МагъчIваялъе рес

Тохтурзабаз ришватал росиялда министр божуларо


Лъимал гьарулеб МахIачхъалаялъул кIиабилеб азарханаялда лъимер хвеялда тIаса такъсир гьабиялъул иш рагьана низам цIунулез. СахлъицIуниялъул министерлъиялдани абулеб буго тохтуразул гIаийбалдалъун хвечIилан лъимер.

КIиабилеб азарханаялъул ай роддомалъул тохтуразул гъалатI сабаблъун жиндир лъимер хванин ва чIужу квешаб хIалалде кканилан лъазабулеб букIана Къурбан ИсхIакъовас. Гьесул рагIабазда рекъон, чIужу Наида Коселева гьес лъимал гьарулеб азарханаялде щвезаилелда цебе, тохтураз хал-шал гьабун букIун буго гьелъулги лъимерадулги ва тохтураз лъикIаб къимат кьун буго гьезул хIалалъе.

ЧIужуялъ хвараб лъимер гьабун буго. КIиабилеб азарханадул тохтураз жидерго хIалтIи кколеб къагIидаялъ гьабичIилан абулеб буго ИсхIакъовас. ЦIех-рехалъул идаралдеги ун, гьес гIарза хъван букIана.

Азарханаялда ккараб гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех гьабиялъе гIоло сахлъицIуниялъул министерлъиялъ хасаб комиссия гIуцIана. Гьеб комиссиялъул данделъи тIобитIана гьал къоязда ва гьениб гIахьаллъи гьабуна министр Танка Ибрагьимовас. Данделъиялда рачIана хвараб лъимералъул эбелалъул гIагарлъиялдаса чагIиги.

Коселовалъул эбел Меседоца данделъиялда бицана ясалъе дараби жинца росулел рукIанин. Министр Ибрагьимовас кIиабилеб азарханаялъул бетIерай тохтур Зарема Меджидовалъда гьикъана, щай къваригIунел дараби азарханаялда гьечIелали. Жаваб гьесие щвечIо.

Азарханаялда ришватал росиялъул суалги борхана комиссиялъул данделъиялда. ИсхIакъовас абуна жинца тохтуразе щуазарго гъурущ кьунилан чIужуялъе кесаревасул операция гьабиялъухъ. Гьединго гьес абуна жиндир гьудулас 15 азарго кьун букIанин. «Киназдаго Дагъистаналда лъала кесеровасул операциялъухъ 10-20 азарго гъурущ кьезе кколебали», - ян абуна ИсхIакъовас.

Амма министрас гIадахъе росичIо гьел рагIаби. «Ришватаздалъун гьеб азарханялда хIалтIулел ругин жеги цониги чияс дие хIакъал, божизе бегьулел хIужжаби рачинчIо», - ян абуна Ибрагьимовас. Гьес бицана, жинца хасал гIадамал ритIун рукIанин гьеб азарханаялъул бетIерай тохтуралъе ришват кьезе, амма гьеб ишалъул жо ккечIин.

Лъимер хвеялъул суалалда хъвараб мехалда, ИсхIакъовас абуна бетIерай тохтур хисулей Ирина Рамазановалъ жинда абунилан тохтуразул гIунгутIаби сабаблъун кканилан гьеб льугьа-бахъин.

Комиссиялъ экспертиза бихьизабуна данделъиялда. Гьелда рекъон, тохтураз УЗИ гьабун гьечIо Коселова азарханаялде ячIарайго. УЗИялъ бихьизабизе букIана, кинаб хIалалда лъимер букIарабали. Кесаревасул операция гьабизе тIоцере гIиллаби рукIинчIилан хъван буго экспертизаялда. Амма лъимер гьабизе заман щвейдал, гьеб операция гьабизе кватIана, гьелдалъун лъимер вакуумалъул технологияги хIалтIизабун къватIибе бахъана.

ТIадежоялъе, экспертазул рагIабазда рекъон, кесаревасул операция гьабизе бегьулеб букIинчIо, щайгурелъул Коселовалъул сахлъиялъул квешаб хIал букIана. Тохтуразул гIунгутIаби рукIанаилан хъван буго экспертизаялъул хIасилазда. УЗИ гьабун гьечIо, лъимералъе хал-шал гьабун гьечIо, документал мекъ цIезарун ратана - гьел гIунгутIаби рехсон руго документалда. «Амма Коселовалъ лъимер гьабиялъе тохтураз кIвараб жо гьабуна ва гьез тIаса бищараб операция битIараб букIана», - илан хъван буго экспертизаялда.

Амма гьеб экспертизаялъулъ гIунгутIаби ругилан абулеб буго ИсхIакъовас. Гьесул рагIабазда рекъон, жеги цониги экспертас жаваб кьечIо, щай лъимер хварабали ва кида хварабали. Комиссиялда гъорлъ рукIарал экспертаз абулеб буго лъимер хванилан къватIибе бачIунеб мехалда, жибго азарханаялъул документазда хъван буго лъимер хванилан жаниб букIаго.

«Гьеб кинабго лъазе букIана УЗИ гьабун букIарабани. Амма гьеб къоялда тохтур-узилог хIалтIуда вукIинчIо. ТIадежоялъе, тохтураз абулеб буго лъимер кIудияб букIанин ва гьеб къватIибе бачIинабизе захIмалъулеб букIанилан. Ростовалдаса тохтуразда рихьизаруна документал ва гьез абуна лъимералда хадуб халккун гьечIин тохтураз», - илан абуна Коселовалъул эбелалъ.

Лъимал гьарулеб кIиабилеб азарханаялъул гIайиб батичIин, абуна «Эркенлъиялъе» сахлъицIуниялъул министерлъиялъул пресс-секретарь Зарема Агмадовалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьеб азарханаялда ришватал росиялъул яги тохтурал мекъ хIалтIиялъул хIужжаби ратичIо.

Зарема Агмадова: «Гьединаб ахIвал-хIал гьениб гьечIо, гьеб азарханаялъул хIалтIуе лъикIаб къимат кьола министерлъиялда. Хасаб комиссиялъ бихьизабуна тохтураз жидерго хIалтIи букIине кколеб къагIидаялъ гьабураблъи. Гьеб лъугьа-бахъинги цо гурони букIинчIо. КIвараб жо гьабун буго тохтураз. ГьитIинал гурони гIунгутIаби хIалтIудалъ ратун гьечIо комиссиялъе».

Лъимер хвеялъул хIужжа цо гурони букIинчIин гьеб азарханаялдаилан абулеб буго министерлъиялъул вакилаз. Азарханаялда сверун цереги чанги гъалмагъирал ккун рукIана. Мисалалъе, гьений тохтуразул кумекги щвечIого хвана МахIачхъалаялдаса Елена Ибрагьимова, лъимерги хвасар гьабизе кIун гьечIо. ГIайибиял тамихIалде ахIана, амма ахIвал-хIал хисичIин абизе бегьула. Щайгурелъул лъимал гьарулеб гьебго азарханаялда Сакинат Расуловалъул лъимер хвана хадуб. Улбуз гIайиб гIунтIизабулеб буго тохтурзабазде, амма тохтурзаби чIун руго гьеб хварабго гьабун букIанилан.

Наида Коселовани гьабсагIаталда Ростовалда бугеб клиникаялда йиго. Азарханаялдаса рокъое ячIараб мехалда гьей унтигун егана ва хадуб азарханаялде ккана. КIиабилеб азарханаялдани лъимер гьабун хадуб гьелъул ахIвал-хIалалъе хал-шалцин гьабун гьечIо.

Цех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялда «Эркенлъиялъе» бицана такъсир гьабиялъул ишалъул цIех-рех жеги лъугьун гьечIин. ЦIех-рех щвалде щвезегIан азрханаялъул лъабго тохтур хIалтIудаса вахъун вуго, цо-цоязе административиял гIакIаби рихьизарун руго.

XS
SM
MD
LG