МагъчIваялъе рес

С. МахIамадова: "ЦIех-рехчагIазул хьвада-чIвади логикаялде данде кколеб гьечIо"


Dagestan / police
Dagestan / police

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъанас инкар гьабуна Хасавюрталдаса цIех-рехчи Рамазанов Запирида хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьизе. Гьесда тIаса гIарза хъван букIана Хасавюрт мухъалъул Муцалаул росулъа ГIумархIажиев Билалица. Гьесул ихтиярал цIунулей адвокат Сапият МухIамадовалъ тIалаб гьабулеб буго кIиялго цIех-рехалъул хIалтIухъаби тамихIалде цIазе кколилан.

ГIумархIажиев Билалил вас ГIалибулатиде гIунтIизабулеб буго гьес Такаева Динара абурай ясалда зулма-хIал гьабиялъул гIайиб. Гьеб иш ккун буго 2013 соналъ. Гьебго соналъул октябрь моцIалда гьеб такъсир гьабиялъул щаклъи бугезул цоявилан абун ккун вуго ГIалибулатги. Амма гьей ясалда цевеги вачун вихьизабураб мехалъ гьев вукIинчIин гьевилан абун буго Такаева Динараца. Гьелдалъун гIайиб гьечIолъиги чIезабун 27 октябралда нахъе виччан вуго ГIалибулат цIех-рех чагIаз, амма гьев къватIиве виччалелдего гьесул эмен ГIумархIажиев Билал жиндихъего ахIун, цIех-рехчи Юсупов Запирица вас къватIиве виччаралъухъ 200 азарго гъурущ тIалаб гьабун буго гьесухъа.

Жиндир гьедигIан гIарац гьечIин гьас абурабго 100 000 гъурущ босун буго. Юсупов Запирихъе гьеб гIарац кьолеб мехалъ Билалида цадахъ нугIлъиялъе гьесул гIагарал чагIиги рукIун руго аскIор. Амма иш гьелда лъугIун гьечIо. 2014 соналъул февралалда нахъойги ахIун вуго цIех-рехчияс Билал жиндихъего ва васасда тIад такъсир гьабиялъул иш къотIизабизе бокьун батани жеги 400 000 гъурущ кьейилан чIун вуго. Нагагь лъиданиги гьелъул цIар бахъани Такаева Динарада гьес хIал гьабунин гьесилан чIезеги гьабун жанив тIамичIого тезе гьечIин. Гьелда тIадеги изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъе кумек гьабунин гьесиланги тIаде жубазе бугилан хIинкъиги кьун буго. Жинде разилъичIого рес букIинчIилан абулеб буго Билалица, жиндир вас доб мехалъ унтун вукIанин ва гьабсагIатги вугин гьев унтун.

ГIумархIажиев Билал: «Цин бугони дихъа гIарацги босе, хадуб вас жанив тIамичIого теларилан хIинкъабиги кье гьес. КIолеб батани тIамейинха гьанжеян абуна дица гьесда. Гьесул гурони рахъ кколеб гьечIо гьесул нухмалъиялъги. РитIухълъи лъагIараб инжитаб заманалъ лъихъа кумек гьарилеб? Дир вас гьабсагIатги унтун вуго, гьедин вукIаниги толев гьечIо гьев цIех-рехчагIаз».

Бицен гьабулей Такаева Динарада тIад зулму-хIал гьабураб къоялъ ГIумархIажиев ГIалибулат азарханаялда вукIун вуго, гьеб тасдикъ гьабулел тохтурас кьурал документалги рагIула, амма цIех-рехчияс гьезул санцин гьабун гьечIо.

Жиндихъа хIинкъизеги гьавун ришваталъе гIарац бахъанин цIех-рехчи Юсупов Запирицаян гIарза хъван буго ГIумархIажиев Билалица, МахIачхъалаялъул цIех-рехалъул бутIаялде. Амма гьесул гIарзаялда рекъон цIех-рехчиясда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе инкар гьабун буго, ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан Рамазанов Арсеница. Юсупов Запирил хIалтIулъ щибниги такъсирияб иш гьечIилан хIукмуги къотIун. Гьесда гIайиб гьечIолъи чIезабизелъун далил хIисабалда гьес бачунеб буго гьереси тIатинабулеб алат - детекторалъ кьурал баянал. Гьеб хIужаялда буго бищунго ракIрелъун, ГIумархIажиевазул ихтиярал цIунулей адвокат Сапият МухIамадовалъул.

Сапият МухIамадова: «ЦIех рехчиясул логикаялда рекъон чиясул такъсир гьечIолъи чIезабизе цохIо гьереси тIатинабулеб детекторалъул баянал гIолел рагIулаха гьедин батани. Къануналда рекъон абуни я такъсир чIезабизе, я гьеб гьечIолъи тасдикъ гьабиялда жаниб гьеб детекторалда бараб жо щибниги гьечIо. Детекторалъ бицараб жо гIолеб батани гьедин батани, тIубарал цIех-рехчагIазул къукъаги, гьез гьабулеб хIалтIиги гIададисеб жо кколеб рагIулаха. Гьеб жоялда тIад гIанкIу белъуларищ? Къокъ гьабун абуни гьаб бакIалда цояв цIех-рехчияс бахчулеб буго цогидав цIех-рехчияс такъсир гьабураблъи ва жинцагоги такъсирияб ишалде нуцIа рагьулеб буго. ГIумархIажиев Билалил жеги гьез сурав босичIел нугIзал руго, цIех-рехчи Юсупов Запирица ришват босараблъи тасдикъ гьабулел, гьеб цо.

КIиабизе, Юсупов Запирилги, гьесда тIасан хъвараб гIарзаялда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьизе инкар гьабурав, МахIачхъалаялдаса цIех-рехчи Рамазанов Арсенилги нухмалъулел рагIула гьудулзаби. Гьезда лъазецин лъаларо дица гьезда тIасан диваналде гIарза хъвараблъи. Киналниги далилазул санцин гьабичIого гьез инкар гьабуна жидерго пишацояда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе».

Рамазанов Арсенида тIасан МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналде гIарза хъван буго гьанже Сапият МухIамадовалъ. Гьелъ гьединго бицана бицен гьабулей Такаева Динарада хIал гьабунилан абураб хIужа тасдикъ гьабулеб цониги далил гьечIилан. Ясалъул эбелалъ цIех-рехчагIигун цадахъ рекъон жиндего гIарац щвезелъун ургъунго гьарулел макраби ругин гьелилан.

Такаева Динарада тIад хIал гьабиялда щаклъи бугел жеги микьго гIолохъанчи вугилан бицана Сапият МухIамадовалъ хадубги. Гьезул эбел-инсухъаги тIалаб гьабулел букIун буго цIех-рехчи Юсупов Запирица гIарац, амма гьел разилъун гьечIо ришват кьезе.

XS
SM
MD
LG