МагъчIваялъе рес

ГI. ГIалиев: "Рищватчилъи гьечIеб бакI гьечIо Дагъистаналда"


2015 соналда жаниб Дагъистаналда тIатинабун буго 400-саги цIикIкIун ришватчилъи хIалтIизабураб такъсир. Гьединаб баян кьолеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Амма такъсирчилъиялда данде къеркьезелъун Дагъистаналъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комитеталъул вакил ГIалибег ГIалиев рази гьечIо прокуратураялъ гьабулеб хIалтIуда.

Дагъистаналъул прокурор Рамазан Шагьнавазовас бицухъе гьеб 400 такъсиралда гьоркьоб 37 хIужа рагIула рищват босулаго гIадамал тIадккураб, 51 ришват кьолеб мехалъ гIадамалтIадккураб. Гьелдаго цадахъ Рамазн Шагьнавазов рази гьечIо республикаялъул цо-цо бакIазда ругел прокурораз ришатчилъи тIатинабизелъун гьабулеб хIалтIудасаги.

Амма жибго прокутратураялъ гьабураб хIалтIуда абуни рази гьечIо, рищватчилъиялда данде къеркьезелъун, Дагъистаналъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комитеталъул вакил ГIалиев ГIалибег. Гьеб идара исана гIуцIана республикаялда. Жидер идара рагьизегIан кире балагьунила гьел рукIарал, гьел тарихал загьир гьаричIогийилан абулеб буго ГIалибег ГIалиевас. Гьале цохIо лъагIелцин инчIеб заманалда жаниб жидеца кIудияб хIалтIи гьабунила гьениб. Ришватчилъи сабаблъун хIалтIудаса вахъанила Дагъистаналъул бухьеназул рахъалъ министр, гьединабго къимат ккезе бугин гIагараб заманалда промышленносталъул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулесулги. Прокуратураги, ЦIех-рехалъул комитетги, цогидал идарабиги гьанжелъагIан кире балагьунин рукIаралилан абулеб буго ГIалибег ГIалиевас.

ГIалибег ГIалиев: «Жакъа нижер идараялъ, къокъабго заманалда жаниб гьабураб хIалтIул кIудияб хIасил буго, амма гIемерал бухьенал ратулел руго щибав нижеца хал гьабизе восарав чисул. Гьав досул чи, дов гьасул чи, гIагарав, гIунтIарав…».

ЭР: «Нужер идараялъулги, прокуратураялъулги бугиш бухьен гьабулеб хIалтIуда жаниб?».

ГIалибег ГIалиев: «Бухьен буго, амма гьеб хIалтIи буго гьез сон-жакъа гуреб, цебего, чанго лъагIелалъ цебего гьабизе кколеб букIараб хIалтIи. Жакъа гIадамазда бихьулеб буго цебе гIадин жидеца кьураб гIарза кIвар гьабичIого толеб гьечIеблъи, щибаб гIарзаялъул, гьелда гъоркь лъураб гъулбасалъул махIканго хал гьабулеб бугеблъи, гьединлъидал гьезулги божи цIикIкIун буго нижеде. Гьелдалъун рищватчилъиги якъинго цебе рехун бачIунеб буго».

ГIалибег ГIалиевас гьединго тIаде жубана жакъа рищват босулареб цониги идара хутIун гьечIила жакъа Дагъистаналда, жалго прокуратураялъул хIалтIухъабаздаса байбихьун. Жибго халкъалда гьоркьоб бицунеб рагIизе бегьула Дагъистаналда бищунго рищватчилъи цебетIураб идара кколин республикаялъул росдал магIишаталъул министерлъиян. Гьелда тIасан гьадинаб баян кьуна ГIалибег ГIалиевас.

ГIалибег ГIалиев: «Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялда жаниб нижер идараялъ кIиго моцIидасаги цIикIкIун заманаъ гьабулеб хIалтIи рагIалде бахъунеб буго, гьелъул хIасилалги кватIичIого халкъалда рагIизе руго. Гьеле гьедин хIалтIизе кколел руго ниж. ГIинги, лълъарги ккун, нижеца щвезаризе кколел руго рищватчагIи цIех-рехалъул идараялдеги, прокуратураялдеги».

Рищватчилъиялда жанир гьарурал такъсиразул бицунго Дагъистаналъул прокурор Рамазан Шагьнавазовас абуна ришватчилъиялъ республикаялъе гьабураб зарал бахун бугин 126 миллион гъурщидеян, амма гьелда гьоркьоса 16 миллион гурони бецIун рагIуларо.

XS
SM
MD
LG