МагъчIваялъе рес

Полициялъулазги ришват босулеб бугони, коррупциялде данде щалха чIезе кколел?


Ришват тIалаб гьабиялда хурхун, гьал къоязда, тIад диван гьабизе буго ЦIунтIа мухъалда хIалтIулев цIех-рехчиясда. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабухъе низам цIунулес, такъсирчиясухъа ришват тIалаб гьабулеб букIун буго гьес гьабураб такъсир бигьаялде сверизабуралъухъ. Къуваталъул идарабазул баяналда рекъон исана соналда жаниб ришват тIалаб гьабиялъухъ хIалтIудаса нахъе рехун вуго 10 гIан полициялъул хIалтIухъан, гъоркьисала гьезул къадар 15 чиясде бахун букIун буго.

ЦIунтIа мухъалда хIалтIулев цIех-рехчияс ришваталъе 700 азарго гъурущ тIалаб гьабиялда щаклъи букIун такъсиргьабиябиялъул иш рагьун букIана кIиго моцIалъ цебе. Гьал къоязда гьев цIех-рехчи диваналда цеве чIезе вугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ. Гьезул баяназда рекъон цIех-рехчиясухъ букIун буго ЦIунтIа мухъалъул ХIупри росулъ школа базе кьураб гIарац хIилла-рекIкIги гьабун, гьеб базе тIаде босарав чияс бикъиялда бан рагьараб такъсиргьабиялъул иш.

Гьеб такъсир дагьаб бигьаялде сверизабуралъухъ тIалаб гьабулеб букIун буго гьес ришват. Гьев бизнесчияс жиндидаса ришват тIалаб гьабулеб бугин абун Федералияб ХIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялде гIарза хъван буго. Гьеб хасаб идараялъул хIалтIухъабаз цIех-рехчиясул рокъоб бизнесчияс гьесухъе гIарац кьолеб мехалда тIадккун вуго гьев. ЦIех-рехалъул идараялъул лъазабиялда рекъон, диваналъул хIукмуялдаса хадуб, ЦIунтIа мухъалда хIалтIулев вукIарав гьезул гьев вакил хъулухъалдаса нахъе вахъизе вуго.

Гьединго гьал гIагарал къоязда диваналде кьун буго МахIачхъалаялъул нухазул полициялъул хIалтIухъанас ришват тIалаб гьабулеб букIиналда бан рагьун букIараб такъсиргьабиялъул ишги. ЦIех-рехалъул баяназда рекъон полициялъулас халгьабизе чIезабураб автомобиль бачунесухъ гьеб бачине рес кьолел документал ратун гьечIо.

Гьелги гьечIого автомобиль бачунеб букIиналъухъ административияб иш тIад гьабичIого букIине щуаразго гъурущ кьейин чIун вуго полициялъулав. Автомобиль бачунев вукIарас гIарза хъан буго хасал идарабазухъе, гьез ришват босулеб бакIалда тIад ккун вуго полициялъулав.

Дагъистаналъул прокуратураялъ дагьал цебегIан халгьаби байбихьун буго Хьаргаби мухъалъул полициялъул бетIерхисулев МухIамад ГIумарсултановас бизнесчагIазухъа ришват тIалаб гьабулеб букIанин абун «Черновик» газеталъ хъварал баяназда хурхун. Газеталда хъвавухъе бизнесчи МухIамад Цихиловасухъе 2012 соналда балахьунисезул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул рахъалдасайиланги абун, щуго миллион гъурущ тIалаб гьабун флеш-карта бачIун буго.

ГIарац кьечIони дур хъизан чIвазе бугин абун хIинкъалабиги кьолел рукIун руго гьел чагIаз. Цихиловас гьезие гIарацги кьун гьечIо, гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб лъагIалидасан гьесул рукъалда цебе граната кьвагьун буго, хадуб цо дагьаб заманалдасан кIудияб кьвагьулеб алатги лъун батун буго минаялда цебе. Полициялъ гьабураб цIех-рехалъул хIасил кколеб гьечIолъи бихьун, бизнесчияс ФСБялде гIарза хъван буго.

Гьез чIезабун буго Цихилов МухIамадихъе гIарац тIалаб гьабун ва хIинкъалаби кьун смс-ал ритIун рукIани ва кIалъаял гьарун ругин Хьаргаби мухъалъул полициялъул бетIерхисулев МухIамад ГIумарсултановасул телефоналдасанилан. Цихиловги ГIумарсултановги кIиялго кколел руго Хьаргаби мухъалъул МагIли росулъа. Гьебго росулъа цойги бизнесчагIазухъаги гьев цевехун рехсарав полициялъулас гIарац тIалаб гьабулеб букIиналъул хIужаби ругинги хъвалеб буго «Черновикалъ».

Исана соналда жаниб чан низам цIунелесда тIад ришват тIалаб гьабиялъухъ такъсирияб иш гьабун бугебали мухIканго лъазабизе кIвечIо «Эркенлъи» радиоялда. ЦIех-рехалъул идарабахъа нижехъе щаварал баяназда рекъон 2015 соналда гIага-шагарго 10 гIан низам цIунев тамихIалде цIцIан вуго гьеб такъсиралъе гIоло, дагьабги цIикIкIунцин батизе бегьулин гьезул къадарилан абулеб буго гьез.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул гIайиб ккарал низам цIунулезе тамихI гьабулеб полициялъул бутIаялъул нухмалъулев Хизриев МухIамадица журналистазулгун букIараб дандчIваялда лъазабуна жидеца къуваталъул идарабазу кьеразулъ гIадлу букIинабиялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб бугилан. Жидехъе бачIараб цониги гIарзалъул хал гьабичIого толарила, низам цIунулезда жидеца бокьараб гьабизе бегьулин ккун букIиналъ хвезабун бугила кинабгойилан.

МухIамад Хизриев: «Диваналъ гIайиб гьечIин абун нижеца тIад такъсиргьабиялъул иш рагьарав цониги полициялъулав виччачIо. Киналго гьел ишазул цIех-рех рагIалдеги бахъинабуна, гIайибги чIезабуна, тамихIги къотIана. Нижееги къваригIун рукIунаро такъасирчагIи-низам цIунулел. Гьединазде данде къеркьеялъе хIалтIи гьабулеб хасаб бутIагицин буго гIуцIун. ЦохIо гъоркьисала такъсиргьабурав 15 полициялъул хIалтIухъанасда тIад диван гьабуна, жеги 60 гIан ишалъул цIех-рехги гьабулеб буго.

КигIан дие бокьичIониги абизе кколеб буго жакъа Дагъистаналда жеги гIезегIан руго къанун хвезабулел къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. ЦохIо ришват тIалаб гьабун хутIуларо, гьез гIахьаллъи гьабулеб буго наркотикал рича-хисиялъул бизнесалъулъ, хIаязул бизнесалъулъ».

Гьединго Хизриевас лъазабуна гIемерисел низам цIунулез гьарурал такъсирал тIатинчIого хутIулел ругила гIадамаз гьезул хIакъалъулъ лъазабунгутIиялъ. Халкъалъул божилъи хун бугила къуваталъул идарабаздайилан абуна гьес. Гьелдаса пайда босун, гIадамал хIинкъизарун жидеего бокьа-бокьараб гьабулел ругила гьел такъсириял кьерулъ ругел низам цIунулелгийилан лъазабуна Хизриевас.

XS
SM
MD
LG