МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул гарацI


Гъоркь рузман къоялъ Буйнакскалда ветераназул партиялъул депутатазулгун дандчIваялде рачIараздаги низам цIунулездаги ккараб тунка-гIусиялъул гIахьалчагIи иргадал полициялъул бутIаялде ахIулел ругила, гьезде тIадецуй гьабулеб бугин лъазабулеб буго, гьеб цебехун рехсараб партиялъул вакилзабаз.

«Эркенлъи» радиоялъ цебехун бицун букIана 16 октябралда Буйнакскалъул шагьаралъул мажлисалъул Россиялъул ветераназул партиялъул рахъаласан ругел депутатазулги шагьаралъул жамагIаталъулги дандчIвай тIобитIизе кколаан Буйнакскалъул администрациялъул минаялъуб.

Амма низам цIунулез риччачIо гьенире я гIадатиял гIадамал я депутатал. Гьеб мехалда шагьаралъул аслияб майданалда гьеб дандчIвай тIобитIизе депутатал лъугьараб мехалда полициялъ нужеца къануналде данде кколаредухъ митинг гьабулеб бугинги абун рухулаго нахъе рачахъана гьениса гIадамал.

Гьедин гьел къуваталъул идарабаз рухаразул жеги-жеги азарханаялдаго вуго гьеб гъалмагъиралда гьоркьове ккарав 65 сон барав ХIажи МухIамадов. Полициялъулаз кьабарал резнал тIилал щун руго гьесдаги. Гьев гурони азарханаялда вегизавурав чи гьечIила, амма полициялъулаз рухаразул къадар анцIгогIан чиясде бахунеб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ветераназул партиялъул вакил Марат Жанхаевас.

Марат Жанхаев: «Депутатазул анкьго чи вухун вуго полициялъ, цо херав чи гьаб сагIат жеги азарханаялда вегун вуго. Гьесул кверзул лъабго килищги бекун буго, ракIел унтиги бачIун букIун буго гьесде. Чанго нухалъ резнал тIилги кьабун полициялъулаз гьев тункун речIчIизавураб куц видеоялдецин бахъун буго. Гьев гурониги цойги кIиго гIолохъанчиги вуго низамцIунулездасан кьаби щварал. Депутатазул цоясул ботIролъ жо щун буго, цо-цоязул къаркъала хъахIиллъун буго тIилал кьабиялъ, цойдасул бохдуда электрошокер речIчIизабиялъ вилълъине кIолареб хIал букIана.

Жидеца щибго гьабичIин рахъунелъул кидаго полиция, ниж гьеб гъалмагъир ккарабго буйнакскалъул диваналъулаб экспертизагьабулеб бакIалде ана, амма ниж гьенире щвараб мехалда эксперт хIухьбахъиялде ун вугинги абун нижехъ гIинтIамичIо лъицаниги. Гьез гьереси бицун букIин хадуб тIатана. Гьеб мехалъ ниж ун МахIачхъалаялде экспертасухъегун нижеда рухун лъурал гIужазул суратал рахъана. Гьеб кинабго тIубан бахъун хадуб нижеца прокуратураялдеги, цIех-рехалъул комитеталдеги гIарзал хъвазе байбихьараб мехалда ниж ахIана Буйнакскалъул диваналъулаб экспертизаялде. Нижеца ахIи бахъинабураб мехалда хIухьбахъиялда вукIанин абулев вукIарав экспертги хIалтIудаго ватана.

Низам цIунулезе къваригIун буго гьеб тунка-гIуси нижеца багъаризабунин абизе, ниж тIаделъанин полициялъулаздейин абун баянал кьолел руго гьез. Гьеб буго гьереси, гьез хвезабуна къанунги халкъалъул ихтияралги. Гьединлъидал республикаялъулги Россиялъулги прокуратураялде, цIех-рехалъул идараялде ва ФСБялде гIарзал хъвана нижер киналго депутатаз гьел полициялъул хIалтIухъаби тамихIалде цIайилан тIалабги гьабун».

Рагъ-кьалалде буссараб гьеб дандчIваялъул 10 гIан гIахьалчи ккун вукIанин рузман къоялъ полициялъулаз, гьел киналгоги къватIире риччан ругин бицана депутатас « Эркенлъи» радиоялъе.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Фатина ГIубайдатовалъ «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго лъазабуна гьеб Буйнакскалда букIараб тунка-гIусиялъул чанго гIахьалчиясда тIад административияб иш рагьун бугилан.

Фатина ГIубайдатова: «ГIадлу-низам хвезабурав анкьго чиясда тIад протокол гьабун буго нижер хIалтIухъабаз. Гьел киналго административияб тамихIалдеги цIазе руго, гIакIаби тIад къотIун лъугIилин ккола дида гьеб иш. Нижеца щивниги ккунги вукIинчIо, гьанже-гьанжеги кколев гьечIо. Ккун рачарал чагIи кIиго сагIаталдаса нахъе риччаларо. Видеоялда бихьулеб буго гьел гIадамал низам цIунулезде тIаделъун рукIараб куц, гьез гьеб митинг гьабиги къанун хвезаби буго. Гьезда лъазабун букIана гури нужеца гьел тадбирал тIоритIугейин, амма гьез гIинтIамичIо. Гьезие ахIи-хIур къваригIун букIун бугоха. Гьединлъидал гьеб митингалда гъалмагъир гьабизе лъугьараб мехалда цIакъго кутак гьабулел рукIарал заманалъ полициялде рачун рукIана, ккун щивниги вукIинчIо гьезул».

Буйнакскалъул бетIерасул хъулухъалъе гIоло къеркьей жеги халат бахъине бугин абураб пикру загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул экспертаз. Гьелдаго рази вуго журанлист Маркъо ШагIбановги. Гьесул пикруялда рекъон Буйнакскалъул гьаб сагIат вугев мэр ХIусен ХIамзатовги гьесул бакIалде вачIине къваригIарав ГIусман ГIусмановги цоцадеги тIамун, гьезул цохIонигиявги течIого лъабабилев тIубан батIияв чи тезе вуго мэрлъун.

ХIамзатовги жиндие данде кколареблъи бичIчIизабунила ГIабдулатIиповас, ГIусмановги гьенив тезе бокьун гьечIолъи лъазабунила гьес, гьединлъидал кигIан цIакъ шагьарлъул мажлисалда 80 % бугел ветераназул партиялъ ГIусманов гурони жидее шагьаралъул бетIерлъуда къваригIун гьечIин лъазабуниги гьев Буйнакскалъул нухмалъуде вачIин щакаб жо бугин абулеб буго ШагIбановас.

БатIи-батIиял кьучI гьечIел баяназда рекъон Буйнаксалъул нухмалъуде рачIине бегьулезд гьоркьор рехсолел руго Дагъистаналъул Таможнялъул нухмалъулевлъун вукIарав Закарья ГIамиров, республикаялъул транспорталъул идарабазда гIемерас саназ хIалтIарав СагIид СагIидов ва республикаялъул коммуналиял хъулухъазулгун бакIал раялъул митистрхисулев МухIамад ГIабдулкаримов.

XS
SM
MD
LG