МагъчIваялъе рес

Лъималазул ахалъул хIалтIухъаби диваналда цере чIезаризе бегьула


Гьал къоязда Каспийскалъул 29 лъималазул ахил кIиабилеб тIалаялдасан гордухъа гъоркье вортун вуго лъабго сон барав вас.

АскIосан унел гIадамаз ахIи бахъинабун хадуб гурони, гьеб лъимер вортараблъигицин лъан гьечIо лъималазул ахалъул хIалтIухъабазда. Гьаб сагIат гьев вас захIматаб хIалалда вугила, хIатта комалдагицин вукIанин гьев, гьединлъидал МахIачхъалаялъул азарханалдаса Москваялде вачун анин василан абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе.

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ такъсиргьабиялъул иш рагьун буго гьев гъоркье вортарав васасул тарбиячIужуялдаги, гьеб лъималазул ахил нухмалъулелдаги тIад. БукIине кколедухъ хIалтIухъабаз жидерго иш гьабичIолъиялъ, чиясе къварилъи ккеялда бан Россиялъул къануналъул 118 бутIаялда рекъон тамихIалде цIазе ругин гьел лъималазул ахил хIалтIухъаби, гьаб сагIат гьезда тIад гIайиб чIезабизе, гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех гьабулеб бугилан лъазабулеб буго республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ. Гьезда тIад, гьеб цебехун рехсараб къануналъул бутIаялда рекъон, гIайиб чIезабизе кIвани 7 соналде щвезегIан туснахъ гьаризецин бегьулел руго гьел.

ЦIех-рехчагIаз кьурал баяназда рекъон къад лъималги кьижизарун, лъималазул ахил нухмалъулелъ ахIун гьелъухъе ун йикIун йиго, гьев гордухъа гъоркье вортарав васасул тарбиячIужу. ХIухьбахъиялде арай гьелда цадахъ хIалтIулей тарбиячIужуялъул бакIалда цойги хIалтIухъанги йосун йикIун гьечIо, гьединлъидал жалго тIаса бербосун хутIун рукIун руго лъимал.

Гьев гъоркье вортарав васасул эбел-инсулгун бухьен гьабизе щолеб гьечIо журналистазе, гьаб сагIат жидеца кинаб букIаниги баян кьезе гьечIилан лъазабулеб буго гьез.

Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун гIемераб ахIи-хIур бахъана интернеталдаги. Масала, фейсбукалда гIадамаз хъвалеб букIана диванги гьабун, тIокIал киданиги гьединаб бакIалда хIалтIун бажарулареб хIал гьабизе кколила гьеб цебехун рехсараб лъималазул ахил хIалтIухъабийилан. Цойгидаз гIайиб чIвалеб букIана гьенире хIалтIизе хIалбихьиги, жавабчилъиги бугел чагIи росейила, ришваткьуралщинал со-церекъад цIалун рахъарал яги ричун дипломал росарал,къачIадиялъул гурони ургъел гьечIел ясал росичIогойилан.

Гьединго гIадамаз гIайиб гьабулеб бугоан лъималазул ахалъул нухмалъулелде гьелъ гордал кIал-кIал чIван рагьун течIого, гьел бащадал рагьун чIезабулел хасал механизмал лъечIогойилан. Гьеб щибаб механизмалъул багьа азарго гъурущ букIунила, щибаб горда гьеб лъун гIарац хвезабун щибизейила гьелъие, гьебги жиндиего тIокIгьабиларищин абун цойгидал руго хъвадарулел.

ПалхIасил, гьеб дагIба-къец ахир къадги сундуего гIайиб коррупцияги ришватги бугин абураб пикруялде рачIана. ГIадамазул пикруялда рекъон лъималазул ахил хIалтIухъабаз щиб багьана батунги ришват тIалаб гьабулеб буго лъималазул эбел-инсухъа. Ахикье росиялъухъ кьуралдаса бахъараб, лъималазул тIалаб гьабиялъухъ, гьезул партал хисаралъухъалде щвезегIан гIарац кьезе кколеб бугин абулеб буго гьез.

Дагъистаналда гьел лъималазул ахазда бугеб коррупциялъул суалал республикаялъулаб кIвар бугел ругин абизе бегьула. Гьелда хурхун чанго нухалъ Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабиялги гьарун рукIана, тIадкъаялги кьун рукIана жиндирго хIалтIухъабазе. Гьеб иш лъугIизабизе кколин республикаялдайилан абун чанцIулго лъазабуна ГIабдулатIиповас. Гьеб коррупциялъулаб система лъугIизабизе букIине лъималазул ахакь электроннияб иргаги хIалтIизе биччан букIана, амма гьеб киналъулго щибго хIасил ккечIин. Босулебго букIахъе ришватги босулеб бугила, лъай-хъваяздасанги гIарцул кумекалдалъунги гурони лъималги ахакьел росулел гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялдаса ГIалиева Заираца.

ГIалиева Заира: «Исана март моцIалда 40 азарго гъурущ кьуна дица, иргаялда дагьал церегIан ниж рачаралъухъ. Гьеб мехалда гIарац кьун хадуб июналъ йосилин абун букIана ахикье, ахирги сентябрялда гурони йосичIо. Нижее гьей ахикье йосизайи дагьаб учуз ккана гьелъул нухмалъулейги хIалтIухъабиги лъалел чагIи рукIиналъ. Амма дида лъала шагьаралда цо-цо лъималазул ахакье лъимал росаралъухъ 70 азарго гъурущгицин тIалаб гьабула. Гьелда тIадеги гьез гьоркьоса къотIичIого багьа-багьана батун жидеего жо-жо тIалаб гьабул эбел инсудасан. Масала, дир яс киналго документалги, гIарацги кьун гьение ячун хадуб, дида гьений хIалтIулей медсестраялъ абуна принтералъе хIажатаб кагътил пачкаги, черолеб порошокалъул кIудияб къвачIаги, конфетал яги лъабнусгу гъурущги босун ячIайила, гьедин гурони яс йосизе гьечIилан. Гьеб кинабгоги щвезабун хадубги ясалъул тарбиячIужуялъе азарго гъурущ, гьезие квен кьолей гьел кьижизарулей гIаданалъе 500 гъурущги кьуна. Хадуб щиб букIинебали лъаларо, яс гьение йосун моцI иналде гьебщинаб жо тIалаб гьабуна дидаса».

КIиго соналъ цебе МахIачхъалаялъул лъималазул-ахги 4 классалде щвезегIан школаги бугеб 7I прогимназиялда 4 сон барав васасде тIаде шкафги бортун букIана, ботIролъ гьебги щун чанго къоялдасан хвана гьев вас. Къадада щула гьарун рукIине кколел рукIарал гьел шкафал, гьединго тун рукIун руго гьеб прогимназиялъул хIалтIухъабаз. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхунги такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана, амма цониги гьеб идараялъул хIалтIухъан тамихIалде цIачIо ва хIалтIудаса вахъичIо. Щай гьеб иш рагIалде бахъинабичIебали цехI-рехалъул идарабаз баян гьабичIо «Эркенлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG