МагъчIваялъе рес

Полиция цIидасан лъималазул ахалгун багъулеб буго


МахIачхъалаялда бугеб хIукуматалъул гуреб «Цветы жизни» абураб лъималазул ах хIалтIизе толеб гьечIила низамцIунулезин абун лъазабулеб буго гьелъул бетIергьабаз. 22 къоялъ полициялъул хIалтIухъабаз квалквал гьабулеб бугила жидер хIалтIуе, гьелъие кинал гIиллаби ругелалиги бичIчIизабулеб гьечIила гьезилан абун лъазабулеб буго лъималазул ахил бетIергьабаз. Гьез бицухъе нужеца щиб гьабуниги, ах хIалтIизе тезе гьечIин жидецайин абун, хIинкъалаби кьун, хъачIго кIалъан, гьенире лъимал щвезарулел умумулгун кьалда рагIула низамцIунулел.

19 ноябралъул радалги ичIгоялде бащадаб хIалтIараб мехалда МахIачхъалялда Проектная къотIноб бугеб «Цветы жизни» абураб лъималазул ахил кIалтIе ракIарун рукIун руго полициялъул хIалтIухъаби.

Гьедин исана 29 октябралдаса нахъе щибаб къойил жидер кIалтIу цIунун, гьеб ахикье лъимал рачун рачIунел гIадамалгун ва ахил бетIергьабигун къацандилел ругин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе лъималазул ахил хIалтIухъан МухIамадова Альбинаца.

Гьелъул рагIабазда рекъон гьел чагIаз цониги нухалъ жидерго документалги рихьизарун гьечIо, гьеб ах къайилан лъазабураб хIукмуги букIун гьечIо гьезухъ.

Альбина МухIамадова: «Дица гьарана гьезда нуж полициялъул хIалтIухъаби рукIин тадсикъ гьарулел документал рихьизарейилан. ЦохIонигияз гьелги рихьизаричIо, цIакъго хъачIаб хьвада-чIвадиги букIана гьезул.

Нужее щибин къваригIун бугеб, берцинго хIалтIизе тейин нижилан абураб мехалдаги, нужер ах къазе бугила, щибилан нужеца ахIи бакъинабуниги гьеб хIалтIизе тезе гьечIила жидецайилан абула гьез. Гьелъие гIилла щибилан абураб мехалда, хIалтIизе ккани къваригIунел документал гьечIила нужехъилан абун чIола гьел.

Ругин гьел документалги, гьел Советский мухъалъул администрациялъул хIалтIухъабаздаги рихьизарунин нижеца, гьез халги гьабун, нужер кинабго букIине кколеб хIалалда бугин, берцинго хIалтIейин абунин нижедайилан абурал рагIабазухъги гьез гIинго тIамуларо.

Нижедеги, гьенире рачIунел лъималаздеги хъетIелел ахIделел рукIуна гьел кидаго. Чорокал хъубал рагIаби рукIуна бацIцIун нижеде ахIулел. Гьезда данде жо абуни, гьел тIад речIчIун рачIуна. Гьедин жакъа дун полициялъул автомобилалъуй къазайизе дагьай хутIана, хIалицаго йорчIана гьезухъа».

«Цветы жизни» йилан абураб гьеб жалго бетIергьанаб лъималазул ах рагьун буго МухIамадовазул хъизамалъ. Гьезул эбел кколей йиго гIемерал саназ школалда мугIалимлъун хIалтIарай, Россиялъул мустахIикъай мугIалим абураб цIар щварай гIадан.

Гьелъ нухмалъи гьабулеб буго гьеб лъималазул централъе. Гьелъул кIияйго ясги хIалтIулей йиго гьенирго гьезулги кIиялъего щун рагIула кIигониги тIадегIанаб лъай.

ХIалтIи щвезе захIмалъаби рукIиналъ, жидергоги гIисинал лъималги рукIиналъ гьединаб хъизамалъул бизнес рагьизе ракIалде кканила жидедайилан бицана «Экренлъи» радиоялъе МухIамадова Альбинаца. Амма жал диниял чагIи рукIиналъ, толел гьечIила хIалтIизейилан абулеб буго гьелъ.

Альбинал рагIабазда рекъон гьезул централда батIалъи гьечIого бокьарал лъимал росулел руго. Гьениб щибниги рахъалдехун цIайги гьечIила, хасго динияб рахъалде жидеца щибго цIайиго гьабуларила, гьеб бугила гIадатияб лъималазул ахилан бицана гьелъ.

Гьедин абуниги полициялъул хIалтIухъабазда гьеб бичIчIулеб гьечIила, гьезда. Цересел къояз жалгун рагъ-кьалалда рукIун ратани гьел, гьанже жидер гьанире рачIунел лъималазул эбел-инсуде тIаделъанилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

Альбина МухIамадова: «Гьанже гьез централде лъимал рачун рачIарал улбул гьениса къватIире гъезе лъугьун руго. Гьезда тIаса кIазал рахъизе хIалбихьулеб буго гьез. Нуж щиб гьабулел чагIийин, нужеца гIадамазул ихтияралги, къанунги, бихьинчиясул яхI-намусги хварал жал гьарулел ругин абун ахIи бахъинабуна нижеца гьезде.

Жидее кьураб буюрухъ тIубалел чагIи ругила жалилан аби гурони тIокIаб жо абичIо гьез гьеб мехалдаги. Щиб буюрийин нужее кьурабин абураб мехалда, гьез лъазабуна нужер центр хIалтIизе тогейин лъазабун бугин жидедайилан, амма гьединаб хIукму къотIараб яги буюри хъвараб кагъатги бихьизабичIо гьез жеги.

Гьелда тIадеги жидер рахъккун кIалъазе вахъарав, жидер централде хьвадулев васасул инсудеги тIаделъана жакъа гьел. Гьев жидерго автомобилалъувги къазавун, дуца гьаниве щибизейилан лъимер кьолеб, пачалихъалъул лъималазул ахикье щвезавейила гьевилан ахIдана низамцIнулел гьесде».

Гьединго МухIамадова Альбинаца бицана полициялъулаз гьарулел гIорхъолъа арал ишал видео-камераялде рахъулел рукIанила жиндица. Гьеб бихьараб мехалда гьел жидее хIинкъалаби кьезе лъугьанила, нужеца гьеб видео къватIибе кьуни, нуж жидеца полициялъул бутIаялдеги рачун инжит гьаризе ругилан.

Гьез бокьараб гьабизе бегьулила, гьединлъидал жал хIинкъун ругилан абуна гьелъ. НизамцIунулез нижер централда сверун гьабулебщиналда тIасан гIарзаги хъван буго гьез республикаялъул прокуратураялде, амма гьелъул жеги кинабгIаги хIасил ккун гьечIо.

Гьединго кумек гьарун МухIамадовазул хъизаналъ кумек гьарун кагътал хъван руго Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул бетIер Михаил Федотовасдеги, пачалихъияб думаялъул депутат Александр Хинштейнидеги гьединго инсанасул ихтиярал цIунулеб «Момориал» ва «Правозащита» идарабаздеги.

Гьеб центр хIалтIиялъе квалквал щайин гьабулебилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъе бухьен гьабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъгун.

Гьеб идараялъул хIалтIухъабаз баян гьабуна гьаб сагIат МахIачхъалаялда ругел киналго хIукуматалъул гурел лъималазул ахазулги, гьединалго центразулги хIалтIизе рес кьолеле документал ругищ, гьенир рукIине кколел шартIал чIезарун ругищали балагьулеб бугилан.

Гьелъие гIоло тIоритIулел ругила «Цветы жизни» абураб централда гьел тадбиралилан.

РакIалде щвезабилин, кIиго анкьгIан заманалъ цебе МахIачхъалаялда цойги хIукуматалъул гуреб «Счастливый малыш» абураб лъималазул центр хIалтIизе теларинги лъугьун рукIана полициялъул хIалтIухъаби. Гьез централъул бетIергьабахъа тIалаб гьабулеб букIана гьенир хIалтIулел ва гьенире лъимал рачун рачIунел, хIижаб тIад ретIарал руччабазул баянал.

XS
SM
MD
LG