МагъчIваялъе рес

Берлиналда туснахъ гьавун вуго Дагъистаналдаса имам


Полициялъулав Берлиналъул мажгиталъул кIалтIа
Полициялъулав Берлиналъул мажгиталъул кIалтIа

Гьал къоязда полициялъ Берлиналъул Моабит абураб мухъалда ккуна гьелъул цо мажгиталда имамлъи гьабулев вукIарав ХIажимурад абурав Россиялъул гражданин. Гьедин лъазабулеб буго Германиялъул информалатаз.

Гьев лъалила Мурад Атаев абураб цIаралда гъоркьги. Жеги тIубан мугъчIвай гьабизе бажаруларел баяназда рекъон, гьев вукIине ккола дагъистанияв. Амма гьабсагIаталда Дагъистаналда гьесул хIакъалъулъ лъалеб жо гьечIо.

Берлиналъул прокуратураялъул цо хIалтIухъанас прессаялъе гьабураб лъазабиялда рекъон, Мурад Атаевасда камилго лъалел руго гIурусги чачаназулги мацIал.

Германиялда бугеб Россиялъул вакиллъиялъул пресс-секретарь Сергей Беляевас журналистазе бицун буго кумек тIалаб гьарун гьев чияс жидехъе хитIаб гьабичIилан.

Полициялъул щаклъи буго Мурад Атаевас интернеталдасан вагIзаби гьарун, гIадамал ИГИЛалда гъорлъе цIалел рукIиналда, гьединго гьес гьеб гIуцIиялъе хIажатал алатал росиялда. ТIадежоялъе гьесул лъай-хъвай бугин дагьалъ цеве ИГИЛалъулазе кумек гьабулев ватун туснахъалъув лъурав динияв хIаракатчиясулгунилан рикIкIунеб буго полициялъ.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда жиндирго цIар бицине разилъичIев, Берлиналда гIумру гьабулев чияс бицана жинда рагIанила чанго къоялъ цеве полициялъ вачун ун вугин цо мажгиталда вагIзаби гьарулев вукIарав дагъистанияв. Гьесда лъалеб бугоан гьеб мажгитги. Амма гьенире хьвадулел гIадамазухъ балагьун, жинца хIаракат бахъанин гьениве хьвадунгутIизеян абуна гьев чияс.

Гьев живго Гьоркьохъеб Азиялдаса ккола, чанго сон буго гIумру гьабун Германиялда вугелдаса. Дин цо букIаниги, Шималияб Кавказалдаса яги гIарабалъа гIадамазулгун гьалмагълъи гьабичIого чIезе хIаракат бахъулин жинцаян бицана гьес, щайин абуни гьезда гьоркьор гIемер дандчIвалила гьеле гьел диниял ахIиял гьарулел чагIи.

Амма кавказиязда данде ккун, жалго гIарабазгицин гьедигIан тIатун бихьизабуларила дин батIияздехун рокьукълъи. Масала, шигIиял гъуризе Сириялде ине кколин малъа-хъваял гьаризе лъугьунила Европаялда ругел Шималияб Кавказалдаса суннитал.

Амма гьел суннитал рижарав Аллагьасго гурищдила шигIиталги рижун ругелин суал лъолеб буго дов Гьоркьохъеб Азиялдаса чияс. Гьедин Германиялда цIакъ гIемер чи кколев вугин жинца бицунел чагIазул асаралда гъоркьейин тIаде жубана Гьоркьохъеб Азиялдаса чияс.

Амма Австриялда гьеб рахъалъ иш дагьа-макъабго роцIцIунеб бугин гьанжеян бицана ЭР-ялъе гьеб улкаялда гIумру гьабулев чачанав ГIабдулагьица. Гьедин къанагIатги унарила гьениса Сириялде рагъизе гIадамал.

Гьенире рагъизе гIадамал ахIулев вукIарав дагъистанияв, мажгиталъул имам кквеялда бан гьадин бицана ГIабдулагьица ЭР-ялъе.

ГIабдула: «Нилъер гIолохъаби, чачаналги дагъистаниялги, кIудиял мажгитазул имамаллъун гьечIо гьанир, Европаялда. Мусаля абун рукIуна какал ралел бакIал. Гьенир хIалтIулел рукIине рес буго гьел. Гьединго гьел дора-гьанир кколел кавказиялги унголъунги террористазулгун гьоркьоблъиялда рукIун ратизеги бегьула. Щайгурелъул гьезул бухьенал руго Туркиялдаги Сириялдаги.

Узухъда, ахир-къадги Европаялъул хасал хъулухъазул кIичIикье ккола гьел. Амма гьелги ккола гIиси-бикъинаб пишаялъул чагIи. Гьеб вала-рахасалъул байбихьуда ругел аслиял чагIи къанагIатги кквезе щоларо хасал хъулухъазухъе. Киналго ккун рахъинегIан, гьезде ирга щоларо. ГъанцIаялъ ккола гIицIго гьезул рачIчIалда ругел чагIи».

ГьабсагIаталда Россиялъул гIалимзаби хIалтIулел рагIула Facebook, «ВКонтакте», Twitter гьиназдасан ИГИЛалда гъорлъе гIадамал цIалев чиясул гIаммаб сипат тIатинабулеб хасаб программа ургъиялда тIад.

16 октябралда Дагъистаналъул гIалимазул гIуцIиялъ хасаб лъазаби гьабуна Сириялда лъугьараб ахIвал-хIалалда тIасан. Гьелда абулеб буго хасал къуватаз къосинеги гьарун ритIулел ругин гIолохъаби ИГИЛалда гъорлъе.

Диниял гIалимзабаз кигIан гьукъа-къаял гьаруниги, гьезул санги гьабичIого анин гьел Сириялде, гьанже гьел жалго ругин гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалде ккун. ГьабсагIаталда Россиялъ Сириялда гьарулел тадбиралги гьеб пачалихъалда рекъелгун парахалъи чIезабиялъе гIоло гьарулел ишал ругин.

XS
SM
MD
LG