МагъчIваялъе рес

Щиб сабаблъун ккурал гIолилал?


БатIиял пачалихъазда исламияб лъай щварал гIолилал кколел руго Дагъистаналда низам цIунулезул рахъалъ хасаб кIвар бугеллъун. Гьедин , 13 марталъ ярагъ рехун, ккун рачун арал вацал ХIажиевазул цояв Каир шагьаралда исламияб лъай щварав вукIанин , гьеб гуреб батIияб гIиллаги жидеда бихьуларин лъазабулеб буго гьесул гIага-божараз. Дагъистаналда хIалуцараб ахIвал-хIал цIуни хIажалъун бугин низам цIунулезейин тIаде жубалеб буго гьез.

13 марталъ, радал сагIат 7 тIубараб мехалъ, Унсоколо мухъалъул Балахьуни росулъе Урал ва чанго Уаз автомбилазда рачIарал рагъулаз ва полициялъулаз чIухь бан буго ХIажиевазул рокъоб. Гьениб граната ва патронал ратанин абун ккун рачун ун руго вацал МухIамад ва СагIид ХIажиевал. Гьеб граната ва патронал рехи ругьунаб жолъун лъугьун бугила, кинабгIаги бегьулареб, яги гьукъараб жо гьабулел васалги рукIинчIила гьелин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ккун рачун аразул имгIал МухIамад ХIажиевас.

МухIамад ХIажиев: « Къуваталъул идарабаз бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде, хIалтIи гьабулеб букIин бихьизе жо гьабулеб буго. Жакъа радал Урал ва кIиго УАЗ автомобилазда маскIа хурал ва хечIел чагIи рачIун рукIана. Гьез рокъобе граната ва патронал рехун руго, рехун букIин бичIчIула, лъималазцин цуцада гьикъула чIухь базе рачIиндал чан патрон гьениб батарабдайилан. Ругьунаблъун ккун буго гьединб хIалтIи. ГьабсагIат гьезда гьеб тIаде босизабула, босиларин чIанани ток кьабун хIал гьабун, босизабула».

Цебеккун низам цIунулезул рахъалъан кинабгIаги кIалъай букIинчIила ккурал вацазул цонигиясдехун. КIудияв вац – МухIамад кколев вуго хIафиз, гьес жиндир заманаялъ Мисралда исламияб лъай тIалаб гьабун буго. Амма къватIисеб пачалихъалда цIаларав вукIин кинаб такъсир букIунебали бичIчIуларилан абулеб буго ХIажиевас.

Унсоколо мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялда инкар гьабуна кинабгIаги информация кьезе ккуразда хурхан, жидеда лъалеб жо гьечIилан абун. ГIолилазул гIагарал мухъалъул бетIерасухъе ун руго гьеб тIекълъи лъугIизабун, ритIухълъи тIалаб гьаби гьарун.

ГЬединго щибго лъалеб гьечIо феврал моцIалда тIагIарав Балахьуни росулъа ИсхIакъов ГIадалол. ГIага-божараз гьев низам цIунулез викъун вукIиналда щаклъи бугин абулеб буго. Гьевги кколев вуго чанго соналъ Мисралда исламияб лъай тIалаб гьабун цIаларав чилъун.

КъватIисел пачалихъазда исламияб лъай щварал гIолилал кколин бищун кIвар кьезе кколеллъун, гьел терроризмалде руссине рес бугел рукIиналъин лъазабуна гьал къоязда Пятигорск шагьаралда тIобитIараб ЦIуна-къаялъул мажлисалда Россиялъул Пачалихъияб цIуна-къаялъул шураялъул бетIер Николай Патрушевас.

Гьединал гIолилалгун хIалтIи гьабизе гIалимзабазул мажлис гIуцIулеб буго Хасавюрт шагьаралда. БатIиял пачалихъазда лъай щварал гIолазул Дагъистаналде тIадруссиндал ричIунгутIиял рукIунин жамгIияталда жанир, гьединал шартIал лъугIизаризе ва гьел изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гъорлъе иналдаса цIунизе гIуцIулеб бугин гьеб мажлисин баян гьабулеб буго Хасавюрталъул аслияб мажгиталъул имам ва гьеб мажлисалъул нухмалъулев ГIумарасхIаб ГIумалаевас. ГьабсагIат цо Хасавюрт шагьаралда вугила кIинусидаса цIикIкIун батIиял пачалихъазда исламияб лъай щварал гIолилал.

КъватIисел пачалихъазда лъай щун, тIад руссарал гIолилазде хасаб кIвар кьолин низам цIунулез ва гIемер захIмалъаби дандчIвалин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Унсоколо мухъалдаса МухIамадов Шамилица. Шамалда цIалун лъугIун, 2011 соналъ тIад вуссун вачIаралдаса жив чанго нухалъ вачанила цIех-рех гьабизе, цого суалал кьун. Жидецаго цIарал чIван, рикьулел рукIаго гIадамал, гьеб мажлис гIуцIиялъ щибго хисиялдаги щаклъи кколила.

МухIамадов Шамиль: « Гьел мажлисаз жо хисизабиларо, щай гурелъулъул гьеб гIуцIарал чагIи рукIуна халкъалда цо, хIукуматалда цебе цогидаб бицунел чагIи. Гьединал гIуцIиял гьарун бусурбаби рикьизариялъ буго кинабго хвезабун. Жакъа кигIан бокьаниги политикаги исламги рекъон бачун бажаруларо, гьеб битIарабги гьечIо. ХIукуматалъе бокьухъе къали кьабизе бегьуларо. Дора цIалун рачIарал, гьанир цIаларал абун, цIарал чIваялъ руго рикь-рикьизарун гIадамал».

1991 соналдаса 2000 соназде щвезегIан батIиял пачалихъазде лъай босизе гIолилал РухIияб идараялъ ритIулел рукIун ратани, ахираб 10 соналда жаниб , гьедин ритIун цIали гьабизе арал гIицIго 20 процент кколила гIаммаб цIали гьабулел ругел гIолилазул къадаралдасан,аслияб куцалъ гьел жалго унел ругилан лъазабулеб буго социолог Загьид ГIабдулабеговас жиндирго гIелмияб цIех-рехалда. Исламияб лъай тIалаб гьабун дагъистаниял унел пачалихъал кколел руго : Миср, Турция, Малайзия, Иран ва дагьаб цебе заманаялъ лъагIан аслияб бакIалда букIараб Шамги.

XS
SM
MD
LG