МагъчIваялъе рес

Нилъер полициялъул бутIрул хIалтIи гьечIого хутIуларо...


Щуго мухъалда ругел полициялъул идарабазул нухмалъулел хисизехъин руго Дагъистаналда.

Гьел низам цIуниялъул системаялдаса нахъе рехине гьечIин, жанисел ишазул министерлъиялъул цогидал бутIабазде росизе ругин, бицана «Эркенлъиялъе» МВДялдаса вакилаз. Кинал мухъазда гьел хиса-басиял ккезе ругелали гьес мухIкан гьабичIо.

Гьесул рагIабазда рекъон, централияб МВДялда рази гьечIо Дагъистаналъул полициялъула хIалтIудаса. Гьезул хIалтIи жеги эффективияблъун букIине бегьулин хъван рагIула Москваялдаса республикаялъулаб МВДялде щвараб кагътида.

Дагъистаналъул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовас цебе бицухъе, изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде низам цIунулезул хIалтIиялъ хIасил кьолеб буго, такъсирал республикаялда дагьлъана, терроргун бухьен бугел такъсирал гьоркьоса къотIана. Министерлъиялъул официалияб сайталда лъун бугеб МухIамадовасул докладалда рекъон, полициялъул хIалтIи, мисалалъе, араб соналда лъикIлъана. Ярагъ гIадамазухъа бакIари, наркотикал тIиритIиялъе дандечIей, такъсириял къукъаби тIатинари ва кквей, терроргун экстремизмалде дандекъеркьей, жамгIияб низам цIуни - рехсарал гьел ва гь.ц. пунктазул хIасилал лъикIал ругин абизе бегьула, министерлъиялъул нухмалъулесул доклад цIалун хадуб.

Гьеб доклад МухIамадовас чанги данделъабазда ва гургинал столазда цIалана ва гьелъие лъикIаб къиматги кьуна хIакимаз. Мисалалъе, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас, парлмаенталъул сессиялда МухIамадов доклад цIалун хадуб, министрасда баркана ва гьесие баркала кьуна гьабураб хIалтIиялъухъ.

Амма щайха Москваялдаса МВД рази гьечIеб? Цеве МВДялда хIалтIулев вукIарав ва гьанже жамгIияв хIаракатчилъун кколев Руслан Расуловасул рагIабазда рекъон, министр МухIамадовас щаялиго къимат кьолеб гьечIо полициялъул такъсиразе. «Мисалалъе, щай гьес бицулареб МВДялъул цIех-рех чагIазда гъорлъ ватарав киллерасул хIакъалъулъ, яги щай бицулеб гьечIеб МВДялда бугеб ришватчилъиялъул, щай щибго абулареб «рохьилалгун» бухьенал ругел полициялъул хIалтIухъабазул?», - ян абуна Расуловас.

Жакъа къоялда 67 полициялъулав туснахъалда вуго ришватчилъиялъул такъсирал сабаблъунилан, бицана жанисел ишазул министерлъиялда хIалтIулев вукIарав полковник СалихI ХIажиевас «Черновик» газеталъе кьураб интервьюялда.

Гьес абухъе, туснахъалда жеги гIемер полициялъул рукIине кколаан. «Кадровияб рахъалдаса бищун гIемер гIунгутIаби ратизе бегьула Дагъистаналъул МВДялда. ХIалтIуде росулел бокьаралщинал чагIи. Кин гьел кколел ругел полициялъул кьеразда гъорлъ? Ришватал кьун рахъунел руго. Гьединго тухумчилъиялъ ккун буго МВД. Робин Гудилан тIокIцIаралдалъун машгьурлъарав Гъизилюрт мухъалъул ОВДялъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIасхIабгIали Заирбеков мисаллъун вачина. Терроралде данде къеркьолев чилъун вихьизавулев вукIана гьев. Хадуб лъана гьев такъсирчи вугевлъи, бизнесменазухъа гIарац бахъулеб къукъа гьес гIуцIараблъи. МВДялда батIи-батIиял хъулухъазда толев вукIана гьев, гьесда тIаса ругел гIарзаби хал гьабичIого толел рукIана. Министрасда Заирбеков щив чи вугевали лъалеб букIинчIищ? Яги минстрасул яцгIал гьесул чIужулъун йикIиналъ Заирбековасул «багьадурлъи» хIисабалде босичIогойищ толеб букIараб? Россиялъул министрас чанги нухалда абулаан, полициялъулаз гьабурал такъсиразухъ жаваб гьев полициялъул нухмалъулес кьезе кколин», - ян загьир гьабуна жиндирго пикру ХIажиевас.

Кадровияб суалалъул ва ришватчилъиялъул масъалабазул хIакъалъулъ полковниклъун вукIарав ХIажиевас мухIканго бицана. Гьес абухъе, Россиялъул МВДялъул буюрухъалда рекъон, мухъазда ва шагьаразда ругел полициялъул идарабазде хIалтIухъаби росизе ккола гьел идарабазул нухмалъулез. «Амма Дагъистаналъул МВДялъул министрас жинцаго росулел руго хIалтIуде киналго полициялъулал. Гьелъие гIоло МВДялда кадровияб бутIаялда хIалтIулев вуго микьго чи. ХIалтIудаса нахъе унел, хIалтIуде рачIунел, цогидал хъулухъазде унел - кадровияб бутIаялде цо соналда жаниб гIага-шагарго 1500 чиясул ишазул хал гьабулаан. Микьго чиясда гьеб хIалтIи бачине кIолищ? ТIадежоялъе живго минстрас Россиялъул МВДялъул буюрухъги хвезабулеб буго. Ришват кьун, полициялъулавлъун вахъине бегьула бокьарав чи. ГIадамаз бицухъе, Дербенталда полициялъулавлъун вахъине бокьарас 450-500 азарго гъурущ кьезе ккола, МахIачхъалаялда - 350-400 гъур. Офицеразул хъулухъал цодагьго хириял руго», - ян бицана ХIажиевас.

СалихI ХIажиев: «Ришватчилъиялъул суалалгун дун министрасухъе чанги нухалда щун вукIана. Масъала хIисабалде босилин абулаан гьес, цIех-рехал гьарилин абулаан, амма гьабураб кинабгIаги хIалтIи букIинчIо. Дагъистаналъул МВДялда тIаса кIудияб цIех-рех гьабизе кколаан. Гьенир лъикIал хIалтIухъабиги руго, амма гIемерлъулел руго жидерго хIалтIи лъаларел чагIи. Нухмалъиялда, мисалалъе, ратизе бегьула гьединал чагIи. Хасал операциязда полициялъулал холел руго гьединал нухмалъулел сабаблъунги. РукIине кколеб къагIидаялъ полициялъулал гьез ругьун гьарулел гьечIо, рагъулаб инструктаж гьез мекъ гьабулеб буго яги букIине кколеб къагIидаялъ гьабулеб гьечIо».

ХIажиевас абухъе, Дагъистаналъул МВДялда ругел масъалабазул гьес бицун букIанаан федералиял каналаздаса. «Бицун букIана полициялъул хIалтIухъабазул лъималазе профилакторий базе кколеб бакIалда министрасул хъала гIадаб мина бан бугин, гьебго бакIалда низам цIуниялъул системаялдаса цогидал хIакимазул минаби ратизе бегьулин. КинабгIаги реакция букIинчIо гьеб информациялда тIаса», - ян абуна ХIажиевас.

Дагъистаналъул МВДялъул пресс-хъулухъалда оперативияб баян «Эркенлъиялъе» кьезе кIвечIо. Пресс-хъулухъалъул вакилалъ абуна, хасаб кагъат битIеян ва анкьида жаниб гьеб кагътида рехсарал суалазе жавабал хIадур гьарилин.

XS
SM
MD
LG