МагъчIваялъе рес

Дербенталъул некIсиял бакIазда бакьулъ цIиял ресторанал


Дербенталъул Гагаринилги Лъабабилеб Интернационалалъулги къватIазул бокIнилъ бугеб 28 хъизаналъ гIумру гьабулеб букIараб мина биххун инеб бугеб басрияб бакI бугин абураб хIукму къотIун буго Дербенталъул администрациялъ.

Шагьар бакьулъ бугеб, бищунго гIемер транспортги гIадамалги аскIосан хьвадулебин абизе бугьелеб бакIалда бугеб, гIемер рукъзал ругеб, гьеб кIитIалаяб минаялъул бакIалда анкьтIалаяб цIияб мина базе ракIалда буго шагьаралъул нухмалъиялда.

Гьеб хIукумуялдаса разигьечIого руго гьеб минаялъур гIумру гьабун хутIараб лъабго хъизан. Гьенир гIумру гьабун ругезул цояй ГIалиева Руминаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб минаялъуса нахъе рахъине инкар гьабураб жидер лъабго хъизан хутIизегIан хутIарал гьениса шагьаралъул нухмалъиялъ гьересиги бицин гочинарунилан.

Балищ баларищали лъалареб цIияб минаялъуб рукъзал кьелинги абун, гьеб бан бахъинегIан рукъккун цойгидаб бакIалде рахъинарун руго гьел, Дербенталъул нухмалъиялъ гьезие рукъкквезе I0 азарго гъурущги бихьизабун буго.

ГIалиева Румина: «РичIчIуларел къотIи-къаязда гъулбасалги гьарун, лъабго хъизан хутIизегIан, хутIарал хъизанал гьаниса нахъе рахъинаруна шагьаралъул администрациялъ. Гьез бицунелъул кидаго кутак гьабула, батизе, гIемерисеб мехалда, нижее пайда гьечIеб жо батула. Гьез абулеб буго гьаб нижер рукъ биххун инеб бугилан,гьаниб гIумру гьабулезе хIинкъи бугеб хIалалда бугила гьеб, гьелъул бакIалда цIияб мина базе кколин.

Гьаб кибениги биххун инеб гьечIо, гьалъул руго 80 сантиметр гIеблъи бугел щулиял къадал, цониги бакIалдасан жеги кьватIелцин реххун гьечIо гьел къадазде. Шагьар бакьулъ бугеб бакI букIиналъ тIалъиялъе нижги гьаниса гочинарун жидеего бизнесалъе бакIал разе къваригIун буго гьаниб.

ХIисаб кьолеб мехалда документал рекъон рукIине, нижер рукъ биххун инеб бугин бихьизабизе гьениса нахъе рахъунел хъизанал тIамуна гьез жидерго рукъзал риххизаризе. ГIодоса хъарщи бахъана цояз, цойгидаз мокърукь бакI тIе-тIезабуна. ГьедигIан цIакъ нижер ургъел батани щайха шагьаралъул администрациялъ цониги нухалъ лъикIаб хIалалъ гьаниб къачIа-кIатIай гьабичIеб?

Гьез рачIарал къотIи-къаязда рекъон дир рукъалдаса гьитIинаб рукъ кьезехъин буго гьез дие цIияб минаялъуб. Масала, дир гьаниб гIаммаб къагIидаляъ 98 квадратный метр кIодолъи бугеб лъабго рукъ буго. ЦIияб минаялъубги дие лъабго рукъалъул секция бихьизабун буго 60 квадратный метр бугеб. Гьедин ниж гьаниса рахъине разигьечIин абун ниж чIараб мехалд диваналдеги кьун руго гьез ниж, диваналда хIукмуги къотIизабун хIалицаго рахъинаризехъин руго нахъе».

Жидер рукъалъул бакIалда анкьтIалаяб мина базе бегьуларила, гьеб некIсиял тарихиял бакIал ругеб шагьаралъул бутIа кколин абулеб буго гьеб цебехун рехсараб минаялъуса гочинарулел ругез. Гьениб кIиготIалаялдаса борхатаб бакI базе гьукъун бугила Россиялъул культураялъул министерлъиялъги.

Гьединлъидал кIиго тIала бан бахъарабго гьенир тукабигун рестораналги рагьун тIаде бакI бачIого тезе бегьулила шагьаралъул нухмалъиялъ, гьеб мехалда жидее рукъги цо киб букIаниги шагьаралъул рагIалда кьелин абун рахIат хун руго гIадамал.

Румина ГIалиева: «ЮНЕСКоялъул хIукмуялда рекъон нижер мина бугеб бакI тарихиял, цIунизе кколел бакIазда гьоркьобе уна. Гьаниб гIемертIалаяб мина базеги бегьуларо. Нижер рукъалда хьибилалдасан руго Шураялъулилан абулел некIсияб шагьаралъул каву букIараб бакI, гьединго чанго гIасруялъ цере шагьар сверун къан бан букIараб къедги.

Нижеца гьеб некIсияб архитектураялъе зарал гьабизехъин бугин, гьеб бакIалда гьанжезаманалъул мина балеб бугин абун Россиялъул культураялъул министрасухъеги, Шималияб кавказалъул некIсиял бакIал цIуниялъул жаваб кьолеб гIуцIиялдеги хъван букIана.

Гьезги жаваб бачIана хIалкIун гьеб бакIалда ругел минаби къачIазе кколин, къачIан бажарулел ратичIони гьездаго бащадал минаби разе кколин, букIаралдаса цо сантиметралъцин кIодолъизе бегьуларила гьел бакIалилан.

Гьедин букIаниги шагьаралъул администрация нахъе къалеб гьечIо. Нагагь гьез гьаниб анкьтIалаяб минаги бан тIаса нижее рукъзалги кьун гъоркь квана-гьекъолел кеп-гIоркьалъул бакIал рагьани гьелъулги хIинкъи буго нижее. Гьениб букIине бугеб хъуялъул бицинчIого, цойги хIисаб гьабизе ккола гьеб бакIалда гIаракъи бичизе лъугьина цоял, цойги гьединал бакIал гIадин гьанже диниял чагIаз кьвагьизабила гьеб, гьеб киналъукьго хIинкъун руго ниж».

Дербенталъул рукIа-рахъиналъул ва коммуналиял хъулухъалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго щибилан гьеб биххун инеб бугеб минаялъул гIадамал гаргаданиги, гьениса гьел гочинаризе ругилан. Гьеб жаниб гIумру гьабизе хIинкъараб хIалалда бугин абун бихьизабунила чанго экспертизаялъги бихьизабунин абулеб буго гьеб хъулухъалъул бетIер ГIали Рамазановас.

ГIали Рамазанов: «Гьел гIадамал пачалихъул басриял минабахъа гIадамал гочираниялъул программаялда рекъон нахъе рахъинарулел руго гьеб 3 Интернационалалъул къотIноб бугеб минаялъуса. Гьеб я дица, я шагьаралъул нухмалъиялъ, яги республикаялъул бетIерас ургъараб жо гуро.

ТIасанцебе нижехъе хIукму бачIун буго гьеб минаги биххизабун гьениса гIадамал гочинарейилан. Гьел гIадамазе къануналда рекъон цIияб бакIалда кколел рукъзалги кьезе руго. Гьезие чанги жо бокьичIого букIине бегьула, гьезул киналго тIалабалги тIуран бажаруларо, метер къоялъ майдан бакьулъ байин жидее минайилан чIезе бегьула гьел».

Гьеб Дербент бакьулъ тарихиял бакIазда аскIоб гIемертIалаяб мина базе гьукъун бугин ЮНЕСКОялъги культураялъул министерлъиялъгийилан абидал Рамазановас гьелда хурхун кинаб букIниги тIадкIалъай гьабун гьечIо. Диваналъ хIукму къотIун бахъарабго гьениб цIияб мина базе байбихьизе бугин абун буго гьес цохIо.

XS
SM
MD
LG