МагъчIваялъе рес

Лъималазул ахикь ралагьулел «рохьилал»


Лъималазул ахикь «хасаб операция»
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:54 0:00

Лъималазул ахикь «хасаб операция»

МахIачхъалаялда Некрасовасул къотIноб бугеб хIукуматалъул гуреб лъималазул ах полициялъ анкьица хIалтIизе биччалеб гьечIо. Низам цIунулез цин тIалаб гьабун буго гьенир хIалтIулелщиназул ва лъималазул умумузул баянал, гьезда гьоркьоса чIегIераб хIижаб ретIаралщинал хIалтIудаса нахъе реххейин ва гьединазул лъимал ахикье росугейин лъазабун буго. Гьедин абулеб буго лъималазул ахалъул нухмалъиялъ.

МахIачхъалаялда бугеб «Счастливый малыш» абураб хIукуматалъул гуреб лъималазул ах анкьица хIалтIизе толеб гьечIо полициялъул хIалтIухъабаз. НизамцIунулез лъазабулеб буго лъималазул ахил хIалтIухъабазул ва гьенире хьвадулел лъималазул улбузул экстремизмалде хурхен бугищали балагьизе кколилан.

Лъималазул ахалъул нухмалъулей Султанбегова Софияца бицухъе 30 октябралда ахикье рачIун руго МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул хIалтIухъаби. Гьез цин абун буго жидехъе баянал щун ругин нужер лъималазул ах рукIине кколел документалги гьечIого хIалтIулеб бугилан. Киналго хIажаталщинал документалги, кагъталги рукIин жиндица бихьизабураб мехалда гьел лъугьанила жидеда лъазабунила нужер лъималазул ахикь чIегIераб хIижаб ретIарал руччаби ругилан. Гьединлъидал гьезул экстремизмалде хурхен бугищали балагьизе кколин, гьеб халгьаби тIобитIиялъе лъималазул ахикь хIалтIулелщиназул ва гьенире хьвадулел лъималазул умумузул баянал кьезе кколин Султанбеговалъ низамцIунулезухъейилан абун буго гьез.

София Султанбегова: «Дица абуна гьезда лъималазул ахикь батIи-батIиял чагIи хIалтIулин, ругин хIижаб ретIаралги, кIазал чIваралги, гьебгицин чIвачIелги. Дица чиясул ретIел-куналъухъ балагьун росуларила гIадамал хIалтIизе, гьел киналго балугълъиялде рахарал чагIи ругила бокьахъин хьвадизе рес бугин гьезулилан абуна. Гьеб мехалдаги лъугьана гьел цIидасан чIегIераб хIижаб ретIарал чагIазул бицине дие. Гьеб ишалъул цIех-рех гьабизе Советский мухъалъул полициялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIумаров Шакирихъе ана дунги дир росги. Гьес лъазабуна жидехъе тIасанцей буюри бачIун бугила нужер лъималазул ахил халагьабейилан, гьенир экстремизмалъулгун хурхен бугел гIадамал рукIиналда щаклъи бугила жидерилан. Гьединлъидал гьезул щивасда хурхун цIех-рех гьабун хадуб гурони гьеб хIалтIизе тезе гьечIилан. Гьелъун кьалда йикIине бокьичIого дица киналго лъималазул умумузулги, хIалтIухъабазулги баянал кьуна полициялъухъе. Гьелдаса хадубги хIалтIизе риччачIо гьез ниж, цIидасан Шакир ГIумаровасухъе араб мехалда, гьес тIалаб гьабуна киналниги хIижаб ретIанщинал хIалтIухъабиги нахъе реххейила ва гьеб ретIаразул лъималги ахикье риччагейилан».

Гьеб магIна гьечIеб тIалаб бугин, жий жийгоги хIижабги ретIун хьвадулин, гьанже жийгогийищилаха хIалтIудаса ине кколейин абун разигьечIолъи загьир гьабун буго Султанбегова Софияца. Гьедин Шакир ГIумаровгун гIемер къацанданила жий, гьеб мехалда гьес абунила жидеца цIидасан гьел киналго баяназул халги гьабилин, гьелдаса хадуб 5 ноябралъ нуж цIидасан хIалтIизе байбихьизе бегьулилан. Гьебго сордоялъ Софияца киналго лъималазул умумузде ахIун буго 5 къоялъ ах хIалтIизе бугин, лъималги рачун рачIайилан. Амма гьеб къоялъги лъималазул ахалъул кIалтIу цIунун ратун руго полициялъул хIалтIухъаби. Гьез лъазабун буго ах къан бугин, щай къарабалиги жидеда лъаларин, жидее кьураб буюри тIубазабулел чагIи ругин жалилан. Гьеб къоялъ радал лъималги рачун рачIарал улбузухъа гьезул хIакъалъулъ баяналги тIалаб гьабун, гьеб бакIалдаго цIех-рехал гьаризе лъугьун руго полициялъулал. Гьеб киналъего гIоло низамцIунулездаги, лъималазул ахил хIалтIухъабаздаги, умумуздаги гьоркьоб кьал ккун буго. Гьеб мехалдаги цIидасан Советский мухъалъул полициялдеги ун гьениб ахIи-хIур бахъинабун буго Султанбегова Софияца. Нужее тIокIабги щибин жиндидасан къваригIун бугеб, нужеца тIалаб гьабунщинал баяналги кьунила жиндица , жал берцинго хIалтIизе тейин абун гьей лъугьараб мехалда Шакир ГIумаровас цIидасан абун буго 6 ноябралъ лъималазул ах хIалтIизе лъугьине бегьулилан.

Амма 6 ноябралъ радал жий хIалтIуде щвараб мехалда гьенир Советский мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазде тIаде Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул терроризмалде данде къеркьолеб централъул хIалтIухъабаги ратанилан бицана Софияца «Эркенлъи» радиоялъе.

София Султанбекова: «Жакъа радал экстремизмалде дандечIараб централъул анцIгогIан хIалтIухъанги, советский мухъалъул полициялъул 30ниги хIалтIухъанги рачIун рукIана жакъаги. Гьеб централъул хIалтIухъабазда гьоркьов ватана дир росасда лъалев чи. Щибизейин гьанжеги рачIарал гьанирейилан абураб мехалда, гьес абуна жидехъе баянал щун ругин лъималазул ах рукIине кколел документалги гьечIого хIалтIулеб бугин абураб. Гьеб киналдаго ццин бахъарай дун журналистазде кIалъазе лъугьана, дица гьел ахIизе лъугьараб мехалда, советский мухъалъул полициялъул цо хIалтIухъан вачIан гьев экстремизмалде данде къеркьолеб централъул вакиласда аскIове. Гьес абуна нижер лъималазул ахалъул киналго документал ругила. Гьедин абун хадуб ЦПЭялъулав лъугьана, жиндихъ гьединал баянал рукIинчIин абун. Гьелдаса хадуб нахъе ана гьел».

Софияца абулеб буго жиндица гьеб иш гьедин тезе гьечIила. Гьел полициялъулазе гIоло 40 лъимер букIанаб жиндир ахикь I5 гурони хутIун гьечIила, жиндир нерваби хвезари гурони, гIемераб гIарцулаб камиги ккезабунила гьез. Гьел низамцIунулезда тIасан жиндица прокуратураялде гIарза хъвазе бугин гьаб гIагараб заманалдайин лъазабулеб буго гьелъ.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьеб лъималазул ахикь ккаралда хурхун киналгIаги баянал кьолел гьечIо. Гьеб министрелъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГIубайдатова Фатинаца «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна гьениб лъугьа-бахъаралда сверун цIех-рех унеб бугила, гьеб лъугIун хадуб гурони кинабгIаги баян кьун бажаруларилан.

XS
SM
MD
LG