МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул прокуратураялъ министрасда хъулухъ тезабизехъин буго


Гьал къоязда республикаялъул прокуратуралъ Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасдаса тIалаб гьабуна бакIал раялъул ва рукIа-рахъиналъул хъулухъазул министр Ибрагьим Гъазибегов хIалтIудаса вахъейилан.

Министрас жинде гьабураб божилъи ритIухъ гьабичIолъияхъ вахъейин гьев хъулухъалдасайилан тIалаб гьабулеб буго прокуратураялъ. Божилъи ритIухъ гьабичIолъилъун гьез рикIкIунеб буго, Гъазибеговас, гьев министрасул хъулухъалде тIамулеб мехалда, жиндирго бакIалраялъул компаниял рукIин бахчи.

Россиялъул къануналда рекъон пачалихъияб хъулухъалда вугев чиясул ихтияр гьечIила живго бетIергьанаб бизнес букIинейилан лъазабулеб буго прокуратураялъ. Жеги прокуратураялъ Дагъистаналда гьединаб гIиллаги батун тIадегIанаб хъулухъалда вугев чи прокуратураялъ хIалтIудаса вахъун вукIинчIин лъазабулеб буго республикаялъул журналистаз.

Гъазибеговасда хурхун прокуратуралъ гьеб иш рагьиялъе унголъунги кинаб гIилла бугебали жиндида жеги ракIчIун абун бажаруларила, гьесул гурониги Дагъистаналда ругел министразулги цойгидал хъулухъчагIазулги гIемерисезул бугила бизнес, чангиязул гьеб республика тун къватIибехунцин бугин абуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Маирбег Агъаевас.

Гьес абулеб буго бетIерги хIалтIулев, бажариги бугев бизнесчи хIисабалда лъалаанила киназдаго гьев Ибрагьим Гъазибегов, гьединго киданиги тухумчилъиялдехун хурхен гьечIев чиги вугин абизе бегьулила гьев. Цого-цо Гъазибековасде тIадецуй гьабизе байбихьиялъе гIилла, дагьав цевегIан Халкъияб Мажлисалъул депутатлъун гьесул вас вачIиналда хурхинабулеб буго гьеб иш журналист Маирбег Агъаевас.

Маирбег Агъаев: «Гъазибековасул вас Халкъияб мажлисалъул депутатлъиялдаса вахъизе букIине, гьев депутатлъиялдаса инкар гьабизе тIамизе гьабулеб иш батизе бегьула гьеб. Киназдаго рагIана гьев бакIал раялъул министрасул васги Гъизилюрталъул бетIер МухIамад Уцумиевасул васги дагьал церегIан халкъияб мажлисалъул депутаталлъун рахъиналда Рамазан ГIабдулатIиповас дагIба балеб букIараб куц.

Гьебго Дагъистаналъул прокуратураялъ, Гъизилюрт мухъалъул бетIер МухIамад Шабановги, министрлъун хIалтIулев вугев Гъазибековги гьел пачалихъияб нухмалъулеб хъулухъалда ругел чагIи ругин, къануналда рекъон депутаталлъун рукIине бегьуларинги абун тIалаб гьабун букIана гьездаса депутатлъиялдаса инкар гьабизе. Гьез депутатлъиялдаса инкар гьабун хадуб гьезул бакIалда гьел рихьизарун рукIарал партияз цойги кандидатал рихьизарула. Гьедин Шабановасул бакIалда Уцумиевги Ибрагьим Гъазибековасул бакIалда гьесул васги лъугьана депутаталлъун.

Амма ГIабдулатIиповас ахирисеб халкъияб мажлисалъул сессиялда лъазабуна гьедин инсухъа васасухъе кьолеб жо букIунарила депутатлъийилан. Жиндирги васалги ругила жиндица гьел кирениги церетункулел гьечIилан абун. Амма гьедин республикаялъул бетIераса лъазабуниги Уцумиев Пазлудинги Гъазибеков Асланги депутаталлъун рахъана.

Гьел депутаталлъун рахъиналъулъ къанун хвезаби гьечIелъул. Гьанже республикаялъул бетIерасе данде ккезабизе букIине, Халкъияб мажлисалъул нухмалъиялъ Гъазибековасда абун бугила дуцаго депутатлъиялдаса инкар гьабейилан, гьабиларин абун гьев дандечIеялъ багъаризабун бугин гьесул инсуде данде ишилан абурал баянал ругоха».

Итар-ТАСС агетлъиялъул Дагъистаналда йигей журналист Наталья Шкандыба «Черновикалъул» редакторасул пикруялда рази гьечIо. Гьелъ абулеб буго Ибрагьим Гъазибековасда жиндидаго гIайиб бугилан.

Наталья Шкандыба: «Нилъер цойгидал министразул цохIонигиязул бизнес жидедаго тIад букIунаро. Киназдаго лъала гьел бизнес гьечIого рукIунареблъи, амма хъвай-хъвагIай гIагарлъиялда тIад гьабун букIуна гIемерисезул. Бухьеналъул министрлъун вукIарав Сефер ГIалиевасул техника бичулел гIемер тукаби рукIин ва «Ас» фирма гьесул букIин киназдаго лъала, амма гьесги хъвай-хъвайгIай жиндирго васасда тIад гьабун букIана.

Гьев Ибрагьиб Гъазибеков прокуратураялъ тIалаб гьабиялъулъ сиясат бугин кколаро дида. Гьесул жиндаго тIад букIана бизнесги, фирма гIуцIарав чилъунги гьес живго вихьизавун вукIана. Гьединлъидал гьеб гьесул гъалатI буго. Цо иш буго гьев чи депутат вугони, депутатазе гьукъун гьечIо бизнес букIине, министрлъун вахъараб мехалда гьеб бизнес букIине бегьулареблъи гьесда жиндаго лъазе кколаан».

Исана июль моцIалда Дагъистаналъул бакIал раялъул ва коммуналиял хъулухъазул министрлъун вукIарав Муса Мусаев МахIачхъалаялъул мэрасул ишалтIуралевлъун тун хадуб, гьесул бакIалде тIамун вукIана Ибрагьим Гъазибеков. Гьев ккола Рутул мухъалдаса чи. Министрлъун ун депутатлъиялдаса инкар гьабизегIан гьев Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутатлъун вукIана кIиго болжаз.

XS
SM
MD
LG