МагъчIваялъе рес

Исламияб литератураялъул «чIегIераб сияхI» халалъулеб буго


Россиялда экстремизмалъул магIна бугебин абулеб литератураялъул федералияб сияхIалде дагьаб цебегIан босун буго жеги микьго цIияб тIехь. Гьезда гьоркьор руго цереккунги гьебго сияхIалде босун букIараб «Крепость мусульманина» абураб тIехьалъул кIиго батIияб версияги. ХIакъикъаталдаги экстремизмалъул магIна бугебин абулеб литературалъун рикIкIине бегьулищ гьел тIахьал?

Экстремистияб литератураялъул рахъалъ гIуцIараб федералияб сияхIалда тIоцебе рехсолеб буго «Креспость Мусульманина» абураб тIехь. Гьеб тIехь цебеги гьукъараб сияхIалде босун букIана, хадуб ритIухъ гьабун букIана Россиялъул диванханаялъ. Гьанже кIиабизеги босун буго гьеб сияхIалде. Гьениб гьеб тIехьалъул кIиго батIияб версия буго, амма автор гьелъул цо вуго. Гьединго гьеб сияхIалда руго гьал хадур рехсарал тIахьалги: «Призыв», «Три основы», «Ислам - это реальность», «Мухаммад в библии», «Жемчужина веры», «Принципы правильного понимания в исламе».

ХIакъикъаталдаги экстремистазулаб литературалъун рикIкIине бегьулиш гьел киналго басмаби абураб суал кьуна нижеца Дагъистаналдаса диниял гIалимзабазе. Киналго гьел бицен гьабулел тIахьал ругин вагьабияз хъварал басмабиян бицана нижее Шамил мухъалдаса МухIамадрасул-хIажияс. Гьев ккола Гъогъолъ росдал имам. Гьединго гIун бачIунеб гIелалда исламияб гIелмуги малъулеб буго гьес. Мисалалъе «Крепость мусульманина» абураб тIехьалъул бицунаго гьес абуна Къуръаналдаса росарал цо-цо аятал гIурусалде таржама гьарулаго мекъаб магIнаги кьун рахъулел ругин гьелъул автораз, гьединлъидал экстермистазулаб литературалъун гьеб рикIкIиналда гIажаиблъи гьабизе кколарилан.

МухIамадрасул-хIажи: «Мисалалъе нужеца лагълъи гьабугеян абураб аяталъул магIна гьез хъван букIуна «не верьте никому помимо Аллаха» абун. Гьедин, тIубанго магIна жидерго идеологиялде дандккезабун хисизабула гьез. Гьел гурел цогидалги чанги мисалал рачине бегьула. Хъанчазде лагълъи гьабиялде данде ахIи барал магIнаялъул аятал жидеего дандекколедухъ хисизарун лъун руго гьез. Киналго тIахьал дида рихьичIо, амма «Бадру» абураб басмаханаялъ риччалел тIахьал киналго руго гьединал»

Дагъистаналъул рухIияб идараялъул экспертныяб бутIаялъ тасдикъ гьабураб гурони тIехь цIализе бегьуларилан абула кидаго республикаялъул диниял церехъабаз. Амма рухIияб идараялда гьединаб бутIа къан буго, гьединлъидал мадрасабаздаги цогидал бакIаздаги гIелму малъизе росулел тIахьал чIахIиял гIалимзабаз изну кьун гурони хIалтIизаризе бегьуларилан абулеб буго Буйнакскиялъул аслияб мажгиталъул имам ГIабдулакарим-хIажияс. Бицен гьабулеб бугеб микьабго тIехьалъул халги гьабун хадуб гурони гьезие къимат кьезе жинда кIоларилан мукIурлъана гьев. «Крепость Мусульман» абураб тIехь гьукъун хадуб Дагъистаналъул рухIияб идараялъ хIадур гьабураб версия бахъун букIанин гьелъул печаталде, гьеб тIехь бегьулин цIализе. Цогидал автораз хIадур гьабураб тIехь бугин гьежеги экстремистазул сияхIалде босараб тIехьилан абулеб буго ГIабдулкарим-хIажияс .

ГIабдулкарим хIажи, Бунаксиялъул имам: «ЦIализе бегьулелги бегьуларелги цIакъ гIемерал тIахьал риччан руго жакъа къватIире. РухIияб идараялда букIана «экспертныяб совет» абураб бутIа гьеб киналъулго тадбир гьабулеб, гьанже гьеб къаралдаса тIокIаб гьелъул хIалтIи гьабулев чиги гьечIо. Хъваралъе къимат кьезе лъалев божарав гIалимчияс изну кьун гурони бокьараб тIехь цIализе бегьуларо.

МахIачхъалаялда руго исламил тIахьал ричулеб «Свет ислама» ва «Рисалат» абурал чIахIил тукаби. Гьел тукабазда бичулеб бокьараб тIехь хIинкъичIого босизе бегьула, киналго гьел хал гьабурал тIахьал руго»

Амма гьеб микьабго тIехьалда гьоркьоб бугеб «Мухамед в Библии» абураб тIехь экстремистияблъун рикIкIиналдани разилъичIо гьев, щайин абуни «Таврат» «Инжил» ва цогидалги аварагзабазухъе рештIун рукIарал тIахьазда МухIамад (с.гI.в) аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ бициналда жаниб бегьулареб жо щибин бугебан абулеб буго гIалмичияс.

XS
SM
MD
LG