МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда ришват 6 млн гъурщиде бахана


Коррупциялде данде кIудияб протесталъул акция тIобитIана гIадамаз МахIачхъалаялда 2011 соналда. Аммаила, абулеб буго гьез, ришватчилъи соналдаса соналде эхеде бахунеб бугин гьениб.
Коррупциялде данде кIудияб протесталъул акция тIобитIана гIадамаз МахIачхъалаялда 2011 соналда. Аммаила, абулеб буго гьез, ришватчилъи соналдаса соналде эхеде бахунеб бугин гьениб.

1 июлалда МахIачхъалаялда тIобитIана ришватчилъиялда дандечIараб форум. Къанун цIунулел идарабазул вакилзабаз ришватчагIи тIатинариялъе хIалтIи гьабулеб букIаниги, гьездехун жеги чIванкъотIун божилъи гьечIин дагъистаниязулин абуна форумалда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Юстициялъул министр Арсен ХIасановас рехсана ришватчилъиялда бан хъулухъаздаса рахъарал яги жидее тамихI гьабурал хIакимзаби – бакIал раялъулгун, архитектураялъул, рукIа-рахъиналъул ва коммуналияб магIишаталъул министр, диниял ишазул рахъалъ хIукуматалда цебе гIуцIараб комитеталъул нухмалъулев, хIукуматалъул вице-премьер, Табасаран мухъалъул администрациялдаса щуго хIакимчи.

Ришватчилъиялъе нух къазе бегьулин зама-заманалдасан хъулухъчагIи цояб хъулухъалдаса цогидаб хъулухъалде рачиналъгийин абуна юстициялъул министрас. Амма республикаялда гьеб жо гьабун бажарулеб гьечIила. Цоцаз цоцалги ккун, иш цебехун ине толеб гьечIила. Балъго гьабулеб бугила пачалихъалъул хъулухъазе гIоло къайи боси, ижараялъе ракьал кьей.

Арсен ХIасанов: «АнцIгониги хIужа буго ижараялъе ракьал кьолаго аукцион тIобитIичIеб. Гьелдалъун республикаялъул бюджеталъе 50 азарго гъурщил зарал ккун буго. ХIалтIизабизеян ижараялъе кьураб ракьуда тIад ран руго минабиги коммерциялъул объекталги».

Ришватал росиялда бан диванчагIигицин анила хъулухъаздаса. Ришватал росиларедухъ пачалихъалъ гьезие гIезегIан лъикIал харжалги шартIалги чIезарун рукIаниги.

Гьебго гIиллаялда бан хъулухъалдаса вахъанила бухьеналъул министр. ХIукуматалъул бетIерасда тIадкъан бугила росдал магIишаталъул министерлъиялъул хIалтIухъабазул 80 процент хъулухъаздаса эркен гьаризе. Пачалихъалъул буголъиялъул министерлъиялда цебе гIуцIараб ихтияразулаб БутIаялдаса хIалтIухъабиги гьединго министр хисулел чагIиги тIуран нахъе ритIеянги лъазабун буго республикаялъул бетIерас.

ХIалтIухъабазе кьезе кколел харжал жидеего тIокI гьарун ратун, бихьиз къадаралда унтаразе дараби кьечIого ратун, азарханабазул бетIерав 22 тохтурги вахъун вуго хъулухъаздаса.

Бищун гIемер ришватчилъи бугел мухъазда хIалуцунеб бугин кьвагьа-гIанхъиги терроргийин бицун букIана гьеб данделъиялда. Масала, гIодобиччараб ахIвал-хIал букIарал Сулейман СтIал, Дербент мухъазда гIемерлъун руго гьединал хIужаби.

Щайин абуни тIубарал соназ хIакимзаби рукIанила пачалихъалъул гIарац жидедаго гьоркьоб бикьа-къотIулел. Гьедин цо-цо мехалда муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул лъималгицин рехсолел руго терроралъул хIужабазда гъорлъ. Масала, Табасаран мухъалъул нухмалъулесул васас гьабуралъул гьадин бицана жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас.

ГIабдурашид МухIамадов: «Гьеб мухъалъул нухмалъулесул васас жидерго доба полициялда цебе кьвагьизабун машинагун, сверухъ бугеб мина-карталъе ва цогидалъе зарал гьаби гуребги, гIадамал камиялдеги рачана».

ХIукуматалъ букIине кколеб куцалда халкколеб гьечIин ришватчилъиялда хадубин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «ЦIакъ гIемер гIарац буго гьоркьоб унеб. Гьанжеялдаса хадубги иш гьединго бичча-бихъан тани, кIиго-лъабго соналъ цебе букIараб гIадаб ахIвал-хIал хутIизе буго республикаялда. Пачалихъалъул гIарац бикьа-къотIизе къваригIиналъ граждан рагъ ккезе дагьалъ хутIун букIана гьаниб.

Риххизе къачIарал минабахъа гIадамал гочинариялъул программа щай хадуббехъерхъун хутIун бугебин гьикъана дица хIукуматалъул нухмалъулев ХIамидовасда. Гьес жаваб кьуна хIакимзабазул щивасе къваригIун бугин гьеб бакIалдаса жиндие щиб давла щолебали лъазе. Октябралде щвезегIан чIун ругин лъие кигIан щолебали лъазе».

Хадуб жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас абуна исана росулел-кьолел ришватазул роцен бахун бугин. Долларги хиралъун бугелъулинхаян махсара гьабуна гьеб мехалда залалда гIодов чIарав цояс. Масала, 3 млн - 6 млн гъурущ кколеб буго гьеб. Аслияб куцалда ришватал кьолел руго ракьал хIалтIизаризе рес щваралъухъ.

Министр рагIабазда рекъон, полициялъ тIатинавун вуго 49 соналъе ракьул цо гектар ижараялъе кьуралъухъ пуланав чиясухъа 6 млн гъурущ босулев ватарав хIакимчи. Гьединан гIарац гьабизе рес букIиналъ рагъулел ругин рищиязда муниципалиял гIуцIабазул нухмалъиялде ккезе къваригIарал чагIиян абуна министрас ГIабдурашид МухIамадовас.

Дагьа-макъабго роцIцIинабизе кIун буго Цогояб Пачалихъияб экзамен кьеялъул ишги. Ришват кьун гьеб экзамен бичун босизе кIолилан Дагъистаналде цIализе ритIун рачIунаан Россиялдасагицин цIалдохъаби. ЕГЭ-туризм абун цIаргицин щвана гьеб ишалъе.

Гьанже жидеца жидерго гIагарал лъималазегицин кумек гьабуларилан бичIчIизабизелъун, Рамазан ГIабдулатIиповас хъизаналъул балъголъиги къватIибе рехана. Масала, исана гьеб экзаменалъе «кIийилал» ккун руго Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулесул вацасул ясалъеги, республикаялъул бетIерасул вацасул васасул васасеги.

XS
SM
MD
LG