. Гьеб кинабго рагIалде бахъинабизе ккола цIех-рех чагIаз. Гьезие абуни, хIалтIизе бокьун гьечIо».

Нажмутдиновазул мурадал цIунун Страсбургалде щвезегIан инеги гьей хIадурай йиго.

МухIамадова Сапият: «Дир хьул гьечIо гьеб ишалъул ритIухъаб цIех-рех гьабизе букIиналда. Дида ккола гьаб нухалдаги гьез щалго божуларел чlанда-харбал къватIире кьезе ругин ва иш чIезабизе бугин. Гьеб мехалда дида ракIалда буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Страсбургалъул диваналде гIарза кьезе».

Къуркьизе ва нахъе къазе нигат гьечIо Нажмутдинов МухIамаднабилги.

МухIамаднаби: «Дица абуна, рагIи кьуна дица гьеб иш тезе гьечIилан. Дие инсанасул ихтиярал цIунулезги кумек гьабулеб буго гьанже. Дун чIаго вукIаго дица гьел чагIи хIалхьиялда тезе гьечIо. Гьаниб гьезие тамихI гьабичIони, европалъул диваналде кьунги толаро дица гьел. Гьеб ишалъул хIасил бихьизе ккола дида».

Жинсияб зулму гьаби абулеб гIайибалда сверун ишалъул цIех-рех гьабизе бегьула 10 сон инегIан. Зарал ккаразул гIарзаялда рекъон медициналъул экспертиза гьабизе ккола. Чанго соналдасанги гьеб экспертизалда кIола зулму гьабун букIанищ букIинчIищали чIезабизеян бицун буго информалатазе адвокат Бамматова Гульнараца.


XS
SM
MD
LG