МагъчIваялъе рес

Коммуналиял хъулухъал ва "хъамураб" гIарац


МахIачхъалаялъул коммуналиял хъулухъазул идараялда тIад прокуратураялъ рагьун буго такъсир гьабиялъул иш.

МахIачхъалаялъул коммуналиял хъулухъазул идараялда тIад прокуратураялъ рагьун буго такъсир гьабиялъул иш. Гьелда гIунтIизабулеб буго 11 миллионалдаса цIикIкIараб гIарац кколареб бакIалде харж гьабиялъул гIайиб. Сундуеха гьез гьеб харж гьабун батараб?

11 январалда МахIачхъалаялъул прокуратураялъ лъазабуна шагьаралъул коммуналиялгун рукъалъулал хъулухъазул нухмалъиялъ бюджеталъулаб гIарац рихьизарурал гурел, цогидал мурадазда харз гьабун букIиналда щакли бугилан. ГIаммаб куцалда 11, 5 гъурущ гIарцул цогидал мурадазда харж гьабун буго гьеб нухмалъиялъ. МахIачхъалаялъул прокуратураялъул пресс-секретарь Татьяна Голубевалъ баян гьабухъе, 2004 соналда шагьаралъул Коммуналиялгун рукъалъулал хъулухъазул нухмалъиялде биччан буго 70 миллион гъурщидаса цIикIкIун гIарац, МахIачхъала шагьаралъ тахшагьаралъул борчал тIуразе бихьизабураб программа гIумруялде бахъинабулаго ккарал налъаби рецIиялъул мурадалда, амма гьеб гIарцуда гьоркьоса 11, 5 гъурущ цогидал мурдазе харж гьабун батун буго прокурорасулаб халгьаби тIобитIулаго. Документазда рекъон, гьеб гIарац биччан бугин нухал къачIазейин баян гьабуна «Эркенлъи» радоялъе прокуратураялъул вакилалъ.

Голубева Татьяна: «Документазда рекъон, лъабго миллион гъурщидаса цIикIкIун гIарац харж гьабун буго Амет-Хан Султанил цIаралда бугеб къватIалда нухал къачIазе, ункъо миллионалда цIикIкIун Ак-гель хIорихъе нух къачIазе, кIиго миллион гъурущ «Белый медведь» абураб сахлъи щула гьабиялъул централде нух гьабиялъе, хутIараб гIарац цогидал мурадазеги. Гьеб ккола бихьизабурал гурел, цогидал мурадазда гIарац харж гьаби. Гьединлъидал, гьеб тIатинабидал, прокуратураялъ гьел документал такъсиралъул иш рагьизе ЦIех-рехалъул комитеталде кьуна».

Бихьизабураб заманалда, 2014 соналда, тахшагьаралъул Коммуналиялгун рукъалъул хъулухъазул нухмалъиялъул бетIерлъуда вукIана ХIасанов МухIамадсаид, гьабсагIаталда гьеб бакIалде тIамун вуго ГIабдуразакъов ХIажимурад. Гьеб ишалда хурхун баянал кьезе инкар гьабуна тахшагьаралъул администрациялда ва живго ГIабдуразакъов ХIажимурадицаги.

Гьанибго абизе ккола , 8 январалде рищниялдаса бацIцIад гьабизе кколеб букIараб шагьар жегиги бацIцIад гьабун гьечIолъиялда бан, Роспотребнадзоралъ диваналде гIарза кьун буго, шагьаралда санитариял шартIал хвезарун рукIиналда бан. Гьедин, цIараб заманалда жаниб шагьаралхъул щибаб мухъалъул нухмалъулесе бихьизабун буго жидер мухъал рищнияддаса эркен гьаризе. Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб нухмалъиялъ лъазабухъе, 2015 соналда ,гIадамазул рахъ ккун, шагьаралда санитариял шартIал чIезарулел гьечIолъиялда бан рагьун буго кинабнгиги 228 административияб иш, гIакIа бахъун щун буго 7 миллион гъуруш гIарац.

XS
SM
MD
LG