МагъчIваялъе рес

Ришват тIалаб гьабиялда щаклъи бугев 4 полициялъулав ккун вуго


Дагъистаналда кIиго къоялда жанив ришват тIалаб гьабиялда щаклъи букIун ункъго полициялъул хIалтIухъан ккун вуго. Гьез жидерго хъулухъалдаса пайдаги босун, гIадамал хIинкъизарун тIалаб гьабулеб букIун буго гIарацги автомобилалги. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гьеб киналдаго хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Гьел низам цIунулезда гьеб гIайиб тIадчIезабуни гьел 8 соналде щвезегIан туснахъ гьаризе бегьулел руго.

Гьал къоязда хасал идарабаз коррупциялъе гIоло ккун вуго Дербент мухъалъул полициялъул хIалтIухъан. ЦIех-рех чагIаз лъазабулеб буго гьев полициялъулас гьебго мухъалъул Геджух росулъа чиясухъа 300 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб букIун бугилан.

Гьес гьабураб такъсиралъухъ тамихI гьабичIого тезе ва къуваталъул идарабаз цIех-рех лъугIизегIан нахъе бачун букIараб гьесул автомобиль нахъбуссинабуралъухъ кьезе кколеб букIун буго гьев чияс низам цIунулесе ришват.

Гьес гIарац кьезе инкар гьабураб мехалда полициялъулав гьесде тIаделъун вуго, хIинкъалаби кьезе, тIадецуй гьабизе лъугьун вуго. Гьеб мехалъ гьес федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялде гIарза хъван буго жиндаса ришват тIалаб гьабулеб бугин полициялъул хIалтIухъанасилан.

Гьеб лъабнусазарго гъурущ босизе вачIарав бакIалда тIад ккун вуго гьев хасал идарабазул хIалтIухъанас. Гьеб ишалда хурхун халгьабиялги цIех-рехалги унел ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъги.

Гьезул баяназда рекъон халгьабияз гьесда гIайиб букIин чIезабуни ришват тIалаб гьабулев вукIарав низам цIунулев хIалтIудаса нахъе реххизе вугин ва гьесул нухмалъулесеги гIадлу гьабизе бугин лъазабулеб буго.

Гьаб сагIат ришват тIалаб гьабиялда хурхун Дербент мухъалдаса гьев полициялъуласда тIад россиялъул къануналъул 163 бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго.

Гьединго гьал къоязда гьебго ришват тIалаб гьабиялда щаклъи букIун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго Казбек мухъалъул полициялъул уголовияб цIех-рехалъул бутIаялъул бетIерасдаги, кIиго оперуполномоченныясдаги.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабухъе гьел лъабазго исана 4 июлалда гьел лъабалго низам цIунулез Гъизилюрт мухъалъул Гелбахъ росдада аскIов гьебго росулъа чи хIалицаго автомобилалъув къазавун вуго, хадуб лъикI вухунги вуго гьенивго.

Полициялъулаз гьесухъа цин гIемераб гIарац гIарац тIалаб гьабулеб букIун буго, жидир гьебщинаб гIарац гьечIин абун гьес лъазабураб мехалда, 950 азарго гъурщил багьаяб гьесул кIиябго автомобиль кьейилан чIун руго низам цIунулел.

Гьедин цо оперуполномоченныяс гьев чи Гъизилюрталде нотариусасухъеги вачун жиндаго лъалев чиясда тIад автомобиль хъвазе тIамун вуго. КIиабилеб автомобилалъухъ 300 азарго гъурущ тIалаб гьабун буго полициялъулас гьев гелбахъасдаса.

Гьев оперуполномоченный, гьеб тIалаб гьабулеб букIараб, гIарац босулаго тIадккун вуго хасал идарабаз. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон цIех-рех лъугIизегIан гьел лъабалго полициялъулазда щиб гьабилебали жеги хIукму къотIун гьечIо. Гьез цIех-рехалъе квалквалал гьаричIого рукIине гьеб лъугIизегIан гьел туснахъ гьаризеги бегьулин лъазабулеб буго республикялъул цIех-рехалъул идараялъ.

Гьел Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазда тIад гьеб гIайиб чIезабуни Россиялъул къануналда рекъон 8 соналде щвезегIан туснахъ гьаризе бегьулел руго гьел чагIи.

Ахираб заманалда гIемерлъун руго коррупциялда гъорлъ рукIиналда щаклъи бугел Дагъистаналъул полициялъул хIалтIухъаби хъулухъалдаса рахъи. «Черновик» газеталъ кьурал тIубан мухIканал гурел баяназда рекъон 2014 соналъ 40-гIан низам цIунулев хIалтIудаса вахъун вукIун вуго гьеб ришваталъе гIоло. 60 гIан чиясда хурхун жеги цIех-рехги унеб буго.

Исанаги гьебго ишалъе гIоло 20 ялдасаги цIикIкIун полициялъул хIалтIухъанасда сверун цIех-рех унеб бугин абурал баянал руго. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьединал хIалтIухъабазда хурхун статистикиял баянал кьолел гьечIо.

Дагъистаналъул жанисел ишазул системаялда бугеб коррупциялъулги, гьезул лъавукълъиялъулги бициналухъ ва низам цIунулезул гIорхъолъа араб хьвада-чIвади къватIиб чIвазабиялъухъ ва гьеб какиялъухъ 2014 соналъ хъулухъалдаса вахъана полициялъул полковник СалихI ХIажиевас.

Гьес рикIкIунеб буго бищун цебе корруциялъ хвезабун, туризабун бугин Дагъистаналъул жанисел ишазул идарайилан. Гьелъул хIакъалъулъ бицине ва гьелде данде къеркьезе кколин абун гьес батIи-батIиял информалаталздасан гьес лъазабизе лъугьараб мехалда байбихьанила жиндие хIалтIуда квекIенал гьаризейилан бицана гьес.

30 соналъ жанисел ишазул системаялда хIалтIулев вукIарав гьесул, гьеб гъалмагъир къватIиб чIвазабизе лъугьинегIан, нухмалъиялъул рахъалъ цохIониги тIадкIалъай букIун гьечIо. Гьеддаса хадуб кIалгьикъун нахъе реххун вуго гьев, гьелда тIадеги жидеца мун араб бакI лъачIого тIагIинавулинги абун хIинкъалабиги кьолел рукIун руго министерлъиялъул нухмалъиялъ.

ТIадругез тIамулел ругила цойгидал хIалтIухъабиги ришват босизе, гьаб сагIат низам цIунулеб система коррупциялъул аслуялда гIуцIун бугин лъазабулеб буго гьес. Амма кигIан гьев батIи-батIиял идарабазде хъвадараниги, лъазабиял гьаруниги гьениб хисулеб жо гьечIин бицана полковникас «Эркенлъи» радиоялъе.

Гьединлъидал гьанже цIидасан живго Россиялъул президентасул администрациялдеги ун Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялде хасаб комиссия битIейилан тIалаб гьабулеб буго гьес.

СалихI ХIажиев: «Рес къотIиялъ тIамуна дун цIидасан Россиялъул президентасухъеги, гьединго Россиялъул жанисел ишазул министрасухъеги хъвадаризе, щай гурелъул гьеб коррупциялъул суал дагъистаналъул жанисел ишазул системаялда жаниб тIубан бажарулеб бакIалда гьечIо.

Гьаб кIиябго соналъ дун хъвадаричIеб бакI хутIичIо, амма дун хIалтIудаса вахъи гурони тIокIаб хIасил ккечIо. Жидеего бокьа-бокьараб гьабулел руго нижер министерлъиялъул нухмалъи. Гьениб жанибги гIемерисел суалал гIарцуца тIуралел рукIинги лъала. Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасдаги лъидасаго лъикI лъала гьеб.

Гьелдаго цадахъ жакъа полициялде хIалтIизе лъугьине ккани киназго гIарац кьезе ккола, гьебги дагьаб макъаб жоялъ тIубаларо. Чангияз налъи гьабун босула гьеб гIарац, хадуб гьеб тIадбуссинабизе ккеларищ гьез. Гьединлъидал щиб гьабунги щвара-щваразухъа батIи-батIиял багьанабиги ратун бахъула гьез гIарац.

ХIалтIуда дагьабниги цере тIезе кканиги гIарац къваригIунеб букIин бихьулеб буго гьезда, кколеб жо кьуни кинабго нухда унеб букIин лъалеб буго. Гьелъ дозда гIурхъалаби лъалел гьечIо, бокьа-бокьараб гьабизе лъугьунел руго. Гьезул психологияго хисизабун бугелъул коррупциялъги гьеб тIибитIизабулеб нухмалъиялъги.

Берцинго хIалтIун бажарулареб хIал лъугьинабун буго гьаб сагIат полициялда. Цере дир тIалабалда рекъон тIоритIун рукIарал халгьабиязги хIасил кьечIо, гьел цIакъ тIаса-масаго гьаруна. Гьединлъидал цIидасан хасал идарабазул хIалтIухъабаздасан ва жамгIиял хIаракатчагIаздасан гIуцIараб хасаб комиссиялъ халгьаби тIобитIейилан тIалаб гьабулеб буго дица».

Гьединго СалихI ХIажиевас лъазабулеб буго республикаялъул жанисел ишазул системаялда цIакъго гIемер чи хIалтIилев вугила. Дагъистан гIадаб гьитIинаб республикаялда гьанжегIадин 18-ги 19-ги азарго полициялъул хIалтIухъан къваригIунарилан.

Гьелги гьездаса ришват щвезелъун росулел ругила хIалтIуде, амма гьенире росулелъул гьезул лъаялъулги жидерго хIалтIи гьабун бажарулищалиги халго гьабулеб гьечIилан. Гьединлъидал гьединал лъавукъал, жидеца гьабулелъул жаваб кьоларел, гIадлуги къанунги цIунизе кколел гьез жидецаго гьеб хвезабулеб букIиналъ гIадамаз къадру-къимат гьабулеб гьечIила полициялъулазулин тIадежубана полковник СалихI ХIажиевас.

XS
SM
MD
LG