МагъчIваялъе рес

Лъималазул ахазул дефицит яги гIагсаб ирга


МахIачхъалаялда ясли-ахалде электроннияб иргаялда буго 35 азарго лъимер. ТIолалго гьел лъималазе къваригIуна ругезда тIаде жеги 70 лъималазул ах.

Гьединал баянал кьолел руго шагьаралъул лъайкьеялъул идараялъ. Лъимал ясли-ахалда лъезе ккани 50 азарго гъуруш ришват кьезе кколин бицунеб буго эбел-инсуца. Гьеб проблемаялда хурхун цIех-рех гьабуна нижер мухбир Абакаров Рамазаница.

Лъимал ясли-ахалда лъеялъул проблема букIиналъул гIемер бицунеб буго республикаялъул тIалъиялъ. Бищунго квешаб хIал буго МахIачхъалаялда. Шагьаралъул администрациялъул лъай кьеялъул идарялъул нухмалъулев Мансуров ТIагьирица кьурал баяназда рекъон, гьабсагIаталда бакI гьечIого яслиялде инчIого хутIарал лъималазул къадар бахъунеб буго тахшаралда 35 азаргоялде. Гьел киналго лъимал жанире рачине ккани къваригIуна бищунго дагьаб жеги 70 лъималазул идара рагьизе. Гьесулго рагIабазда рекъон, гьанже хIалтIулел ясли-ахалги цIун руго. ГIага-шагарго 12 азарго лъимералъе гIурал гурони бакIал гьечIо шагьаралда, амма яслиялде унел лъималазул къадар бахъун буго 17 азаргоялде. Щибаб яслиялда рукIине кколездаса цIикIкIун лъимал къабул гьарулел руго.

РакIалде щвезабилин, дагьалъ цебе Каспийск шагьаралда ккана ясли-ахалъул гордасан лъимер бортиялъул хIужа. Гьеб идараялъул нухмалъулелъ бицана «Новое дело» газеталъе, лъимал гIемерал рукIиналъ ва гьезда хадуб халкквезе гIураб къадаралъул хIалтIухъаби гьечIолъиялъ кканин гьединаб хIужа.

Яслиязда бакIазул дефицит бараб буго шагьаралъул халкъ гIемерлъулеб букIиналда ва тIаде гьарулел лъимал цIикIкIиналдаян рикIкIунеб буго шагьаралъул администрациялда. Лъималазул идарялде лъугьунезул ирга хвезабичIого, ракIбацIцIадго иналъул мурадалда яслиязда гIуцIун буго «Электроннияб ясли-ах» абураб программа. Гьелда рекъон, эбел-инсуда кIола интернеталда жаниреги раккун жидер лъимер чанабилеб иргаялда бугебали ва кида яслиялде кьезе кколебали. Гьеб системаялъ рес кьолеб буго ясли-ахазул нухмалъулез ришватги босун ирга хвезабунгутIизе, системаялда хадуб лъайкьеялъул министерлъиялъ хасаб хъаравуллъи чIезабун бугилан рикIкIунеб буго тахшагьаралъул администрациялда.

Амма эбел-инсуца гьеб системаялда гIайибал чIвалел руго ва кинабгIаги ришватчилъи гьелъ гьукъулеб гьечIилан абуна. МахIачхъалаялдаса Мурад МухIамадовас гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе.

Мурад МухIамадов: Лъимер яслиялде босеян дица гIарза кьун букIана кIиго батIияб яслиялде соналъ цебе. Цояб яслиялда дун вукIана иргаялда 40-абилев, цогидалда 80-абилев. Электроннияб ирга хIакъикъаталдаги лъикIаб жо буго, гьелда рокъорги рукIун интернеталдаса балагьизе бегьула дур лъимер яслялда ине ирга кида щолебали. Амма дир лъимер абуни, иргаялъ цебе унеб букIинчIо, нахъе гурони. ЛъагIалидаса дида цере рукIарал лъимал яслиялде ана, дир вас абуни яслиялде ахIулевго вукIинчIо. Нахъойги балагьараб мехалда дун тIоцебесеб яслиялда ватана II7-абилев, цогидаб яслиялда абуни, I47-абилев. Гьебги 40-абилеб иргаялда вукIараб яслиялда. ЛъагIалида жаниб дир ирга I00-ялъ нахъе ккун буго. Кин дида цебе ккараб нусго лъимер бичIчIулеб гьечIо. Дагьалъ цебе кIиабилеб лъимерги яслиялде босизе гIарзги кьуна дица. Гьанже гьеб лъимер чанабилеб бугеб иргаялдаяли балагьизе кIолеб гьечIо, система хIалтIулеб гьечIо. Гьединлъидал, гьеб кинабго буго гIадамал махсароде кколеб жо», - ян абуна Мурад МухIамадовас.

Бугищ ахIвал-хIал гьедин ва кинаб къагIидаялъ унеб буго яслиялде иргаяли «Эркенлъи» радиялъ цIехана МахIачхъалаялъул 33-абилеб, «Дюймовочка» абураб яслиялъул нухмалъулелда. Амма гьелъ инкар гьабуна журналистгун кIалъазе. Цоги «Чебурашка» абураб яслиялда кIалтIа вугев хъаравулас абуна яслиялъул нухмалъулей хIалтIуда гьечIин, гьей хисулейги метер ячIине йигин.

Дагьалъ цебе Дагъистаналъул буголъиялъул министерлъиялда бицана, МахIачхъалаялъул администрациялъулгун къотIи-къай гьабун бугин, къанунги хвезабун хасал чагIазухъе кьурал муниципалиял минаби нахъе пачалихъалъухъе кьезе. Ай, цере рукIарал ясли-ахал, мактабал ва гьел гурел цоги кIудиял минаби. Гьеб къагIидаялъ тIадруссинарурал минаби долго ясли-ахазухъе ва мактабазухъе кьезе ругилан бицана республикаялъул хIукуматалъул пресс-хъулухъалда.

XS
SM
MD
LG