МагъчIваялъе рес

РукIа-рахъиналъул минимум - лъица гьеб чIезабулеб


Хиралъулеб баракат
Хиралъулеб баракат

Дагъистаналъул тIалъиялъ республикаялда цIияб рукIара-рахъиналъул минимум чIезабун буго. 2015 соналъул тIоцебесеб кварталалда букIаралда данде ккун гьеб 205 гъурущалъ цIикIкIинабун буго.

2015 соналъул кIиабилеб кварталалда Дагъистаналъул тIалъиялъ рукIара-хъиналъул минимум чIезабун буго республикаяллъе Гьеб бащалъун буго 8871 гъурщида, 2015 соналъул тIоцебесеб кварталалда букIараб 8666 гъурщиде данде ккун, 205 гъурущалъ бахун буго гьеб.

Дагъистаналъул статистика гьабулеб идараялъул баяназда рекъон, 1 сентябрялда чIезабухъе, кванил нигIматазул ва цогидал хъулухъазухъ багьаби гьоркьохъеб куцалда 100 проценталъ рахун руго. 2014 соналда рукIарал багьабазул индекс 2015 соналде 25 проценталъ цIикIкIун буго.

Гьедин, аслиял кванил нигIматазу багьа: ролъ, чакар, пиринчI, гьан ва цогидаб, кIицIул хиралъун буго араб соналъул август моцIалда рукIарал багьабазде данде ккун. Гьедин, гьанал килограмм араб соналда 180-190 гъурущ букIун батани, гьабсагIаталда гьелъул килограма 300-350 гъурщиде бахун буго.

РукIа-рахъиналъул минимум кколеб буго тIадал харжал, ай коммуналиял хъулухъазул багьаби ва магъалибигун цадахъ кванил нигIматазул багьаби тIаде жубан чIезабулеб къадар гIарцул, цо моцIие чиясе вукIа-вахъине гIолеб. Дагъистаналъул Экономикаялъул министерлъиялъ чIезабураб рукIара-хъиналъул минимум къайи-къоно ва нигIматал хиралъиялда данде ккун кигIаналъ ритIухъаб бугебали хIисаб гьабидал, гьеб тIубан баIияб кколин аулеб буго экономист Михаил Чернышовас.

ГьабсагIаталда тIолго улкаялдаго ругел хIакъикъиял багьаби хIисабалде росун гIуцIулеб бугонани, рукIа-рахъиналъул минимул 10 азарго гъурщидаса гъоркье букIине рес гьечIила.

Цогидаб рахъалъ, гьеб минимум сундуе чIезабулебали бичIчIизе кколила, гьеб бугила жиндаса гIодобегIанисеб харж, пенсия ва цогидаб мухь букIине бегьулареб роцен, амма хал гьабидал, рагIдукь бугеб экономикаялъул бищун кIудияб процент бугезул цояб кколила Дагъистан, гьединлъидал, къанагIалъи кколарила республикаялда гьелдаса гъорьке ругел мухь кьолел гIуцабиги.

Базарабазда кванил нигIматазул, тукабазда ратIлил, техникаялъул ва киналъулго багьаби рахиналъул кIиабилеб карачел инеб бугин гьабсагIаталдайилан абулеб буго МахIачхъалаялда бугеб бищун кIудияб техника бицулеб тукабазул цояб «Поиск» абулеб тукадул администратор Мурад ГIалибеговас.

Август моцIалда жаниб рукъалъул техникаялъул багьаби гьоркьохъеб ккцалда 15 проценталъ раханила, амма гIадамаз цебего гIадин босулеб бугила, ай дармил показателазул хиси гьечIила.

Кинаб бугеб пикру багьаби рахиналда банилан абуни, хамон ва цогидал улкабаздаса рачIарал хIанал кванаялъул гIадатиял гIадамазе ургъел кинго букIунарила, гьадинги дагъистаниязул гьоркьохъеб слоялъ гьебго гьан цо-кIиго нухалъ гурого кваналарила анкьида жаниб, амма гьабсагIаталда аслиял кванил нигIматазул багьаби ругила рахунин абулеб буго МахIачхъалаялдаса Салимат МухIамадовалъ. Гьей кколей йиго Дагъистаналъул Сельхозинституталъул хIалтIухъан.

Салимат МухIамадова: « ТIаде бачIараб кIинусго гъурщица щиб хисилеб? 300 гъурщиде гьанал килаги, 60 гъурщиде чакаралъул килограммги бахун бугеб мехалде щиб гьелъ хисилеб. Гьеб кIудияб кумак гуро, щай гурелъул гьелъ рахчуларо рахун ругел багьаби. Цадахго хиралъун руго коммуналиял хъулухъазул багьабиги. ТIоцебесеб иргаялда хIажатал нигIматазул багьа буго бахун, гьадинги гIадамал щибаб къойил гьан кваналел рукIунаро, анкьида жаниб цо-кIиго нухалъ кваналеб батила гьан. Кинго ракIалде кколаро, гьеб тIаде бачIараб кIинусго гъурщица къваригIел тIубалилан».

Долларалдаго цадахъ рахинарулел багьаби, гьеб гIодобе ккейгун гIодоре рачине гIедегIулел гьечIо ричарухъаби. Масала, доллар хираго букIаго босараб къайи учузго бичун жидее хайир кколарин багьанаби рачунел руго гьез. Дагъистаналъул монополиялде данде къеркьолеб идараялда баян гьабухъе, багьаби рахин хурхараб буго инфляциялда ва цадахъго долларалъул курс бахун букIиналда. КигIаналъ ритIухъаб бугеб хас гьабун кванил нигIматазул багьаби рахинали халгьаби тIобитIизе бугила.

XS
SM
MD
LG