МагъчIваялъе рес

Исламофобиялъул кьалбал Кавказалда руго


ЦIалул идарабазде хIижаб чIван хьвадиялдехун кинаб бербалагьи бугебали Россиялъул регионазда тIобитIараб цIех-рехалъул гIахIалчагIаз аслияб куцалъ гьелда данде ругилан пикру загьир гьабун буго. Экспертасул пикруялда, хIижабалде данде бугеб халкъияб пикру кколеб буго халатбахъараб заманаялъ Россиялда тIибитIизабулеб букIараб исламофобиялъул хIасиллъун.

Социологаз Россиялъул 46 батIияб регионалда хIижаб чIван цIалул идарабазде хьвадиялда тIасан гIадамазда гъорлъ тIобитIараб цIех-рехалъул хIасилалда, цIех-рехалъулъ гIахьаллъаразул 74 проценталъ негативияб бербалагьи загьир гьабун буго гьелдехун.

2013-14 соналъ цIалул идарабазде хIижаб чIван хьвадиялда хурхун чанго лъугьа-бахъин ккун букIана цIалул идарабазда, гьедин МахIачхъала шагьаралъул чанго школазда школалъул тIалъиялъ гьукъун букIана хIижаб чIван цIалуде хьвадизе.

Гьединабго ахIвал хIал букIана цогидал регионазул школаздаги, масала, Ставрополь икълималда 2013 соналдаса бахъун, диваналъул хIукмуялда рекъон, гьукъун буго хIижаб чIван цIалул идарабазде хьвадизе.

Гьединго, Россиялъул Лъай кьеялъул министерлъиялъ лъазабун букIана хIижаб чIван цIалул идарабазде хьвадиялда данде бугилан. Амма официалиял лъазариял гьелда бан ахираб заманаялъ къотIун ругониги, халкъ хIижабалда данде букIин кколин исламофобиялъул хIасиллъулинан рикIкIунеб буго «Левада-центр» абураб социалиял цIех-рехал тIортIулеб гIуцIиялъул вакил Карина Пипияца.

Гьелъул пикруялда, Кавказалъул регионазда рукIарал рагъулал тунка-гIусиязда хурхун халат бахъараб заманаялъ кавказияздехун негативияб бербалагьи букIун буго цIех-рехаз бихьизабулеб, гьелъулго хIасилалда баккун буго исламофобияги.

Амма 2014 соналдаса бахъун, информалатаз Украинаялда бугеб кризисалде кIвар буссинабун букIиналъ, бусурбабазда хурхун бугеб жамгIияталъул лъикIаб гьечIеб бербалагьи улка тун къватIисев тушманасдехун буссун буго, амма халкъалъул хIинкъиял ва рокьукълъи кибего тIагун гьечIолъи бухьулеб бугила гьединл цIех-рехаздасан.

Дагъистаналдаса социолог Загьид ГIабдулагатовасул пикруялда цохIо Россиялда гуреги хIижаб чIваялда хурхун негативияб бербалагьи буго Европаялъул Франция ва Германия гIадал улкабазда. Социологасул пикруялда гьеб хурхараб буго ахираб заманаялъ цIакъ гIемер инфрм сурсатаз бицунеб «Исламияб пачлихъ» абураб гIуцIцIиялдасан хIинкъи букIиналда бан.

Социологас баян гьабухъе, Россиялдаги Европаялдаги исламалдехун рокьукълъи бижиялъул цIияб карачел букIине рес буго гьеб гIуцIи сабаблъун. Амма хIукуматалъ битIараб бербалагьи диналдехун букIинебилан тIамулел галаби гIаксияб хIасил кьолел кколел ругин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Загьид ГIабдулагатов: « Нилъеда киаздаго лъала, араб соналдаса бахъун школазда кьеззе байбихьана цIияб дарс «Дунялалъул динал» абураб Гьаб соналдаса бахъун гьеб дарс тIолго школабазда кьезе байбихьизе буго. Гьеб дарс тIаде жубаялъул мурадлъун бихьизабулеб букIана гIолеб гIелалъул дуняллалда ругел диназул бичIчIи ва лъикIаб бербалагьи букIин.

Амма хIакъикъаталдаги, гьеб дарсалъ диназда гьоркьоб бугеб кьватIи дагьабги кIодолъизабизе рес буго. Масала, гIурусазе насранияб дин бугин бищун лъикIабилан бицина. Гьаниб Дагъистаналда Ислам дин бищун лъикIаб бугин бицина, гьединаб букIине буго хIакъиъкат.

Гьел дарсал кьолезул ва цогидалъул бицинчIониги, гьеб мисалалдаса бичIчIула гьелъ лъикIаб рахъалдехун ахIвал-хIал хисизе гьечIоли. ЖамгIияталъул пикру ва бербалагьи цо къоялда, цо моцIида жаниб хусулеб жо букIунаро, гьелъ социлогиял цIех-рехазул хIасилал кIиго-лъабго сналъ цере рукIаралда батIиял тIуран рукIине ресги гьечIо».

ГIабдулагатовас тIаде жубана, исламияб ратIлиде кIвар кьей, гьединго ахираб заманаялъ цо-цо республикаязул тIалъиялъул вакилзабаз гIемер руччаби рачи къануналда рекъезаби тIалаб гьаби кколила ахирал саназ тIибитIулеб бугеб клерикализациялъул, ай диниял идарабаз хIукуматалъул цо-цо шартIал жидедего тIаде роси тIалаб гьабиялъул хIасил.

XS
SM
MD
LG