МагъчIваялъе рес

Чачаналъ зияратал рухIарал ккун руго


Чачаназул Курчалой мухъалъул Майртуп росулъа ункъго гIолиласде гIунтIизабулеб буго гьез зияраталда цIа лъеялъул гIайиб. Гьел мукIурлъун руго шайих Кунта-ХIажил муридлъун вукIарав Янгулби-ХIажи шайихил Курчалой росулъ бугеб зияраталде тIаде цIатариги тIун гьелда цIа лъеялъе. Цо-цо лъазабиязда рекъон, Кунта-ХIажил тухумалъул чи рагIула чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзанги.

Чачан республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница жиндихъего ахIун руго Янгулби-ХIажи шайихил зияраталда цIа лъурал гIолилал ва лъазабулеб буго интернеталда «экстремистияб хасияталъул» вагIзабаз гьабураб асаралде гъоркье ккун гьабураб бугин гьез гьеб ишин.

http://www.chechnya.gov.ru/page.php?r=126&id=17292

БакIалъул телевидениялдасан кIалъалаго Къадировас гьел гIолилазда гьабулеб букIана Сириялда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIаралгун бухьен букIиналъул гIайиб ва абуна гьезие ва гьезул хъизабазе нагIана батагийин.

Гьеб буго ахирисеб кIиго моцIалда жаниб Чачанлъиялда суфиязул шайихзабазул зияратазда цIа лъеялъул кIиабилеб хIужа. Гьелдаса цебе 9-10 октябралда цIа лъун букIун буго Шали росдал хабалалъ бугеб Кунта-хIажил муридлъун вукIарав Дурди шайихил зияраталда.

Доб мехалда щивго ккун вукIинчIо ва Къадировас рагьун гьелъул лъазабун букIинчIо. Амма чачаназул РухIияб идараялдаса цIар лъазабичIев чияс абун букIана гьеб букIанин 1920 соналда большевиказ диналъе тIадецуй гьабизе жубаралдаса нахъе Чачанлъиялда ккараб гьединаб тIоцебесеб хIужайин.

Гьел хIужаязда бан гIадатиял чачаназул пикру цIехана Эркенлъи Радиоялъ.

Макка Магомадова: «Мунапикъал гIемерлъун руго гьанже. Унго-унгояв бусурманчияс гьабуларо гьединаб жо. Аби бугелъул мадугьалас дуе квешлъи гьабун батани, гьесие квешлъи гьабичIого рукъги бичун гьесдаса рикIкIалъейин. Гьез къасд гьабулеб буго Аллагьасул рагIи бикьизабизе. Гьедин гьез жидеего жужахIги къачIалеб буго».

Руслан Висаитов: «Гьаниб киданиги букIинчIо гьединаб жо. Киши-ХIажил (Кунта-ХIажил эмен) вирд тIалъиялъ байрахъ гIадин борхун буго. Дида кколеб буго зиярат хIикъир гьабун гьел чагIазе тIалъиялъе зарал гьабизе бокьун букIун батилин. Амма кинго бичIчIулеб гьечIо гьеб мурадалъе гIоло зиярат щай бухIизе кколеб букIарабали».

Усман Вахаев: «Гьел ккурал гIолилазул гIагарал гьанже телевидениялдасанги рихьизарун гьезда болъоналин абулеб буго. Гьеб буго зияраталда цIа лъеялдасаги квешаб жо. ГIадамазе бокьулеб гьечIо гьеб спектакль. Гьеб жо гуро-гIагарал хIакъир гьари».

Кавказалда хурхун Эркенлъи Радиоялъул эксперт Лиз Фуллерица рикIкIунеб буго тIоцебесеб нухалда зияраталда цIа лъун букIун батизе рес бугин ургъунго, исламалъул суфиязул гуреб гIаркьелалъул рахъ кколел гIолилазде тIадецуй гьабизе гIилла букIинейин.

Къадировас рахъ кколеб «чачаназул гIадатияб исламалде» цо яргъидгIуцIарас абун букIанин «суфиязул маргьабигун бакIалъул гIадатал жубазабураб жойин» ракIалде щвезабулеб буго Фуллерица.

Шалиялда ккараб хIужаялдаса хадуб, цо-цо лъазабиязда рекъон, низам цIунулез кколел рукIун руго щаклъи бугелщинал. Мегежги тун микъал кIкIваразул чиго гьоркьов виччалев вукIун гьечIо.

ТIадехун бицен гьабурав ункъго гIолилав республикаялъул РухIияб идараялъул вакилзабаз вахъун чIезавулев вукIун вуго лъабго росулъ Курчалоялда, Гелдаганалда ва Майртупалда жамагIат бакIарарал данделъиязда.

Жеги лъалеб гьечIо гьел гьедин суризарунищ тезе ругел яги гьезда тIад такъсир гьабиялъул ишиш рагьизе бугебали. Вандализм абураб гIайиб гIунтIизабуни, туснахъалъул лъабго сон кьезе рес буго.

Рес бугин гьединго суризеги гьарун Къадировас гьезда тIаса жив лъугьунев вугин абизеги. Гьедин гьабун букIанин гьес жив чIвазе къасд гьабулел рукIанин абун ккурав 12 гIолиласда хурхунгиян абулеб буго эксперт Фуллерица. Эркенлъи Радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, гьеб къукъаялдаса Аргун росулъа Муслиевал абулел кIиго вац гьеб къоялдаса нахъе рокъоре тIадруссун гьечIо гьел кир ругелали гIагаразда лъалебги гьечIо.

XS
SM
MD
LG