МагъчIваялъе рес

А. Изилов: «ТIалъиялъе дица гIарац кьезе къваригIун букIун батизеги бегьула»


АхIмад Изилов
АхIмад Изилов

Жиндица шагьаралъул нухмалъулесул бакIалъухъ гIарац кьезе къваригIун букIун батулин Дагъистаналъул тIалъиялъе, гьеб кьечIеб мехалда жив хъулухъалдасаги вахъанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ДагъОгни шагьаралъул администациялъул бетIерасул ишал тIуралев вукIарав Изилов АхIмадица. Гьев гьеб хъулухъалда тунги чанго моцI гурони букIун гьечIо. Республикаялъул бетIерасул пресс-хъулухъалъ гьеб ишалда хурхун кинаб букIаниги баян кьечIо.

Рузман къоялъ ДагъОгниялъул администрациялъул бетIер хисана. КIиго моцIица гьеб хъулухъалда вукIарав АхIмад Изиловги нахъе ун гьеб бакIалде вачIана шагьаралъул депутат Алахверди Халилов. Жинцаго гIарзаги хъван нахъе анин Изилов хIалтIудасайилан лъазабуна гьеб депутатазул гIуцIиялъул данделъиялда. Амма живго Изиловас гьеб баян гьересияб бугин лъазабулеб буго. «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьеб бицана жинда Дагъистаналъул тIалъиялъ лъазабунила мун нахъе айилан. Хас гьабун лъица гьеб абурабалиги баян гьабичIо гьес.

АхIмад Изилов: «Рузман къоялъ МахIачхъалаялдеги Дагъистаналъул бетIерасул администрациялдеги ахIун дида лъазабуна гьеб хIалтIудаса нахъе айилан. Щай дун гьениса ине кколевалиги дида рагьун абичIо. ЦохIо абуна гьеб сиясатияб хIукму бугилан. Дица гьикъана гьезда дир хIалтIудаса разигьечIолъищ нужер бугеб яги дица къанунищ хвезабулеб бугебилан, гьелъиеги жаваб щвечIо. Хасго дун гьеб хIалтIуде гьез жидецаго тIамун вукIана. Дица гьениве ине щибниги хIаракатги бахъулеб букIинчIо, ахIун тIалъиялдегун лъазабуна дида гьеб ДагъОгниялда гIемераб заманалъ гьелъул мэрлъун вугев ХIалим ХIалимов хисизе чи къваригIун вугила. Гьединлъидал цин администрациялъул бетIерлъуда телила мун хадуб мэралъуда тезе вугилан. Гьеб хъулухъалдаса нахъеги инавун гьеб хисун цойги кинаб букIаниги хIалтIиги кьечIо дие. Дун жеги Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат кколелъул, вукIарабго бакIалде гьениве салъицIуниялъул комитеталде яги цойги гьез витIараб бакIалде Халкъияб мажлисалдего ине вуго».

Мун гьеб хъулухъалдаса инавиялъе кинаб гIилла бугин кколебилан «Эркенлъи» радиоялъ цIехараб мехалда, Изиловас лъазабуна гьелъул мэр ХIалим ХIалиовасги гьесул гIагаравчилъун кколев Алахверди Халиловасги республикаялъул тIалъи рекъезабун бугилан. Жиндица гьеб хъулухъалъухъ ришват кьезе къваригIун букIун батизеги бегьулила тIалъиялъе, гьеб щолареблъи бичIчIараб мехалда жиндир бакIалда жидеего санагIалъи бугев чи тун ватилин гьезилан.

АхIмад Изилов: «Дица цIакъ кьваризабун, жигаралда байбихьана хIалтIи гьабизе. Гьев ХIалимовасда бихьана гьесул чагIаз гьаниб щуго соналда жаниб гьабичIеб хIалтIи дица кIиго моцIида жаниб гьабураблъи. Гьелъие нугIлъи бокьарав ДагъОгниялда гIумру гьабун бугев чиясги гьабула. Шагьаралъул бюджеталда гIарац гьечIониги дица дирго гьудулзаби ахIун, инвесторал ралагьун шагьаралда хIалтIи билълъинабулеб букIана. Дун хъулухъалде вачIараб мехалда дица, гьениб шагьаралъул администрациялда чанги санаца жидеего бокьа-бокьараб гьабулел рукIарал хIалтIухъабазда лъазабуна, дие гьеб гIорхъолъа араб, гIадлу гьечIеб ахIвал-хIал дандекколарин. Дунги хIалтIизе вугин дида цадахъ нужги хIалтIизе кколин, разигьечIел чагIи нахъе ине бегьулин. Гьезда бичIчIана гьезие цIогьодизе рес щвезехъин гьечIеблъи. ХIалимовасул къокъаялъул чагIаз гьенир тIубарал коррупциялъул схемаби гIуцIун рукIун руго. ЦохIо лъагIалида жаниб диванчияс 500 ракьул кесекалъе бетIергьанлъи чIезабулеб хIукму гьабун буго, цохIониги гьеб хIукмуялде данде гIарз хъварав чиги вахъун гьечIо. Гьез гьеб система гIуцIун букIун буго магъало кьечIого букIине, гьелъ шагьаралъул бюджеталъе чанги анцI-анцI , хIатта нус-нус миллион гъурщил зарал гьабун буго. Диргун къотIи-къай гьабун бажарулареблъи бичIчIараб мехалда ва гьезие гьел хIилла-рекIкIал гьаризе рес букIунареблъи бичIчIараб мехалда батIи-батIиял гIуцIабаздасан республикаялъул нухмалъиялде нухал рахъана гьез ва гьезулгун къотIи-къай гьабуна».

АхIмад Изиловас кьурал баяназда тIасан пикру цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна ДагъОгниялъул мэр ХIалим ХIалимовгун. Амма гьесул секретаралъ лъазабуна ХIалимов гьаб сагIат хIалтIуда гьечIила ва гьесулгун бухьен гьабизе ресги гьечIилан. Гьединго Изилов хIалтIудаса инабиялъе гIилла цIехезе Дагъистаналъул бетIерасул жанисеб сиясаталъул бутIаялъул нухмалъулев ГIумаров Пахрудинилгун бухьен гьабизеги хIал бихьана радиоялъ, амма гьевги кодове щвечIо. Республикаялъул бетIерасул пресс-хъулухъалъги лъазабуна жидеца гьеб Изиловас хъулухъ теялда тIасан кинаб букIаниг баян кьун бажаруларин.

Журналист Максим Шевченкоца рикIкIунеб буго Рамазан ГIабдулатIипов ритIухъав ва сиясатияб чороклъиялдаса рикIкIадав чи вугилан. Гьес ришватал росун тIамулин гIадамал хъулухъаздейин абурал баяналги гьев данде кколарез тIиритIизарулел кьучгьечIел харбал ругилан.

Максим Шевченко: «ГIабдулатIипов вуго Дагъистаналда бугеб тухумчилъиялда кинаб букIаниги хурхен гьечIев чи. Гьев вуго сиясатчи, дипломат, гIалимчи, поэт, амма коррупционер гуро гьев. Гьесде дандечIарал чагIи жеги гIезегIан руго Дагъистаналда. Гьезул чангиял туснахъ гьаруниги, тIад такъсиргьабиялъул ишалги рагьун хъулухъазаса рахъаниги, жеги гьезул къуват тIубан лъугIун гьечIо. Гьединлъидал ГIабдулатIиповасда сверун гIемер гьересихарбал тIиритIизарулел руго гьез, гьев квешаб рахъалъ вихьизавизе интернеталда тIубарал сайтал гIуцIун руго. Амма гьезул щибниги кIвар гьечIо. ГIабдулатIипов вуго Кремлялъ тарав чи, гьелъул сиясат билълъинабула гьес Дагъистаналда лъица щиб абуниги. Гьев сиясатчилъунги федералиял гIуцIабаздалъидал вахъарав».

Гьанибго абизе ккола Изилов хисун ДагъОгниялъул администрациялъул бетIерлъун тун вугев Алахверди Халиловасда тIад чанго соналъ цебе пачалихъияб буголъи бикъиялъухъ ва гIадамазул сахлъиялъе зарал гьабиялъухъа такъсиргьабиялъул ишалги рагьун рукIанилан. Гьес шагьар лъедалъун хьезабулеб ВодоКанал абулеб идараялъул нухмлалъуда гьев вугев мехалда ДагъОгниялда чорокаб лъеца 130 гIан чи унтизавун азарханаялде ккун рукIарал.

XS
SM
MD
LG